МОСКВАЯЛДА ТӏОРИТӏАНА НИЛЪЕР РЕСПУБЛИКАЯЛЪУЛ КЪОЯЛ
1-3 марталда РФялъул Федерациялъул советалда тӏоритӏана «Дагъистаналъул къоял». Гьеб тадбир тӏобитӏана Дагъистан Республика гӏуцӏаралдаса 100 сон тӏубаялда бан.
ДРялъул нухмалъулесул ишал тӏуралев Сергей Меликовасул бетӏерлъиялда гъоркь дагъистаниязул кӏудияб къокъа гӏахьаллъана гьеб тадбиралда.
Тадбиралъул тӏоцебесеб къоялъго, 1 марталда, Федерациялъул советалда тӏобитӏана бюджеталъул ва финансазулал базаразул рахъалъ комитеталъул гӏатӏидаб данделъи. Нилъер республикаялъул мисалалда регионал бюджеталдалъун хьезариялда хурхарал кӏвар бугел суалал гьоркьор лъуна гьенир. Видеоконференциялъул кумекалдалъун гьелда гӏахьаллъана ДРялъул финансазул министр Юнус Сагӏадуевги.
НЕКӏСИЯБ ШАГЬАРАЛЪЕ ГӏЕМЕРАБ ГӏАРАЦ ВА КОРАЛДА ЦӏИЯЛ РОГӏРАЛ
Гьеб данделъиялда гьоркьоб лъуна Дербент шагьар социалиябгун экономикияб рахъалъ цебетӏеялъулги, ракь ччукӏун иналда хӏинкъи бугеб бакӏалда рарал минабахъ гӏумру гьабулел гӏадамал санагӏатал шартӏал ругеб бакӏалде гочинариялъулги, хъублъи жанисан чвахулел рогӏрал цӏи гьарун къачӏаялъулги, гьединго тӏадеги гьел раялъулги сулалал.
Федерациялъул советалда гьединго борхана КОР цӏигьабун къачӏаялъул суалги.
Каналалъуса чвахулеб чорокаб лъим сабаблъун гӏадамазе бугеб тӏагӏам бахъиялъул бицана Сергей Меликовас Федерациялъул советалъул сенаторазе. Бацӏцӏадаб гьечӏолъиялъ жакъа къоялъги халкъалъухъе машинабаз баччун щвезабулеб бугин бацӏцӏадаб лъимин бицана гьес.
Каналалъул реконструкциялда хурхун гьаризе бегьулел хӏалтӏабазул хӏакъалъулъ бицана хӏукуматалъул вице-премьер Гӏабдулмуслим Гӏабдулмуслимовас. Гьесул рагӏабазда рекъон, 91 км халалъуда бугеб каналалъул 30 км гурони Махӏачхъалаялда жанисан унаро.
Гьелда тӏадеги цо-цо бакӏазда рарал гӏемертӏалаял минаби битӏахъего каналалда цун гӏадин ран руго. Гьеб сабаблъун гьенибе чвахулеб буго гӏемераб хъублъиги кьищни-къулги.
Гьеб гӏунгутӏи хисизабун бажарулин каналалда жанисан кӏудияб гӏатӏилъиялъул рогӏрал лъуниян абуна Гӏ. Гӏабдулмуслимовас. Гьесул рагӏабазда рекъон, хӏажалъула диаметралда 2- 2,5 метр бугел рогӏрал. Гьезда ва цогидал хӏалтӏабазда тӏад унел харжалги хӏисабалде росун, хӏажалъулеб буго 15-18 млрд гъурущ.
РФялъул Росдал магӏишаталъул министерствоялда цебе гӏуцӏараб мелиорациялъул департаменталъул нухмалъулев Дмитрий Сорокиница абуна реконструкциялда хурхун нилъер республикаялъ загьир гьабураб пикруялъул рахъ кквелила жидеца.
Амма цо-цо техникаялъулал масъалаби мухӏкан гьаризе ккелинги тӏаде жубана гьес. Жанисан тӏубанго бетонги тӏун гьабураб канал, бицен гьабулел рогӏралги лъун хисизабулеб бугелъул, мухӏканаб проекталъулабгун сметаялъулаб документация хӏадурго букӏине ккелин абуна Сорокиница.
КӏУДИЯБ, ГӏАТӏИДАБ, МАГИСТРАЛИЯБ ШАГЬРАНУХ
Гьединго Москваялда тӏоритӏарал республикаялъул къоязул хӏасиллъун ккана Махӏачхъала ялдагун Дербенталда сверун цӏияб, гӏатӏидаб шагьранух бахъизе хӏу кму гьабиги.
«Кавказ» федералияб шагьранухалъул хӏал гӏолеб гьечӏин киналго машинабазул чвахиялда данде чӏезеян абуна республикаялъул нухмалъулесул ишал тӏуралев С. Меликовас. Гьединлъидал хӏажат буго республикаялъул севералъул рахъалдаса югалъул бутӏаялде щвезегӏан цо гӏаммаб кӏудияб магистраль. Меликовасул пикруялда рекъон, гьеб лъугьине буго республикаялъул тӏоцебесеб, кӏудияб масштабалъулаб проектлъун.
Данделъиялда борхана нилъер республикаялда рагӏалде рахъинчӏого хутӏарал ралел бакӏазул суалги.
2020 соналъул 1 январалде батун буго 1354 гьединаб объект.
Гӏаммаб куцалда гьел разе хӏажалъулеб буго 41, 4 млрд гъурущ. Гьезда хурхун хӏадур гьарун рукӏарал федералиял программабиги заман щвелалдего рагӏалде рахъун, гьел киналго бакӏал хутӏун руго хадубккунисеб хӏалтӏи гьабизе гӏарацги гьечӏого. Гьел киналго ран лъугӏизаризе цӏидасан гӏарац биччазе хӏукму гьабуна.
ДАГЪИСТАНИЯЗЕ БИЩУН ДАГЬАБ ХАРЖ, ВЫСТАВКА ВА «ЛЕЗГИНКАЯЛЪ» ПАНА ГЬАЮРАЙ МАТВИЕНКО
ДРялъул финансазул министр Юнус Сагӏадуевас Федерациялъул советалда борхана нилъер гьаниб гӏадамазе щолеб моцӏрол харжалда хурхун суалги. Хӏалтӏулев чиясул гьоркьохъеб харж буго 24 000 гъурущ.
Министрасул пикруялда рекъон, гьеб ккола улкаялъул регионазда гьоркьоб бищун дагьаб къадар.
Цохӏо социалиялгун экономикиял суалазул бицун течӏого, культурияб программаги хӏадур гьабун букӏана республикаялъ.
Тӏасияб Палатаялъул залалда рагьун букӏана республикаялъул Тахо-Годилги, Патӏимат Хӏамзатовалъул цӏаралда бугеб Изобразительниябги музеяз хӏадур гьабураб выставка.
Федерациялъул советалъул сенаторазда цебе бахъана нилъер машгьураб «Лезгинка» ансамбльги. Гьелъ хасго асар гьабуна спикер Валентина Матвинкое. Кӏудияб баркалаги кьун, кӏодо гьаруна гьелъ нилъер кьурдухъаби.
Ашахан ЮСУПОВ