Ахираб заманалда республикаялда нухмалъулезул гӏуна чанго батӏияб гӏел: умумузул бакӏазде рачӏана гьезул лъимал. Амма 35 соналъ хиси гьечӏого Гъуниб районалъул Кӏогьори консервазул заводалъул директорлъун хӏалтӏулев вуго Гумбет районалъул Ингишоса Мухӏамад Гӏарипов.
Институталдаса хадуб Росдал магӏишаталъул министерствоялда хӏалтӏулев вукӏарав гьев Гъоркьияб Гъазданущиве консервазул заводалде витӏулев вукӏун, ахирги къисматалъ магӏарухъе вачана. Гьелъулъ букӏана цоги магӏнаги – къокъабго заманалда жаниб Кӏогьоривги хӏалтӏун, республикаялъул тӏалъиялъ Мухӏамадида тӏад къазехъин букӏана хӏукуматалъул кӏудияб хъулухъ. Цере кадраби гьедин гӏезарулел рукӏиндалха.
Амма 35 соналда жаниб республикаялда чанцӏулго тӏалъиги хисун, Мухӏамад я Махӏачхъалаялде тӏад вуссинчӏого, я жиндирго Ингишове инчӏо. Жакъа республикаялъул экономикаялъулъ хасаб бакӏ ккола гьеб заводалъ. 19 соналъ тӏатӏалаго заводалъ бергьенлъи босана «Сто лучших товаров России» абураб конкурсалдаги. Россиялда къанагӏатаб хӏужа ккола гьеб.
Гьединго кӏагьадерил заводалъул цӏар рагӏана Россиялъул регионазда гуребги, Турциялдагун Германиялдаги.
Завод хӏалтӏулеб буго 1949 соналдаса нахъе.
Гьеб киналдаго тӏасан гьадинаб гара-чӏвари ккана нижергун Мухӏамад Гӏариповасул.
— Мухӏамад, батӏияб районалдаса чи хӏисабалда, байбихьуда Кӏогьориве вачӏиндал, гӏадамазул дудехун кинаб бербалагьи букӏараб?
— Дица гьезда бачӏинахъего бичӏчӏизабуна дун гьаниве диего хайир цӏехон вачӏарав чи гурев, унго-унголъунги гьезул гