Гьал къоязда ДРялъул хӏукуматалда гьарурал хиса-басиязда рекъон, цо-цо хъулухъазде тӏамуна цӏиял чагӏи, цогидал гьездаса махӏрумлъана.

Предпринимательлъиялъул ва инвестициязул рахъалъ гӏуцӏараб агентствоялъул нухмалъулесул заместительлъун тӏамуна Хӏ.-М. Гӏабашилов.

Цевеги гьебго хъулухъалда вукӏана гьев. Хӏажи-Мурад Гӏабашилов гъоркьиса бергьун вукӏана «Лидеры России» абураб конкурсалда.

ДРялъул хӏукуматалъул председатель Гӏабдулпатахӏ Гӏамирхановас Ставрополь краялда вугев Дагъистаналъул вакиласул заместителаллъун тӏамуна Сергей Могилинги Валерий Новиковги.

Хъулухъаздаса нахъе ана кӏигоял -лъай кьеялъулгун гӏелмуялъул министрасул заместительлъун вукӏарав Ширали Гӏалиевги ДРялъул хӏукуматалъул тӏоцевесев вице-премьерасул кумекчилъун вукӏарав Махӏач Мухӏамадовги.