Предпринимательлъиялъул ва инвестициязул рахъалъ гӏуцӏараб агентствоялъул хӏалтӏул хӏасилал гьарураб данделъи тӏобитӏана 1 марталда ДРялъул хӏукуматалда.
Гӏиси-бикъинаб даран-базар цебетӏезабиялъе гъоркьиса республикаялъул бюджеталдаса биччан буго 613 млн гъурущ. Гьеб харж гьабун буго бигьалъаби чӏезарун микрозаймал кьезе, лизингалдалъун къайи-цӏа босизе.
Гьанжеялдаса хадуб росдал магӏишат, промышленность, туризм цебетӏезабиялъе гӏуцӏарал проектал тӏуразе агентствоялъ квербакъизе букӏиналъулги бицана гьениб.
ДРялъул хӏукуматалъул председатель Гӏ. Гӏамирхановас абуна республикаялде кигӏан кӏваниги гӏемер инвестициял рачӏинариялда тӏадги хӏалтӏизе кколин агентствоялъул вакилзаби. Бокьараб иш байбихьизе рес кьолел ракьал кир ругелали бихьизабизе, гьединго инвестициязул суалал цойиде росизе гӏоло хасаб сайтги гӏуцӏизе ккелин лъазабуна премьерас.
З. ХӏАЖИЕВА