Гьал къоязда басмаялда бахъана «Хӏакъикъаталъул» нусго сонилаб тарихалъул хӏакъалъулъ газеталъул бетӏерав редакторасул заместитель Пайзула Пайзулаевас хъвараб «Заманалъул матӏу» абураб тӏехь.
Гьединаб басма республикаялъул цониги газет-журналалъул гьечӏо.
П. Пайзулаевас гьелъие материал бакӏарана чанго соналъ. Гьелъие гӏоло гьев ваккизе ккана пачалихъ- иял архиваздеги. Гьанжеялдаса 70-80 соналъ церего газеталда хӏалтӏулел рукӏарал гӏадамазул хӏакъалъулъ хӏужаби гьенир гурони цӏунун хутӏун гьечӏо.
Тӏехь гӏуцӏун буго ункъо бутӏаялдаса. Гьениб бицунеб буго магӏарул газета тӏоцебе кин бижа- рабали, гьелъул бетӏерал редактораллъун щал рукӏаралали, батӏи- батӏияб заманалда газеталда кинал цӏарал рукӏаралали. Гьединго кьун руго тӏоцебесеб къоялдаса нахъе газеталда хӏалтӏулев вукӏарав щивав чиясул хӏакъалъулъ баянал ва батӏи-батӏиял гӏадамаз магӏарул газеталъул рахъалъ загьир гьарурал пикраби, кучӏдул, коллективалъул суратал.
Гӏемерисезе интерес ккезе бегьула советияб заманалъул байбихьуда газеталда рахъулел рукӏарал къокъал макъалабазулги. Тӏубан батӏиял руго гьез рорхулел суалалги макъала хъвалеб къагӏидаги. Масала, цояс хъвалеб буго жинца тӏаде босулила Гьоцӏалъ росдал жамагӏаталда цебе щибаб газета цӏализе. Харахьиса чияс мисалалъе восулев вуго росдал кооперативалде жиндирго лъабго хӏайван кьурав кверги гӏайибав Султӏан Сагӏадулаев. 1934 соналда къватӏибе биччараб газеталда хъвалеб буго Гъоркьа Жунгуталда магӏарул мацӏалъул щибго къадру гьечӏилан.
Палхӏасил, кватӏичӏого Махӏачхъалаялда тӏобитӏизе буго гьеб тӏехьалъул презентацияги.
Гьеб босизе бокьарав чи «Хӏакъикъат» газеталъул бухгалтериялде вачӏине бегьула.
З. ХӏАЖИЕВА