Россиялъул регионазда гьоркьоб бищун учузаб чед батун буго нилъер республикаялда. Гьеб рагӏула хӏукуматалъ чед бежулел чагӏазда кверчӏвалеб букӏиналъул хӏасил. Гьедин бицана ДРялъул росдал магӏишаталъул министрасул заместитель Эмин Шайххӏасановас.

Щибаб соналъ нилъер республикаялда бежулеб буго чадил 250 000 тонна. Амма гьелъул гьоркьохъеб багьа 30 гъурщидаса тӏаде унеб гьечӏин абуна Шайххӏасановас. Гьелъие гӏиллаги — РФялъул хӏукуматалъул рахъалдаса щолел субсидияз квербакъи гьаби.

Ролъ ххенолел ва чед бежулел идарабазе кумек хӏисабалда, 2020 соналъул ахиралда чанго регионалъе улкаялъул хӏукуматалъ кьун буго 4, 7 миллиард гъурущ. Нилъер республикаялъе гьеб гӏарцуда гьоркьоса щун буго 80 миллион гъурущ. Амма телеграмм-каналазда хъвалеб буго гьеб субсидиялъул гӏарац дагьабги цӏикӏкӏун кьезе бегьулаанин нилъер республикаялъе. Щайин абуни, улкаялда гӏумру гьабун ругезул гӏаммаб къадаралда гьоркьоб, нилъер республикаялъул халкъалъул 2,1 процент буго. Амма тӏолабго Россиялъе бикьулеб субсидиялъул гӏарцуда гьоркьоб нилъее 1,7 процент гурони кьун гьечӏо. Экспертазул пикруялда рекъон, кумекалъулаб гӏарцул 0,4 процент тӏадеги щвезе тун гьечӏо нилъее. Гьелда рекъон, субсидиялъул гӏарцул щвезе кколаан 98 миллион гъурущ.

Чадил багьа нилъер гьаниб бищун гӏодобегӏанаб букӏаниги щибин, ролъул хъапалъул багьа цогидал регионаздаго гӏадин бугониян тӏаде жубалеб буго социалиял гьиназдасан кӏалъалел экспертаз. Гьелъ бихьизабулеб бугин, респу- бликаялда чед бежулел бакӏазда хӏалтӏулел гӏадамазул мухь, цогидал регионазде дандеккун, дагьаб бугеблъиян рикӏкӏунеб буго гьез. Гьединлъидал субсидиялъул щибаб кепкил гьел киназего кӏудияб мунпагӏатги букӏинаанин.

Ашахан ЮСУПОВ