Гьале гӏедегӏулей йиго нахъеги магӏарухъе, гӏагараб Хунзахъе. Гьаб нухалдаги- гӏажаибго берцинаб байрамалде, умумузул гӏадатал тӏад руссунел талихӏал лахӏзатазухъе гьоболлъухъ. Хъил тӏун цӏвакизарурал кӏичӏарал нухалги нахъа толаго, яхуней йиго хунздерил тӏалъуде.

Хунзахъ «шагьаралде» гӏагарлъулелъул, дандего бачӏана гьелъул тарих.

Некӏсияб Хунзахъ. Дуца ракьалда бекьанщинаб гьунар, наслабазе тарабщинаб гӏакълу.

Гьаб баракатаб ракьалда бижанщинаб гьунар. Гьале жакъаги гьалъул гъасде тӏад руссунел руго умумузул гӏадатал. Жакъаги гьез магӏарул гъасда бакулеб буго цӏияб цӏа…

Салам, гӏагараб тӏалъи. Салам, дир Хунзахъ район.

УЛБУЗУЛ ХЪАХӏАЛ ШАЛАЛ

— Магӏарул шал — хъахӏаб шал,

Эбелалъул махӏ бугеб,

Эбелалъул рохелги

Угьдиги симсалъ лъураб

Ботӏрода чӏванщинахъе,

Дилъ пашманлъи рещтӏунеб,

Пашманлъиялъ кверги цӏан,

Лъимерлъуде ячунеб…

Дагъистаналъул халкъияй шагӏир Фазу Гӏалиевалъул поэмаялдаса гьал мухъалги рукӏана дир пикрабазда цадахъ — гьабсагӏаталда байбихьизехъин буго шалазул «парад».

Гьалеха хъахӏал гормендабиги шалалги чӏварал магӏарул ясаз берцин гьабураб горсвериялда гӏажаибаб чӏаголъи лъугьана. Кавказалъул рагъул бахӏарчи Хӏажимурадил цӏаралда бугеб аллеялдаса тӏаде рачӏунел руго магӏарул руччаби. Гьеб сипаталъулъ букӏанщинаб нур. Ахӏулаго кечӏгун, гьел цересан унелъул, цере рачӏунел рукӏана гьеб берцинлъи нилъее ирсалъе тарал, мугӏрул согӏаб тарбиялъул карачелалъ лъадарарал, жидер къвакӏинедегьлъиялъе мугӏрузгицин бутӏрул къуларал руччаби. Некӏогоялдаса рагӏун букӏинчӏо магӏарул булбул Парихан Мусаевалъул гьаракьги. Жакъа гьей йикӏана парадалъул цеехъанлъунги. Районалъул администрациялъул минаялде цере гьел щведал, яхӏго гьабизе кӏвечӏого, дунги цолъана хъахӏмаккалгун. Дидаги букӏиндалха симсалги халатаб, нахъасаги угьараб, черхго бахчараб хъахӏаб шал:

— Магӏарул шал, хъахӏаб шал,

Нахъа терек угьараб,

Расен бухьун сверухъе

Симис рекъезабураб.

Кодоб босанщинахъе

Нилъер бидулъе унеб,

Даим гьелда букӏуна

Эбелалъул хасаб махӏ…

Гьеб руккелалъулъ парпалел рукӏарал хъахӏал шалазул щибалъул букӏана жиндирго къисмат. Щибалъ гьурщулеб букӏана магӏарул чӏужугӏаданалъул багьа тӏадегӏанаб намусалъул къиса. Рекӏелъ бессун чӏолеб татуяб махӏги чӏвалеб букӏана гьездаса:

— Эбелалъ дие кьураб,

Дица жеги цӏунараб

Дирги буго хъахӏаб шал,

Щулияб къисмат бугеб.

Магӏарул шал щибалъулъ

Жиндирго къисмат бугеб,

Къварилъиги рохелги

Биххун куназда лъураб…

Районалъул бетӏер Нурмухӏамад Зайдиевасул кӏалъаялъулъги бихьулеб букӏана бахчараб чӏухӏи — шалал чӏварал магӏарул руччабаздехун гьабураб гьесул кӏалъай рохеллъун чвахулеб букӏана сверухълъиялде. Ва дида цӏидасанги рагӏулеб букӏана шагӏиралъул гьаракь:

— Даим гьелъулъ букӏуна

Эбелалъул канаб нур,

Кодоб босанщинахъе,

Нилъер бидулъе унеб.

Дагъистаналъул ясал!

