23 февраль квачараб бачӏана республикаялде. Радалго базе лъугьана гӏазу. Хъат-хъат гӏадал гӏазул хӏулабаз гьабугьин бахчана сверухълъи, шагьранухазда къана цӏер. Гӏодобкъо букӏиналъги батила, масала, тахшагьаралъул къватӏахъ гьедигӏанго гӏемер гӏадамалги машинабиги рукӏинчӏо, амма бугониги… Бугониги, гӏураб квекӏен гьабуна гьава-бакъалъ гӏадамазе.
Каспийскиялдагун Махӏачхъалаялда гьоркьоб бугеб цӏияб шагьранухда къараб цӏер сабаблъун, чанго машина цоцалъ речӏчӏана. Хушеталде сверулеб бакӏалда, кьода цебе ккана цоги авария. Цоцада хадуб лъугьараб халатаб читӏир сабаблъун, гӏужда машина лъалхъизабун бажаричӏого, гьоркьоб заман индал, данд тункана жеги чанго автомобильги.
Буйнакскиялдагун Махӏачхъалаялда гьоркьоб бугеб габурлъи накӏкӏуца бацун бугин, цӏодорлъи гьабейин хъвалеб бугоан социалиял гьиназдаги. Гьурал сабаблъун машинаялде тӏаде гъветӏ бегараб хӏужа ккана Махӏачхъалаялъул Редукторазул поселокалда.
Гьурал рахъун, мугӏрузда ва гӏодоблъиялда ругел чанго районалда ток свана. Канлъи къотӏана Махӏачхъалаялда аскӏорго ругел поселоказдеги. Мисалалъе, Караманалда гӏумру гьабун ругел гӏадамазул гӏарз буго гьадинги чанго къоялъ токги свинабун рукӏарал жидее, 23 февралалда газги къотӏизабунилан.
Газалъул хъулухъалъ гьелъие гӏилла баян гьабуна: «Чапаев» абураб, газ бикьа-къотӏулеб станциялда реконструкция гьабулеб букӏиналда бан, къотӏизабунила жидеца гьеб, хадубккун газалъул тӏадецуй цӏикӏкӏинабиялъул мурадалда.
цӏикӏкӏинабиялъул мурадалда. «Ремонталъул хӏалтӏаби гьаризе батун бугеб заман. Гӏадатияб къагӏидаялъ гьединал хӏалтӏаби цере гьарулаан хасел тӏаде щвелалде. Бищун квачараб гӏужалъ кин бегьулел гӏадамал хинлъи гьечӏого тезе? Курткабиги ретӏун руго ниж рокъор. Лъимал хинлъи чӏезабизе кӏвелародайин абун доре-гьанире рекерахъдулел руго», — ян жиндирго рази гьечӏолъи загьир гьабуна Караманалда гӏумру гьабун вугев Гӏалиев Мухӏамадица. Караманалда гӏумру гьабун ругез абула жал ругила салул авлахъалде бахъун рехараб хьит гӏадин, киназдаго кӏочон тарал чагӏи. Бакӏалъухъ балагьун гьел унел уго Хъумторхъала районалде гъорлъе, амма административияб низамалда рекъон, гьел кколел руго Махӏачхъалаялъул администрациялъул къайимлъиялде.
23 февралалде гьава-бакъалъул хиса-басияздаса хадуб 168 000 чи хутӏана канлъиги гьечӏого.
Гьелда бан хехаб куцалда «Дагъэнергоялъ» хӏалтӏуде вахъинавуна жидерго 151 чиги, 52 техникаги. Гьедин 23 февралалъул сагӏат лъабгоялдехун гьез лъазабуна ток гьечӏого хутӏун рукӏарал гӏадамазул гӏемерисезул (70 процент) рокъобе канлъи кьунилан.
24 февралалде нухазда ахӏвалхӏал жеги хӏалуцанин абизе бегьула. Шагьранухазда чӏвараб цӏер битӏахъе чини гӏадин кенчӏолеб букӏана цо-цо бакӏазда. Радал хӏалтӏуде унел гӏадамазе кӏудияб квалквалги ккана. Рес бугев чияс машина къватӏибе бачинчӏого тана. Амма жамгӏияб транспорталъул рахъалъ гӏураб хӏалкъайги букӏана.
Гъизилюрталдаса Чӏикӏабе унеб шагьранухги заманаялъ къан бугин хъвалеб буго информациялъулал алатазда.
Гьеб киналдаго гьоркьоб таксиялъул бетӏергьабаз щвараб ресалдаса пайда босичӏогоги течӏо. Цебесеб къоялъ цо рахъалдехун рекӏаралъухъ босулеб букӏараб, масала, 160 гъурщил бакӏалда, гьанже 380 гъурущ тӏалаб гьабулеб буго
Чаракъосараб хӏалалде ккарал хвасар гьарулеб хъулухъалъул идараби, 23 февралалдаса нахъе хӏалтӏулел руго цӏакъго кьварараб низамалда. «Россети Северный Кавказ» гӏуцӏиялъул гьариялда рекъон, нилъее кумекалъе жидерго хӏалтӏухъаби республикаялде рачӏана «Чеченэнерго» АОялъги.
Ашахан Юсупов