Гӏахьвахъ районалъул Местӏерухъа Ибрагьим Юсупов хӏалтӏулев вуго ДИРОялда корректорлъун. ДГУялъул филологияб факультет лъугӏидал, гьев учительлъун хӏалтӏана Цӏолода росдал школалда. Кӏиго соналдасан тӏамуна Ингердахъ росдал школалъул завуч-гӏуцӏарухъанлъун. 1992 соналде щвезегӏан гьенивги хӏалтӏун, Ибрагьим гочана гӏатӏиракьалде. Кирпич-хъутаналъул школалда лъагӏелалъ хӏалтӏана завучлъун ва 18 соналъ гьабуна директорлъи.
ДРялъул лъай кьеялъул отличник, ДРялъул мустахӏикъав учитель, 2000-2006 соназда -«Россиялъул школалъул лъагӏалил директор» И. Юсупов 2012 соналдаса нахъе хӏалтӏулев вуго Дагъистаналъул лъай кьей цебетӏезабиялъул институталда. Гьесулгун гара-чӏвари гьабуна нижеца.
— Ибрагьим, ДИРОялъе корректор щай?
— Цебегоялдаса нахъе институталда буго редакциялъулабгун издательствоялъул отдел. Нижеца хӏадурулаан «Модернизация образования» абураб институталъул журнал. Гьанже дида тӏадаблъун гьабун буго институталдаса къватӏибе унеб кинабго корреспонденциялъул хал гьабизе. Институталъул ректорлъун Хӏамзат Жамалудинов тӏамуралдаса нахъе цӏикӏкӏана хӏалтӏиги, гьарулел ишалги камиллъана.
— Гӏезегӏан заманалъ хӏалтӏулев вуго мун ДИРОялда. Кинаб пикру бугеб дур учительзабазул лъая лъул хӏакъалъулъ?
— Дун щола гӏемерал районазде. Битӏараб бицани, гӏолохъанал учительзабазул лъай загӏипаб буго. Гьабсагӏаталда руго лъаялъул хал гьабиялъе чӏезарурал хасал критериял. Гьезда рекъон кколарел учительзаби гӏемер руго, хасго гӏолохъаназда гьоркьор. Масала, гӏурус мацӏалъул учителасда лъаларо, чан гъалатӏалъухъ кинаб къимат лъолебали -диктанталда, сочинениялда, изложениялда.
— ЕГЭялда хъвалеб хӏалтӏулищ дуца бицунеб бугеб?
— Гуро. Учителасда лъазе ккеларищ дарсида хъвараб диктанталъе кинаб къимат лъелебали? ЕГЭялда рукӏунел творческиял хӏалтӏабазухъ къимат лъолеб къагӏида гьезда лъала — гьаниреги ахӏун, малъун букӏиндал. Щибаб соналъ хӏадурула гьелъие хасаб программа ва институталде ахӏула «багӏараб зонаялдаса» учительзаби. Хал гьабула учительзабазул лъаялъул даража. Щибаб лъагӏалида жаниб кӏицӏул гӏуцӏула институталъул, вузазул ва школазул бищун лъикӏал учительзабазул «методикияб десант». Гьеб уна щибаб «багӏараб зонаялъул» районалде. «Багӏараб зонаян» абула ЕГЭялда бищун квешал хӏасилал ккарал школалги районалги.
— Цоги кинаб гӏунгутӏи бугеб учительзабазул?
— Цо-цо учительзабаз лъималазда бецӏулеб буго гьезул эбел-инсуда яги цогидал гӏагарал чагӏазда бахъараб ццин. Цӏалдохъанасе лъикӏаб къимат лъоларо, гьесда заманалда дарс гьикъуларо, хасго хӏадурун вачӏун вихьулев вугони. Гьеб буго бегьизего бегьулареб жо! Кин гьединав чиясда учителин абилеб?
— Абулеб букӏана улкаялъулго школазда ригьалде рахарал учительзаби хӏалтӏулел ругин, гӏолохъаназе бакӏго толеб гьечӏин абун…
— Нижер гӏелалъул учительзаби школалдаса нахъе ани, букӏине бугеб ахӏвал-хӏал цебечӏезабизецин хӏинкъулев вуго. Гӏолохъанал ва лъайгун бажари камилал учительзаби унел гьечӏо школалде хӏалтӏизе. Кӏудияб квербакъи ккечӏо гьеб рахъалъ «Росдал учитель» абураб программаялъулги.
Цо-цо школал руго педагогал гӏоларого. Цо-цоязда гӏемер руго цогояб махщел бугел учительзаби. Масала, Гӏахьвахъ районалда Местӏерухъ росу кидаго рикӏкӏунаан филологазул росулъун, Тӏукитӏа — математиказул росулъун. Гьабсагӏаталда кисанго ахӏи балеб буго ингилис мацӏалъул учительзаби гӏолел гьечӏин. 18 районалъул школазда хал гьабураб мехалда, ватана жиндир дипломалда рекъон кколареб дарс кьолев 400 учитель. Кинха гьел хӏажалъиларел, ингилис мацӏалъул ва цогидал предметазул лъикӏал учительзаби Гӏахьвахъеги, Цӏумадеги, Цӏунтӏеги унареб мехалда?
— Педагогияб лъай гьечӏониги, РФялъул Лъай кьеялъул министерствоялъ ихтияр кьуна вузалда цӏалун вахъарав махщелчиясе школалда учительлъун хӏалтӏизе…
— Дица гьеб пикру къабул гьабуларо. Гьеб буго заводал-фабрикалги къан, хӏалтӏудаса махӏрумлъарал инженеразеги цогидал махщелчагӏазеги «малъараб» нух, ай гьезул рази лъунгутӏи лъугӏизабизе ургъараб жо. Предмет лъан гӏоларо -лъазе ккола гьеб малъулеб къагӏидаги, хӏажалъула цӏалдохъабазулгун накъиталъе гьунарги. Педагогияб факультеталда цӏализе ккола лъималазе тарбиягун лъай кьезе ракӏалъ ахӏарал абитуриентал. Учительлъун вахъине ракӏго билълъинчӏев инженерас щиб малъилеб цӏалдохъабазда, масала, гӏурус, ингилис мацӏазул яги историялъул дарсида?
— Пандемиялъ киналго рокъор чӏезаруна. Хӏасил кинаб ккараб?
— Рокъосан цӏализарурал лъималазул лъай берда бихьулаго хашлъана: гӏемерлъана аттестат гьечӏого хутӏарал цӏалдохъаби. Нилъер учительзаби хӏадур рукӏинчӏо рикӏкӏадасан лъай кьезе (гьанже гьеб рахъалъ мадар бугин абизе бегьула). Щвалде щвараб лъай кьезе рес щоларо рикӏкӏадасан цӏали гӏуцӏиялъ. Хасго байбихьул школалъе данде кколаро гьеб къагӏида.
Гара-чӏвари гьабуна Кавсарат СУЛЕЙМАНОВАЛЪ.