Нужеде дир аманат –

Улбуца нахъе тарал

Шалазул къимат гьабе…

МАГӏАРУЛ ГЪАСДА БАКАРАБ ДАИМАБ ЦӏАДУХЪЕ

Тадбиралъул кӏиабилеб бутӏалъун букӏана магӏарул гъасда бакараб цӏа. Гьеб цӏадухъе гӏедегӏулел рукӏана байрамалъул гьалбалги гӏахьалчагӏиги.

Гьале магӏарул печь. Гьениб беролеб цӏа. Цӏадул сариназухъе печалда тӏад гьалдолеб бугеб магӏарул могьол хьагги, корониб бежулеб чадил махӏги.

Гьелъул хӏалбихьизе иргаялда чӏарал гӏемерлъулел рукӏана, хасго беччараб чадил. Цӏурачадал-пурщабазулги, белъараб-бежараб бакь-гьаналъулги, могьолги, магӏарул ролъулги, цӏоросаролъулги, гьолочӏвараб гӏатӏалги хинкӏазулги, тӏехалъулги, тӏидукарщилги махӏаз ахӏулел рукӏана магӏарул кванил хӏалбихьизе.

Дагьаб добегӏан магӏарул гӏертӏалги, гулгуналги, щар чӏвалел дадалги. Гьенир данделъарал гӏолил ясаз хӏалбихьулеб букӏана, къвалги бан, гӏеретӏ баччизе.

Гьенибго — кечӏ-бакъанги. Гьалеха гӏенеккарал жиндир гьаракьалъ асир гьарулей Гӏайшат Тажудинова. Умумузул бакъназда гьелъ ахӏулел кучӏдуз дагьабги хинлъи кьолеб букӏана гъанситоялъе.

Гьале гьаб цояб рахъалда Патӏимат Султӏановаги. Жергъада килщалги кӏутӏун, гьелъ щобил бакъан биччайдал, кьурдул сверуде гӏедегӏарал гӏемерлъулел рукӏана…

Гьалеха байрамалъул гьалбалги — Шамил, Болъихъ, Чӏарада, Гъуниб районаздаса руччабазул советазул нухмалъулелги. Гьез щиялъги бицана жидерго районазда руччабазда гьоркьоб гьабулеб хӏалтӏул хӏакъалъулъ.

Махсара-хочӏги, ихтилат-кепги, адаб-хӏурматги — гьеб кинабго букӏана гьудуллъиялъул гӏаламатлъун. Гьеб тадбиралъ цолъизарурал магӏарулазул ракӏазулъ букӏараб чӏухӏиялъги берцин гьабун букӏана горсвери. Чӏухӏун рукӏана гьел тӏад руссун рачӏунел ругел умумузул гӏадатал къабул гьаризе рес щвеялдаса.

Байрамалъул лъабабилеб бутӏаялда шапакъатал кьуна районалъул гӏумру цебетӏезабиялъулъ бутӏа лъолеб бугел цо-цо руччабазе. Гьезие ва районалъул тӏолалго руччабазе сайгъат гьабураб байрамалъул музыкалияб бутӏа нухда бачана культураялъул отделалъул нухмалъулей Жапарат Хъайтмазовалъ. Ихдалил байрамги руччабазда баркулаго, районалъул бетӏер Нурмухӏамад Зайдиевас тӏадегӏанаб къимат кьуна жакъа районалъул гӏумру цебетӏеялъулъ руччабаз кколеб бакӏалъе. Гӏумруялъул тӏугьдуллъун кколел руччабазда ихдалил рогьелгун, гьогьенгун бачӏараб байрам баркана районалъул батӏи-батӏиял идарабазда хӏалтӏулел ругел бихьиназги.

Районалъул «Гӏакаро» кьурдул ансамблялъ гьарурал кьурдабазги бицунеб букӏана хунздерил тарихалъулги. Ва ахиралдаги – улбузги кӏудиял улбузги ясазе ирсалъе толеб бугеб насихӏатазул гъамас рагьулеб лахӏзат. Гьениса кӏодоэбелалъ жиндирго ясалъул яги васасул ясалъухъе кьолеб буго цӏа. Гьеб цӏа цӏунизе ккола хъизамалъул гъасда чӏужугӏаданалъ. Гьединабго байбихьиги букӏана: кьурдухъаби-ясал ва щиялда аскӏоб бакараб чирахъ. Хъизамалъул канлъиги буго чӏужугӏаданалъул кодоб…

Лъугӏана байрам, щивав гӏахьалчиясул рекӏелъ хасаб бакӏги тун.

Цӏидасанги тӏад юссуней йиго тахшагьаралде. Къо-лъикӏ гьабулеб буго гӏагараб тӏалъиялъулгун. Чанцӏулго нахъги юссун, цӏидасанги салам кьолеб буго: — Салам, гӏагараб тӏалъи! Салам, дир Хунзахъ район!…

Шамай ХЪАЗАНБИЕВА