Бакьайчӏиса махх бухулев Гӏабдулагьилги Махӏачхъалаялда жалакьурисес гьарурал гьунаразулги бицунаго, Хунзахъе щун ратана. Гьединал жал рицине пагьму бугилан, Бакьайчӏиса Шамилил Бахуда (Мухӏидинова) хӏайранлъун хутӏун нижги рукӏана.
ХУНДЕРИЛ ЯСАЛ
Гьейгун цадахъ дунги Тӏанусиса Расулил Шамайги (Хъазанбиева) Хунзахъе иналъе гӏиллалъун ккана хунздерица цо «гӏассияб» сухӏмат гьабулеб бугилан рагӏи. Гьениреги ниж хунздерил хӏакимзабазда ракӏалде щун гурел, Хунзахъа Раисат Гӏусмановалъ ахӏун къватӏире рахъун рукӏана. Бесдалазеги, рос- рукъ битӏичӏел улбузеги, язихъазеги жинца гьабулеб кумекалъул хӏакъалъулъ ахӏи бачӏониги, гӏезегӏан лъалей гӏадан ккола гьей — Набил Мухӏамадил Раисат. Гьединай гӏадан йикӏиналъ Хунзахъ районалъул Жамгӏияб палатаялъул нухмалъулейлъунги йищун йиго гьей.
Палхӏасил, программаялда хъвавухъе, Хунзахъ гьабулеб бугоан руччабаздаги, умумузул кӏазаздаги, кванидаги хурхараб тадбир. Данделъиялде рачӏарал руччабазда байрам баркун бахъинегӏан, цинги культураялъул кӏалгӏаялъуб ихтилат байбихьизегӏан, хӏухьбахъизе ниж цин нижерго ишцояй, «Росдал захӏматчи» газеталъул бетӏерай редактор Камилил Фатимахъе раккана. Микьабилеб март кӏодо гьабилел лъаларого, байрамалде газета лъугӏизабилел лъаларого, кьалххариххун ругоан редакциялъул хӏалтӏухъаби. Гьелда гьоркьоб нижее гьоболлъи гьабизе заманги батана редакторалда.
Лъаларезда лъазе букӏине бицун тела, Фатимаги йиго Раисатго гӏадай, речӏчӏани — къадалъ, къосани – хӏоболъин магӏарулаз абулей, кьучӏай гӏадан.
Лъикӏги-квешги, ихтилат байбихьулеб заманги щун, ниж наиб Хӏажимурадил аллея къотӏун, Культураялъул кӏалгӏаялде къокъана. Хъахӏал-хъахӏилал гормендаби, месед бекьаралги бекьичӏелги японшалал, чилайдул симсал рарал дарайдул кӏазал чӏварал руччабазгун гӏолохъанал ясаз хасаб чӏаголъи лъугьинабун бугоан сверухълъиялда. Гьелъ ракӏалде щвезабуна моцӏалъ цебе рахатӏисез гьабураб гьелдаго релълъараб тадбир. Амма гьезул руччабазухъ жеги гӏертӏалги рукӏана.
ГӏУРУС МАЦӏ
Хундерил ихтилат берцин гьабизе жанахӏалъуб тӏибитӏараб тепсиялдаса куракулгун тӏидул карщазулги, ролъул могьолги, керосиналъул печалда тӏад режарал панкъазулги, гьоло чӏвараб гӏатӏал хинкӏазулги тӏагӏам босулаго, залалъусан рагӏулаан магӏарул кечӏ-бакъанги гӏурус гаргарги. Кечӏ ахӏулел, кьурдулел, декламациял рикӏкӏунел чагӏазул цӏарал рукӏана гӏурусалъ абулел.
