Халкъазда гьоркьосеб рахьдал мацӏазул къоялде чанги лъикӏаб, байрамалде сверараб тадбир тӏобитӏана араб анкьалъ республикаялда.

Бищунго гвангъарал тадбиразул цояб букӏанин абизе бегьула 19 февралалда, Хасавюрт шагьаралъул №3 гимназиялда.

«Единая Россия» партиялъул квербакъигун, шагьаралъул лъай кьеялъул управлениялъул хӏаракаталдалъун гӏуцӏараб гьеб тадбиралъ жанибе бачана халкъазда гьоркьосеб рахьдал мацӏазул къоги, Хасавюрт шагьаралъ 90 сон тӏубайги, Дагъистаналъул автономия лъазабуралдаса 100 сонилаб юбилейги.

Гьенир гӏахьаллъана шагьаралъул администрациялъул вакилзаби, лъай кьеялъул управлениялъул нухмалъулел, Хасавюрталъул ва мадугьалихъ ругел районазул школазул директорал, Махӏачхъалаялдаса рачӏарал творческияб интеллигенциялъул вакилзаби.

Байбихьудаго абила-гьедин камилго, квартӏа кӏутӏизе бакӏ гьечӏого гӏуцӏараб тадбирал гӏемер дандчӏваларо. Чӏамучӏал кӏалъаял гьечӏеб, кьочӏое босараб темаялдаса кьуричӏеб гьеб тадбиралъ гьитӏинабго сценаялда рагьана тӏолабго Дагъистаналъул рухӏияб бечелъи, Хасавюрталда гӏумру гьабун ругел миллатазул хаслъи. Цо батӏияб шавкъгун школазул цӏалдохъабаз рахьдал мацӏалда цӏаларал кучӏдуз битӏахъе бадиб магӏу хулизабуна.

Гьалбадерида дандчӏвазе, гьел тӏоритӏизе, жибго тадбиралъул программа бечед гьабиялъулъ цӏикӏкӏараб бутӏа лъуна рахьдал мацӏалъул мугӏалимзабаз. Зурмил накуялъухъе, хъахӏмаккал гӏадин чӏурканго сценаялдеги рачӏун, магӏарулазул бертадул гӏадат рагьулеб цо бутӏаги бихьизабуна гьез.

ДАГЪИСТАНАЛЪУЛ КӏОДОЛЪИ ГЬИТӏИНАБ СЦЕНАЯЛДА

— Рахьдал мацӏазул дарсазе кьолел сагӏтал Хасавюрталъул школазда тӏаса къунцӏичӏо. Гьеб рахъалде нужер бугеб жавабчилъи цогидал шагьаразеги, гӏемериселго районазеги мисаллъун буго, — ян абуна жиндирго кӏалъаялда, Авар мацӏалъул мугӏалимзабазул ассоциациялъул нухмалъулей, «Магӏарулай» журналалъул редактор Баху Мухӏидиновалъ.

-Гӏицӏго рокъор жиде-жидер лугъаталда кӏалъан миллияб мацӏалъул бечелъи лъималазе щвезе рес гьечӏо, нилъерго болмацӏ бицине, гьеб мацӏалда эркенго цӏализе ругьун гьаризе ккола гьел гьитӏинго. Республикаялда рахъулел миллиял газеталгун журналал ва хъвадарухъабазул асарал цӏалулелги дагьлъулел руго къо бахъанагӏан, гьебги буго нилъ пашманлъизе кколеб хӏужа, — янги абун, Мухӏидиновалъ кӏвар буссинабуна гьаб заманалда масъалалъун лъугьараб суалалдеги.

Хасавюрт шагьаралда гӏумру гьабун гӏемерисел магӏарулал ругониги, гьенир тӏоритӏулел тадбирал гӏуцӏулаго цӏунун букӏуна миллатал ращад гьарулеб хасаб цӏодорлъи.

— Гьаниб гӏадин Дагъистаналда цойги кибха бихьилеб ва рагӏилеб, нилъер мадугьалихъ бугеб республикаялъул культура, мацӏ,-ин абуна, чачан миллаталъул цӏалдохъабазул ва мугӏалимзабазул церерахъиналъ жиндиего гьабураб асар загьир гьабулаго, магӏарулазул машгьурай шагӏир Тубхӏат Зургьаловалъ.- Рекӏелъе гьоцӏо тӏинкӏулеб тадбир — гьедин абула магӏарулаз гьадинаб магӏнаяб данделъиялда.

Дагъистаналъул мустахӏикъав артист Шамил Ханакаевас гьеб тадбир нухда бачараб къагӏида. Магӏарулгун гӏурус мацӏазда Ватӏаналде рокьи загьир гьабулел кучӏдулги ахӏана Шамилица.

Богогьабаз цоцалъ къец бан гӏа дин, кьер-кьерал миллиял кванил нигӏматазул тепсиги хӏадурун бугоан рахьдал мацӏазул мугӏалимзабаз. Гьединго, гимназиялъул жанахӏа лъуб гӏуцӏун букӏана, щибаб миллаталъул мацӏазда дарсал кьезе рахъарал пособиял, поэзиялъулгун прозаялъул тӏахьал, умумузул тӏа гӏел-алатал лъурал выставкаялъул бокӏнал.

ЦӏИ-ЦӏИЯЛ ГӏЕЛАЗУХЪЕ КЬОЛЕБ РУХӏИЯБ ИРС

Ахиралдаги, баркиялъул къо къабго каламгун, цеве вахъана гьеб тадбир гӏуцӏиялъулъ цӏикӏкӏараб бутӏа лъурав ДРялъул Халкъияб собраниялъул депутат Ризван Голоев.

— Гьадинал байрамаз цӏи-цӏиял гӏелазухъе кьола миллияб рухӏияб ирс, гьезул ракӏазулъ щулалъизабула ватӏаналде рокьи, гъира базабула жидерго шагьаралъул, республикаялъул тарих лъазабиялде. Умумузул ракьалъул, гӏадатазул къимат цӏунараз чияр культураялъулги хӏурмат гьабула. Дагъистаналъул миллатал цоцалъ гъунки, гьуинлъи цӏикӏкӏин- гьеб буго мурад. Хадурккунги гьадинал байрамал тӏоритӏизе, миллатазул хаслъи цӏуниялъул хӏалтӏи жеги камиллъизабизе ниятги буго нижер, — ин абуна Голоевас тадбиралда гӏахьаллъаразе баркала кьолаго.

Бищунго лъикӏал рахьдал мацӏалъул мугӏалимзабазе баркалаялъул кагътал ва гӏарцулал шапакъаталги кьуна гьенир.

Батӏаго бицине мустахӏикъаб бутӏа лъуна гьениб Хасавюрталъул «Мугӏрузул дандерижи» («Эхо гор») фольклоралъулгун кьурдул ансамблялъ. Гьезул кьурдул расеналъулъ гуребги, ратӏлил фор- маялда угьарал накъишазулъцин цӏунун бугоан щибаб миллаталъул хаслъи. «Мугӏрузул дандерижи» ансамбль рикӏкӏуна республикаялъул кьурдул ансамблязул бищун лъикӏазул цояблъун. Гьев хореографги вуго Дагъистаналъул мустахӏикъав артист Давудбек Хӏасанов.

Патӏимат ГЬИТӏИНОВА