Араб анкьалда Авар театралда тӏобитӏана «Дагъистан» басмаханаялъ къватӏире риччарал авар адабияталъул классикал Хъахӏабросулъа Махӏмудил ва Цӏадаса Хӏамзатил тӏахьазул церелъей. Дандеруссин нухда бачана филологиял гӏелмабазул доктор Ахӏмад Муртазагӏалиевас. Гьес ракӏалде щвезабуна классиказул творчество ва бицана «Дагъистан» басмаханаялъ Дагъистаналъул адабияталъул классиказул тӏахьал цӏидасанги къватӏире риччаялъе гьабулеб бугеб хӏалтӏул.
Гьенир кӏалъазе рахъана ва шагӏирзаби ракӏалде щвезаруна «Дагъистан» басмаханаялъул директор Гӏумаргӏусман Хӏажиевас, Россиялъул Журналистазул союзалъул Дагъистаналда бугеб отделениялъул председатель Гӏали Камаловас, «Хӏакъикъат» газеталъул бетӏерав редакторасул заместитель Зикрула Ильясовас.
Театралъул артистаз рикӏкӏана, ахӏана Махӏмудил ва Хӏамзатил кучӏдул. Актераз рихьизаруна «Махӏмуд ва Муи» ва Хӏамзатил пьесабаздаса бутӏаби
Магӏарулазе цоги нухалда рес щвана Махӏмудил лирикаялъухъги Цӏ. Хӏамзатил гӏумруялъул дарсазухъги гӏенеккизе.
Гьединго данделъиялда гӏахьал лъана Франциялда гӏумру гьабун йигей ва гьениб «Кавказалъул клубалъе» нухмалъи гьабулей Ума Хӏайбулаева ва гьелъул лъабайго яс. Ватӏаналдаса рикӏкӏад ругониги, гьез берцинго бицунеб букӏана магӏарул мацӏ.
Хӏамзатил Расулил дунялалдаго машгьураб «Къункъраби» кечӏ гьез рикӏкӏана магӏарул, гӏурус ва ингилис мацӏазда.
Ш. ХЪАЗАНБИЕВА