Гӏодоса эхедего Аваристаналъул тахшагьарлъун рикӏкӏунеб букӏараб, магӏарул театралъеги кьучӏ лъураб Хунзахъцин магӏарул мацӏалдаса инкар гьабиялъе гӏилла щибин бачӏунеб букӏана суал. Гьелъие жаваб кьун бугоан ихтилат лъугӏун хадуб, кваназе гӏодор чӏараб бакӏалда районалъул лъай кьеялъул управлениялъул начальник Патӏимат Хӏамзатовалъ.
Хунзахъ гӏорхъаби цӏунулезда гъорлъ батӏи-батӏиял миллатазул гӏадамал ругелъул, гьединал тад- биралги тӏубанго магӏарулалъ рачине бегьуларин, гьединго гӏицӏго магӏарул гурони мацӏ бицине бегьуларилан лъимал чӏезариги мекъаб бугин абураб пикру загьир гьабун буго гьелъ. Лъаларо, лъикӏищ гьеб, квешищали.
Амма жибго сценаялда кьолеб концерт гӏезегӏан магӏнаябги балагьизе бокьулебги букӏана. Щибниги тӏадагьаб, цӏекӏаб жоги гьелъул программаялъулъ букӏинчӏо.
МУХӏАМАД ХЪАЙТМАЗОВ
Ихтилаталда ясалги тун, дица тарихиябгун гӏагараб ракь лъазабиялъул музеялде нух босана.
Гьенире унаго, лъалхъана редактор Фатимал эмен, мунагьал чураяв Камилица политикиял къурбанал ракӏалде щвеялъе гьабураб памятникалда цереги. Хунзахъа жеги кӏигоясги кумек гьабун буго гьесие гьеб базе.
Камилил эмен Мухӏамад Хъайтмазов тӏагӏинавун вуго Нажмудин Самурский какаралъухъ. Жакъа къоялдаги гӏагарлъиялда лъаларо гьесул къисмат кин ккарабали. Бищун къваригӏараб мехалда Дарада-Мурада вахчунги чӏун, жидеда цадахъ хъачагъазда данде вагъизе лъугьинчӏин абун къватӏив чӏвазавун вуго гьес Хунзахъе вачӏарав Самурский.
Революционер Муслим Атаевасул кагътал кколелъуре щвезаризе Хъайтмазовасда божилъи гьабулеб букӏун буго.
1965 соналда Мухӏамад ритӏухъ гьавула пачалихъалъ. Амма гьесул вас Камилие нухал къалел рукӏун руго комсомолалде восизеги цӏализе лъугьинеги.
Инсулги репрессиязде ккарал цогидал хунздерилги рухӏазе гӏоло лъураб гьеб памятникалда нахъа букъун буго Цӏоралдаса босун бачӏараб, наиб Хӏажимурадил жаназаги.
МУЗЕЙ
Палхӏасил, музей балагьулел рукӏана ниж.
Амма кире ине кколелали нух бихьизабулел игӏланал къватӏазда чӏван ратичӏолъиялъ музеялде нух бахъизе захӏмалъана. Гьикъа-гьикъараз абулеб букӏана Загӏире унеб рахъалда бугин гьебилан.
Гьанжегӏагар музеялъул директорлъун тун вуго машгьурав тарихчи Хунзахъа Гӏалибег Хъазанбиевги.
Музеялда бугеб анкьазаргогӏанасеб экспонаталъго гӏадаб асар гьабуна жибго гьелъул минаялъги. Гьединаб къагӏидаялда Испаниялдайищ, Португалиялдайищали бараб мина чанцӏулго халлъун букӏана дида интернеталдасанги.
Гьарилазул (Парилазул) рукъзалин абула хунздерица гьеб минаялда. Пари букӏун буго гьелъул бетӏергьан Чупалав Гӏалихъиличил лъадуда цӏар. Гьесул эмен Гьонодаса, эбел Хунзахъа йикӏун йиго. Эбел- эмен хведал, имгӏал Гьиматица Хунзахъе вачуна гьев. Хадув гьес гьев шагьаралде, милициялъул школалде цӏализе витӏула. Цинги хӏалтӏула наиблъун, Хунзахъ, Авар округалъул начальникасул кумекчилъун.
