9 марталда ДРялъул хӏукуматалда тӏобитӏана Новолак районалъул гӏадамал цӏияб бакӏалде гочинариялъул бицараб данделъи.

Хӏукуматалъул нухмалъулев Гӏабдулпатахӏ Гӏамирхановас абуна 30 соналда жаниб тӏубан бахъунеб гьечӏила гьеб суал -зама-заманалдасан свинабулеб бугила гьениб газгун канлъи, рагӏаракьанде щун гьечӏила цӏадаздаса хадуб лъим чвахизе хӏажалъулел бакӏал гьари. Гьединал каналал гьечӏолъиялъ лъим кӏанцӏулеб буго шагьранухазде, росабалъе.

Гьал къоязда Москваялда, Федерациялъул Советалда Дагъистаналъул къоял тӏоритӏулеб мехалда, хӏукму гьабуна гьел нухал къачӏазеги, канализация гьабизеги 3, 5 млрд гъурущ биччазе.