Анварбег Асилдаровасулгун гара-чӏвари гьабизе уней йигин абидал, гьесул ракьцояс бицана нахъаса вахъине цӏайи бугев чи вукӏаравани, Чабанмахьи бихьизабураб бахӏарчилъиялъе гӏоло гьесие Россиялъул Бахӏарчиясул цӏар кьолаанин. Гьелъул хӏакъалъулъ Анварбегида бицен гьабидал, гьедин ккеялъулъги цо сабаб батилин жаваб кьуна гьес. Хадубго тӏадеги жубана, нахъа къуват гьечӏогоги жив гьечӏила -Аллагь вугила жинда нахъа. 1999 соналда бихьизабураб бахӏарчилъиялъухъ А. Асилдаровасе кьуна «Бихьинчилъиялъул орден».

Гьесул гӏумрудул саламатабго заман, рагъулав хъулухъчи вукӏиналъ Дагъистан бахун къватӏиб ана. Дагъистаналде тӏад вуссиндал, Анварбег хӏалтӏана МВДялда. Гьабсагӏаталда гьес дарсал кьола ДГУялъул юридикияб факультеталъул студентазе.

Анварбегица басмаялда бахъун буго гӏелмияб 40 хӏалтӏиги. Аслияб куцалда, экстремизмалда хурхарал хӏалтӏаби руго гьел.

Тӏадегӏанаб лъай щвана цин 1970 соналда, Ленинградалда рагьараб СССРалъул МВДялъул тӏадегӏанаб политикияб училищеялда. Хадуб — 1983 соналда, Москваялда Тӏолгосоюзалъулаб юридикияб институт лъугӏидал. 1986 соналда СССРалъул МВДялъул тӏадегӏанал курсаздаги цӏалана.

Асилдаровасул биография буго гӏезегӏан бечедаб. Масала, 1991 соналда улкаялъул нухмалъиялъ, гьес бетӏерлъи гьабулеб къокъаялда тӏадкъан букӏана Мугӏрузул Гъарабагъалда азербайжаназдаги эрменияздаги гьоркьоб лъугьараб хӏалуцин гӏодоцинабизе. Хадур гьединалго тадбирал Анварбегида тӏад къана нилъерго гьанирги. Масала, 1993 соналда Махӏачхъалаялда халкъиял депутатазул съезд байбихьулеб заманалде дандеккун СИЗОялда бахъинабураб ахӏи-хӏур лъугӏизабун буго гьес.

1995 соналда А. Асилдаровасул отрядалъ ккуна Лъаратӏа районалъул Харада росулъан бугеб гӏорхъодасан чачаназул боевиказе гӏемераб ярагъги къайи-цӏаги босун унеб букӏараб хъачагъазул къокъа.

Асилдаровас нухмалъи гьабуна 1999 соналда Чабанмахьиса террористал нахъе гъураб къокъаялъеги. Хадур хъачагъазул хутӏелаздаса рацӏцӏад гьаруна цогидал росабиги.

Гьединго гьесул къокъаялъ квербакъана чачаназул авлахъалъулав командир Руслан Гелаевасул къокъа кквезеги.

Анварбегил хъизан-агьлуго буго гӏадлу-низам чӏезабиялъул нухдасан унеб. Масала, Хъара Хъараевасда цадахъ гьесул кӏудияв эмен Гӏабдулмажид вагъана Дагъистаналда советияб власть бергьиналъе гӏоло. Эмен кколев вукӏана Кӏудияб Ватӏанияб рагъул гӏахьалчи. Анварбегил кӏудияв васги гӏахьаллъана рагъулал лъугьа-бахъиназулъ. Милициялъул школа лъугӏизабуна гьитӏинав васасги.

Анварбег ккола терроризмалда ва коррупциялда данде къеркьезелъун ДГУялда гӏуцӏараб централъул нухмалъулевги.

Байбихьуда Анварбеггун дун гӏемер мехалъ кӏалъана терроризмалдагун диналда сверухъ республикаялдаги дунялалдаги бугеб ахӏвал-хӏалалъул бицун. Гьеб рахъ рагӏа-ракьанде щун лъай гуребги, исламалъул тарихги, Аварагасул хӏадисалги рукӏана гьес цин гӏараб, хадуб магӏарул мацӏазда рехсолел.