Гьес гьеб мина бан буго 1876 соналда. Рукъалъул чагӏи репрессиялде ккун хадуб, 1936 соналдаса нахъе 1993 соналде щвезегӏан, гьениб жаниб букӏана ретӏел-хьит, яги рокъоб къваригӏараб къайи-цӏа гьабулеб, къачӏалеб артель.
Гьабсагӏаталда республикаялъул Миллияб музеялъул филиаллъун ккола Хунзахъ бугеб гьеб музей. Магӏарухъ ругел музеязул бищун кӏудиябги буго гьеб. 1993 соналде щвезегӏан гьеб музей Гӏарани хъаладухъ букӏана. Гьебги гӏуцӏун букӏана ясазул школа-интернаталъул музеялъул кьучӏалда.
Музеялъул гӏелмияв хӏалтӏухъан Шамил Гӏалиевас бицана кватӏичӏого гьениб тӏох къачӏазе, нуцӏби- гордал хисизе ругилан. Жеги гьес тӏаде жубана лъезе ругила дол церехун бицен гьабурал, нух бихьизабулел игӏланалги, къачӏазе бугила музеялде рачӏунеб нухги. Гурони, гӏемерисеб мехалда туристал рачӏунел гьечӏо гьенире. Хӏажат буго Туризмалъул министерствоялъ Хунзахъ музей туристазул маршруталда гъорлъ хъвазеги.
ТАРАН
Районалда бараб кӏиабилеб къо Бакьайчӏи ва Илълъа росабазда гьор- кьоб «Чиничӏиб» абураб бакӏалда таран балагьулаго ана дир.
Щуго чиясда гьоркьоса цохӏо Хъаладухъа таксистасда гурони лъалеб батичӏо гьеб бугеб бакӏ.
Гӏорхъаби цӏунулезул къокъа чӏараб бакӏалда нахъехун буго гьеб. Тӏаде балагьун бичӏчӏулеб жо гьечӏоан. Ракьулъе бухъун гьабураб рукъ буго. Аскӏорегӏан индал, гордухъан бихьула жаниб чвалчвалиялда бугеб лъимги цо цӏулал гьарурал чархал гӏадал жалги. Бекьечӏдерица бицуна гьезухъеги, гинчадерихъеги, цӏигьулдерихъеги лъим кьабизе 1933 соналда немцазул инженераз ургъараб система бугин гьебилан. Гьелдаса нахъе хӏалтӏулебги бугила. Гъоркьа эхеде кьабулеб буго лъим.
Журналист Шамил Мухӏидиновасул ракӏалдещвеязда буго гьадин: «Гӏертӏахъе тӏун баччани гурого, гьениса эхедераялъ чвахун, лъим росулъе щолареблъиялда киназулго щаклъиго букӏинчӏо. Гьеб чвахизабизе бугин абидал, росдал годекӏаниб халат бахъараб релъи тӏибитӏана. «Гӏертӏица баччани бачӏунеб рагӏула» абун махсара гьа- булелги рукӏана. Росуги бахъинабун, байбихьана турбаби лъезе. Цӏунана инженерас бихьизабураб гъварилъи. Тӏалу бугеб бакӏалде тӏадеги, гьираз щиб, гьаказ щиб, баччана ракь. Байбихьана Чиничӏиб «таранал» абун цӏар бугел тӏаде чваххулеб лъел тӏадецуялдалъунги хӏалтӏун, эхеде- раялъ турбабахъан лъим кьабулел насосал лъезе…
Гьединаб «таран» Россиялдаго кӏиго гурони гьечӏинги рагӏана».
Палхӏасил, немцаз бараб таранги бихьун, нижеца шагьаралде нух босана.
Хадусеб номералда жеги бицина Хунзахъ батаралъулги, рагӏаралъулги, бихьаралъулги.
Зульфия ХӏАЖИЕВА