Гьал къоязда Махӏачхъалаялда, Миллияб библиотекаялда, тӏобитӏана «Хотода — родина легендарного Хочбара» абураб тӏехьалъул презентация.

Гьелъул автор ккола Шамил районалъул нухмалъулесул заместитель Махӏач Махӏачев. Тарихчи хӏисабалда тӏехьалъе цензорлъи гьабуна ДФИЦалъул тарихалъулгун археологиялъул ва этнографи- ялъул институталъул гӏелмияв хӏалтӏухъан Мачӏадаса Мухӏамад Шехмухӏамадовас.

Махӏачица материал данде гьабизе байбихьун буго 15 соналъ цебего. Амма гьел рукӏун руго тӏехь хъвазе мурадалда гуреб, мунагьал чураяв эменгун цадахъ жидерго кьолбол хӏакъалъулъ ракӏарулел баянал. Масала, аслияб куцалда гьез тӏадчӏей гьабулеб букӏун буго кьолбол кӏудияв, Гьитӏинасул къисматалда хурхарал хӏужаби ралагьиялда. Гьев кколаан Шамилил наиб.

Гьедин анкьумумуздаса бахъарал жидерго наслуялъул чагӏиги тӏатинарун, Махӏачил хӏукму ккун буго росдал цогидал тухумазул хӏакъикъат лъазабизеги.

Гьадин бицана М. Махӏачевас «Хӏакъикъаталъе»:

— Тӏехьалда гъорлъе рачинчӏого хутӏарал хӏужабиги ккана. Масала, анкьго соналъ наиблъи гьабурав Гьитӏинасул хӏакъалъулъ материал цинтӏаго гуро кодобе щвараб. Гьанжени кинабго роцӏанин ккараб мехалда тӏатунел рукӏана цогидалги хӏужаби. Битӏун тӏехь басмаханаялде кьураб заманалдаги загьирлъана гьес ва гьесухъе хъварал кагътал. Гьединлъидал дагьалъ чӏун гьездасан гӏуцӏараб монография биччазе ракӏалда буго.

Гьитӏинав 1851 соналда тӏамун вукӏана наиблъун. Анкьго соналдасан Буртунаялда чӏвана гьев. Доб мехалда доре-гьанире раччизе ресги букӏинчӏого, рагъухъаби хваралъурго рукъулел рукӏун руго. Амма Гьитӏинасул жаназа, Шамилил вас Гъазимухӏамадилгун гьудуллъиялда вукӏунищали, имамас, гьакидаги лъун, Хӏотоде битӏун бачӏун буго.

Мухӏамад Шехмухӏамадовги Шагӏбан Хӏапизовги Тбилисиялде индал, гуржиязул архивалда батун буго гьезда 1878 соналда биччалеб букӏараб «Кавказ» абураб Россиялъул политикияб газета. Гьелъул тӏоцебесеб гьумералда бахъун букӏана Хӏотода росдал хӏакъалъулъ хъвараб макъала. Гьелъул ахада хъван букӏана байбихьи цересел номераздаги бугилан. Гьел номерал дида ратана Санкт-Петербургалъул архивалда. Гьедин нижер росдал гӏадамазулги рукӏа-рахъиналъулги хӏакъалъулъ макъалаби рахъун ругоан гьеб газеталда кӏиго соналъ тӏатӏалаго. Гьенибго хъван батана дида Шамилил заманалда Хӏотоде гьоболлъухъ вачӏунаанин Чӏаралъулгун Белоканалъул наиб Батӏракъил Мухӏамадгӏали. Гьесул гьобол вукӏун вуго нижехъа Гӏалигӏумар — Шамилил мурид. Шагӏбан Хӏапизовасул макъалаялда хъван буго гьесул ирсилазул цояв Мухӏума Чӏегӏерчиев ДГПУ- ялъул профессор кколилан. Дица презентациялде ахӏана гьев, амма щаяли бицинчӏо. Гьенивго вукӏана дов мурид Гӏалигӏумарил цӏар лъурав чиги. Цинги гьезул лъайхъвайги гьабун, бицанаха 170 соналъ цере нужер умумул рукӏун ругин цоцазулгун гьоболлъи рагӏизабурал чагӏи, гьанже нуже- цаги гьабизе бегьулин гьебилан. Гьеб хӏужаялъги кутакалда хинаб асар гьабуна киназего.

— Гьединал росабазул тарихалъул тӏахьал хъвалел цо-цо чагӏаз жиде-жидерго тухумазе цӏар-реццги гьабулеб буго…

— Гьедин гьабулеб букӏиналъ кӏудиял чагӏаз абуна дида гьединал жалаздаса цӏунизе хӏаракат бахъеян. Нилъерго тухумалги реццун, цогидазул лъикӏал ишал тӏаде нуцӏаги къан толел ругони, гьеб жо росабазул тарих бихьизаби гуро, хас гьабун жидерго тухумазул тарихалъул бицин буго. Цо талихӏалъ, Мухӏамадицаги (Шехмухӏамадовас – ред.) кутакалда халкколеб букӏана гьеб рахъалъ щибниги тохлъи борчӏиладаян. Гьелъги батила, росуцоязеги цӏакъ бокьана гьеб тӏехь. Кӏиабилебги бахъизе ракӏалда буго.

Гьениб аслияб куцалда росдал тарихалъулги, маданияталъулги, рукӏа-рахъиналъулги хӏакъалъулъ хъван буго. Масала, нижер росулъа 14 чи вукӏана Кӏудияб Ватӏанияб рагъдеги ун, тӏад вуссинчӏев. Гьезул анцӏгояв вукъарал бакӏал лъазаризе кӏвана Оборонаялъул министерствоялъул архиваздасан.

Дагьа-макъабго топонимикаялъулги бицунеб буго. Масала, росдал цӏар бачӏун буго хӏет (ковыль) абураб рагӏудаса.

— Тӏехьалда цӏар Хочбарида хурхинабун гуреб, батӏайисан лъезе ракӏалда букӏанищ?

— Тӏехь биччаялъул пикру рекӏелъе лъугьарабго, тӏоцебе гьеле гьеб цӏар чӏана дида цебе – «Хотода — родина легендарного Хочбара». Цояс абуна «легендарного» абураб бакӏалда «гидатлинского» лъезе бегьуларищан. Амма Хочбар гӏицӏго гьидерил гуревги, эркенаб пикруялъул жамагӏатазулги вакиллъун вукӏана.

Гара-чӏвари гьабуна З. ХӏАЖИЕВАЛЪ.