— Анварбег, дуда гьаб хӏалалда диналъул тарих кин лъараб?

— 30 соналъ росдал дибирлъун вукӏана нижер эмен. Гьев сабаблъун цӏалана дица Къуръан. Рама- зан моцӏалъ таравихӏалъул какал разе нижехъе гӏадамал рачӏараб мехалда инсуца нахъасан хӏосги бан, рахалаан каву. Гьитӏинав чи дунги вукӏунаан гьезда цадахъ. Гьединго мунагьал чураяв кӏудияв вац Гӏабдулагьица малъана Къуръаналъул аятазул магӏна гьабизеги. Хадуб дица аварагзабазул гӏумру лъазабуна чанго батӏияв гӏалимчияс хъварал тӏахьаздасан. Кутакалда лъикӏаб тӏехь буго Сагӏид афандияс хъварабги.

— Дур хӏалтӏулъ кинаб кумек гьелъ гьабулеб?

— Масала, жакъасел студентал каккӏалалъул чагӏи кколелъул, гьезие кӏудияб асар гьабула дарс кьолеб мехалда диналъул тарихалдаса дица рехсолел хӏужабаз.

Кӏикъогогӏан сон бана дун росулъа аралдаса, амма Аллагь рекӏелъа араб къо дир гьечӏо. Гӏараб мацӏ лъазабулеб факультеталде цӏализе лъугьине бокьунги буго.

— Гьанжейищ?

— У. Хвезегӏан цӏали гьабулев вукӏине бокьилаан дие. Гӏелмуялда хадув лъугьун хварав чи шагьидасда ващалъизавулевлъидалха. Мухӏамад аварагасги абун бугелъул Аллагьасда божиялъул бащалъи кколин лъай тӏалаб гьабейилан.

— Нужер факультеталда цӏалулел студентазул лъаялъул даражаялда ракӏ рекъолищ дур?

— Гьезул лъай мукъсанаб бугилан дица абиларо, амма хадубккунисеб гӏумрудулъ гьеб лъай къваригӏараб бакӏ дагьаб буго. Хӏалтӏи щваниги, моцӏрое щолеб мухьги мукъсанаб буго.

— Чӏадаколоса чи хӏисабалда, дзюдоистлъун вахъинчӏого кин мун хутӏарав? Гьенир дзюдоистал гӏемер ругелъул.

— Дун гугарулаан. 1966 соналда гугариялъул рахъалъ тӏобитӏараб Дагъистаналъул чемпионаталъул призёрги ккола дун. Хадув вахъана мастерлъиялде кандидатлъун.

Гьединго гимнастикаялъулги хӏалбихьана дица. Гьеб рахъалъ лъикӏал хӏасилалги рукӏана. Гимнастикаялде жуван вукӏинчӏевани, рагъулав хъулухъчилъунги вахъинароанин ккола дида.

— Вахӏ, кинаб бухьен бугеб гьезда гьоркьоб?

— Къаркъалаялда ругел киналго ччорбал гурелги, гӏакълу-лъаялъул рахъ лъадаризеги квербакъула гьелъ. Рагъулаб хъулухъалде дун ккана гьадин. Каспийскиялда ГПТУ-6 лъугӏун хадув, дун кӏудиял вацазда аскӏове, Душанбеялде арав чи, армиялде ахӏана. Гьел вузазда цӏалулел рукӏана дора. Армиялда тӏокӏлъиялда лъугӏизабуна дица сержантазул школа. Хадув лъугьана рагъулаб училищеялде. Гьедин 25 соналъ Киров областалда хъулухъ гьабуна солдатасдаса байбихьун полкалъул командирасул заместителасде щвезегӏан. Дир рес букӏарабани цоги нухалъ махщел тӏаса бищизе, рагъулаб тун батӏияб ишги дие бокьилароан.

