Рекӏелъго миллияб накъищгун вижула цо-цо чи. Гьеб тӏокӏлъи кверзул устарлъиялдалъун загьир гьабулез наслабазе нахърателги тола. Гӏолилазда гьоркьор гьединал гьунарал тӏатиндал, цӏакъго ракӏ бохула.

Шамил районалъул Гьоори росу буго гьунаразул гъамас гӏадаб бакӏ. Кьурди-кечӏалъе гуребги, цӏар рагӏарал къадахъабиги цӏулал устарза- биги гӏемер рахъана гьениса.

Халкъалъе загьираб гьунаралъул чи вуго гьаниб гъоркьехун бицен гьабулев Гьоориса гӏолилав Хӏасанов Мухӏамадги.

Хӏебда, Авар гӏурул рагӏалда буго гьезул мина. Азбар-къоного буго гьезул музей гӏадаб бакӏа-бахариялъул бакӏ. Бахчагун ахгицин къачӏан буго щибаб бокӏоналда цӏулалгун ганчӏил ва тӏугьдузул композициял- ги гӏуцӏун. Гьеб хъизамалъего кьун буго Бетӏергьанас тӏабигӏаталъул берцинлъи халлъулеб, гьеб хаслъи цогидазеги тӏатинабун бажарулеб дуниял бихьи. Хъизамалъул бетӏер Хӏасан вуго махщел камилав цӏулал устар. Гьединазул хӏакъалъулъ халкъалъ абула « Аллагьас меседил кве- рал кьун ругинги». Хъизан -Марина лъебергоялдаса цӏикӏкӏун соналъ хӏалтӏулей йиго районалъул фоль- клор цӏунулезул, гьелъул берцинлъи халкъалъухъе кьолезул мухъилъ. Шамил районалъул «Дагъбаш» ансамблялда гьоркьой умумузул кьурдабазул расенгун гьей цее яхъуна къватӏисел улкабазда, Россиялъул шагьаразда тӏоритӏулел чӏахӏиял тадбиразда. Гьединал, ракьалда берцинлъи бекьулел эбел-инсул ро- хелги чӏухӏиги буго жидедасаги цӏикӏкӏараб гьунар бугеб лъимер лъугьин.

Кодобе щвараб хъарщи-цӏулалъул кесек рухӏ лъураб гӏадин батӏи- батӏиял сипатаздалъун чӏаголъизабулеб гьунар буго гьезул вас Мухӏамадил. Канлъукълъиялъул сакъатлъи бугониги, гьитӏинаб мехалдаса нахъего суратал рахъулев вукӏунаан гьев.

Васасул гьунар камиллъана Дагъистаналъул М. А. Жемалил цӏаралда бугеб художествияб училищеялда щвараб лъаялъги. Гьенив цӏалулаго гьарурал умумузул рухӏияб ирсалъул, бахӏарчилъиялъул, ватӏан бокьиялъул темаби рагьулел хӏалтӏабигун Мухӏамад Хӏасанов гӏахьаллъулаан тахшагьаралъул ва республикаялъул даражаялда тӏоритӏулел батӏи-батӏиял къецазда. Гӏасрабазул нугӏзаллъун ругел жидерго некӏсияб Гьоори росдал сиязул, гьезул ганчӏазда рикӏарал накъищазул хӏисаб гьабун хӏадурарал хӏалтӏабаз хасаб бакӏ ккола гьесул творчествоялда. Мухӏамадил гьунаралъе мустахӏикъаб къиматги шапакъаталги кьуна гӏемерал конкурсазда. Щибаб гьединаб гӏахьаллъиялдаса хадуб гьесул гъира цӏикӏкӏунеб буго жиндирго анищал, пикраби хӏалтӏабазулъ рихьизаризе.

«Умумузул ирс» абураб цӏаралда гьесул хӏалтӏабазул выставка букӏана гъоркьиса Буйнакск шагьаралъул музеялда. Гӏемерав чи гӏахьаллъараб гвангъараб тадбир лъугьана гьеб выставка рагьулеб къоялъ. Искусство бичӏчӏулез цӏакъ тӏадегӏанаб къиматги кьолеб букӏана гӏолохъанав художникасул гьунаралъе.

Гьанже Мухӏамад хӏалтӏулев вуго Шамил районалъул искусствоялъул школалда художник-мугӏалимлъун. Заочно цӏалулев вуго ДГПУялъул худграфалда. Гьес гъираялда ругьун гьарулел руго хӏебдасезул лъимал жиндирго махщалиде, тӏатинарулел руго гӏисинал гьунарал. Цӏалдохъабазул бажариялдаса лъимер гӏадин живгоги вохула гьев.

Гьев цӏакъго кӏвар кьун хӏалтӏулев вуго махщел камил гьабиялда тӏад, лъикӏаб къимат жиндиего кьурабгӏан жавабчилъи цӏикӏкӏунеб буго гьесулъ.

Хӏасановасул хӏалтӏабазулъ такрарлъула бахӏарчилъиялъул ми- саллъун ругел хӏайваназул сипатал, гьайбатаб тӏабигӏаталъул бутӏаби, некӏсияб архитектураялъул хутӏелал. Цебесебги цӏунараб, цӏиябги бихьизабулеб хасаб хатӏ буго гьесул.

Рекӏелъ бугеб миллияб накъищ, гьунар загьир гьабизе хӏаракат бахъизе кколин рикӏкӏунеб буго гӏумруялъул 22 сониде вахарав художникас.

Патӏимат ГЬИТӏИНОВА