Рахьдал мацӏазул къо кӏодо гьабуна ДГУялъул филологияб факультеталдаги. Гьениб гӏолилаз бихьизабуна жиде-жидер миллатазул хаслъи. Гьелъие гӏоло гьез тӏибитӏун букӏана умумузул кванил тепси, ахӏана миллиял кучӏдул, гьаруна кьурдаби.
Магӏарул студентазул горсверуда хасаб чӏаголъи лъугьинабун букӏана гьеб киналдаго цадахъ жеги диалектазда кучӏдул ахӏиялъги.
Гьедин данделъарал пана гьаруна Цӏоралъул магӏарулазул, сугъулдерил, бежтӏадерил, цӏунтӏадерил, гӏахьвалазул мацӏазда ахӏарал сариназ.
Студентаз бихьизабуна бахӏарай лъадае ячунеб гӏадатги.
Гьезда рахьдал мацӏазул къо баркизе вачӏун вукӏана филологияб факультеталъул декан Шабан Мазанаевги. Гьес бицана ахирал соназда жидехъе цӏализе магӏарухъа гӏолилал гӏемер рачӏунел гьечӏин. Цогидал миллатал дагь ругонигицин жидее гьедигӏан ургъел кколароанин. Амма гьанже магӏарул студентал дагьлъиялъ жал пашманлъизарунин абуна деканас.
«Мацӏалги, гӏадамалго гӏадин, рижула, церетӏола, унтула, хола. Дунялалда бугеб анкьазарго мацӏалъул кӏиазарго мацӏ хутӏизе рес буго нусго соналдасан. Щиб лъалеб, нилъер мацӏалги ккезе бегьула гьезда гьоркьоре. Нилъеда чӏезабизе кӏоларо гьеб. Гьедин тӏагӏана дунялалдаса латинги, санскритги (индиязул), греказул мацӏалги. Цо заманалда ивритги букӏана дунялалдаса тӏагӏун. Амма жугьутӏаз гьеб цӏилъизабуна», — ян бицана Ш. Мазанаевас.
Гьединго нилъецаги сах гьаризеги цӏунизеги кколин нилъерго мацӏалин тӏаде жубана деканас.
З. ХӏАЖИЕВА