Хунзахъ районалъул Гӏоротӏа росулъа Гӏиса Жамалудинов гӏемерал соназ хӏалтӏана машинаби къачӏалеб заводалда токарьлъун. Гьабсагӏаталда гьев хӏалтӏулев вуго машинабазе хъулухъ гьабулеб станциялда. Гьениб ккана нижер гьесулгун гара- чӏвариги.

— Гӏиса, мун вугоха гильзаби ва блокал къачӏалев чи.

— Машинаялъ нах бухӏизе лъугьараб, моторалъул блок жагъаллъараб заманалда, дица цогидал роцабазул гильзабазда рекъезабун къачӏала, цӏи гьабула гьеб. Гьелдаса хадуб холенговальнияб станокалда тӏад цӏвакизабула.

— Цӏидасан къачӏачӏого цӏияб босун лъезе бигьа гьечӏищ гьеб?

— Цебе гьедин гьабулаан, бокьараб алатги, хисизе ресги букӏана. Советиял (Россиялъул) машинабазе лъикӏаб къайи жеги буго, заказ гьабуни, иномаркабазул бокьараб тайпаялъеги гьеб щола. Амма цӏакъго хира чӏола. Гьединлъидал къачӏайго лъикӏаб буго.

— Аслияб куцалда кинал машинабигун гӏадамал духъе рачӏунел?

— Машинаби гӏемерлъулел рукӏиналъги батила, тӏадеялдаса тӏаде цӏикӏкӏунеб буго нижер хӏалтӏул тӏалаб. Мисалалъе, гьабсагӏаталда Махӏачхъалаялда буго нижецаго гӏадинаб хӏалтӏи гьабулеб анлъго-анкьго бакӏ, Хасавюрталда — кӏиго-лъабго. Машинаби рачӏуна бокьараб тайпаялъул, ай нилъералгоги иномаркабиги. Мисалалъе немцазул машинаби, гьел гучалги, хириялги, къуваталги руго. Амма гьезул моторал руго тохал, блокалги гильзабиги руго алюминиялъул.

Нижехъе рачӏунел гӏадамазда гьоркьосаги бечедалгӏан рукӏуна барахщарал. Гӏадатиял машинабазда ругезулгун хабарги данде ккола, гьез абураб багьаги кьола, баркалаги загьир гьабула.

— Дур буго 67 сон. Бихьулеб буго гӏолохъабазе гӏемер бокьулеб гьечӏеблъи гьеб хӏалтӏи.

Дуда тезе ракӏалда бугищ?

— Гӏолохъанаб гӏелалъе бокьулеб гьечӏо дагьабниги захӏмат бихьулеб «чӏегӏераб хӏалтӏи». Нижер хӏалтӏулъ, хӏакъаб жо, камуларо махӏги, хӏурги, цогидаб чороклъиги. Букӏани щиб, хӏалтӏи лъугӏун оре иналъул щибго къварилъи гьечӏелъул. Гьанже дидаго бихьулеб буго гӏолохъанаб мехалъ гӏадин хӏалтӏи гьабун бажарулеб гьечӏолъи, ригьалъ бицунеб буго дагьаб бигьа гьабизе ккун букӏин гьеб. Гьаб хӏалтӏуде ругьун гьавизелъун дица гьаниве вачун вуго дирго дурцги, гьевги ругьун гьавун, дагь-дагьккун телин ккола хӏалтӏи.

— Гьаниве вачӏиналде гӏемерал соназ хӏалтӏун вуго мун токарьлъун. Токарасул хӏалтӏул хаслъи кинаб бугеб?

Къокъго абуни, гьев ккола махх буцӏулев чи. Бачӏараб маххул бутӏаялъул, тӏаса босун тӏерен гьабун, хъурун гьес къватӏибе кьола чертежалда рекъон хӏадурараб алат. Гьеб буго щибго хӏинкъи, бакӏлъи, захӏмалъи гьечӏеб хӏалтӏи. Гӏемер батӏи-батӏияб хӏалтӏи гьабизе ккун, гьеб рахъалъ лъикӏаб махщел щвана дие заводалда хӏалтӏулеб мехалда.

— Дур пикруялда, кинаб къагӏида лъикӏаб бугеб, ай чӏезабураб харжалда рекъон хӏалтӏи гьабулеб букӏараб доб заманалъул къагӏидайищ яги гьабуралда рекъон гӏарац щолеб гьаб заманалъул къагӏидайищ?

— Гӏемер кӏудияб гьечӏониги, доб мехалда харж кьолаан заманалда. Кӏиабизе, сундулго багьаби рукӏана гӏодорегӏанал. Лъабабизе, анкьида жаниб кӏиго гӏодобкъоги букӏана. Гьабсагӏатги дицаго дие гӏодоркъоял гьаризе лъицаниги гьукъун гьечӏо, амма лъицаха дие гьел къояз гӏарац кьелеб? Ункъабизе, метерисеб къоялъул ургъел гьабизе кколароан. Щуабизе, кида кьунги чӏобого кьолаан квартира. Гьединлъидал дие гӏемерго цӏикӏкӏун бокьилаан цебесеб заман.

— Дур хӏалтӏул гӏаммаб стаж кколеб буго 45 сон. Гьеб заманалда жаниб гӏемераб бечелъи данде гьабизе кӏванищ?

— Хӏисаб гьабидал, щолеб жо гӏезегӏан букӏаниги, гъурущ нахъе лъезе ресго ккечӏо. Дун бечелъичӏо, амма киданиги вакъунги хутӏичӏо.

— Амма дур бугоха цогидаб бечелъи — анлъго яс…

— Васаздаса ясал гӏемерго лъикӏал руго. Дида бичӏчӏана цо жо — эбел- инсуда хадуб ясазул гӏадинаб бербалагьи васазул киданиги букӏунареблъи. Гӏарцухъ щолеб ва кинаб бугониги бечелъиялда бащалъулеб жо гьеб гуро.

Гӏабаш ГӏАБАШИЛОВ