Хадубккунисеб хъулухъ дица ДРялъул МВДялда гьабуна. Гӏезегӏан захӏматал сонал рукӏана гьел, хасго халкъазда гьоркьосел террористаздаса республикаялъе зарал ккарал. Гьел гьаниса рачахъизе нилъер ракьцояз бахъараб хӏаракаталъул хӏакъалъулъ бицине ккола тӏокӏалъ чӏечӏого. Масала, гьединаб материалги данде гьабун, нижер факультеталда музей гьабизе бокьун буго дие. Гьелда тӏасан конференциял гьаризе, пособиял риччазеги лъикӏаб буго. Экстремизм нахъчӏваялъе квербакъула гьединал тадбираз.

— Амма гьел тадбираз кинабгӏаги асар гьабулищ унго-унголъунги экстремизмалъул махӏ чӏварал гӏолилазе?

— Тӏубанго гьел хӏажат гьечӏиланги абизе бегьуларо. Конференциялде вачӏарав яги тӏехь цӏаларав чия- се пайдаяб цо мугьгӏаги щвечӏого хутӏуларо. Масала, гьезда гьоркьов вукӏине бегьула цониги преподаватель. Гьениб рагӏараб информация жинда цере цӏалулел анцӏ-анцӏ, нуснус студентазе кьела гурищ гьес.

— Хӏалуцараб заман тӏаса ун къого соналдасан, къуваталъул идарабаз гьабураб хӏалтӏуе кинаб къимат дуца кьолеб? Букӏанищ кинабгӏаги тӏасанккей яги гьаричӏониги бегьулел жал?

— Дун кутакалда рази вуго дирго махщелцоязул хӏалтӏудаса. Щайин абуни, дида гьеб кинабго бихьулеб букӏана жанисан. Гьез бергьун кӏудияб хӏаракат бахъана дора-гьанир рахчарал диниял сектаби ратаниги, хъачагъал ратаниги, республикаялъе зарал бугел чагӏи тӏатинаризе.

— Анварбег, мун лъикӏ лъалел чагӏаз бицана Гъадаралъул рахъалда рагъ ккедал дуца гьениб бихьизабураб къо хӏехьеялъулги, Цӏунтӏа районалда Руслан Гелаевасул къокъа кколеб бакӏалда дуца нухмалъи гьабулеб къокъа аслияб букӏараблъиялъулги, цогидалъулги хӏакъалъулъ. Гьел киналго хасал операциязул киналъ дуе бищунго асар гьабураб?

— Киназго. Щайгурелъул щибаб операциялъулъ чиясе къварилъи ккезе рес букӏиндал. Щибаб нухалда ниж къватӏире рахъунаан хвалде унел чагӏи кинигин. Гьединлъидал дида цевеса унев гьечӏо Чабанмахьиялда чӏварав нижер анцӏавго ОМОНалъулав. Гьелъие гӏиллалъун ккана доб мехалда нижеда гьениб бугеб ахӏвал-хӏал рагӏа-ракьанде щун лъалеб букӏинчӏолъи. Нижеда лъалаан гьенибе бетон, арматура ва цогидаб баччулеб букӏин. Амма лъалароан ярагъгун техника цӏунизе гӏадамаз ракьулъ рухъун гьенир тӏубарал рукъзал гьарун рукӏин. «Г» хӏарпалъул къагӏидаялда гьарурал гьенир рукӏана 25-30 чиясе рега-рахъинеги, гьединго снайпералгун гӏарадачагӏи чӏезеги хасал бакӏал. Гьезда тӏад абуни картошкагун багӏаргьологи бекьарал гӏадатиял хурзал рукӏана. Гьединлъидал къанагӏатавги чи щаклъулареб куцалда гьарун рукӏана гьел. Байбихьуда ниж сверун ккунги рукӏун, рорчӏана гьениса. Жунгутдерида аскӏоб бугеб штабалде щведал, Гӏадилгерейица (МВДялъул министр— ред.) гьикъана дандиязул чан чи гъова вугевилан. 400 чи вугин, амма жеги гьедигӏанаселго чагӏи ратизеги рес бугин абуна дица.

— Мун хӏалтӏарал бакӏазда гьоркьоса дуе бищунго кинаб бокьараб?

— Армия. Гьениб гӏадлуги цӏикӏкӏараб буго, ришватчилъиги гьечӏо. Черхалъегун гӏакълу лъадариги дие армиялдаса щвана.

Гара-чӏвари гьабуна Зульфия ХӏАЖИЕВАЛЪ.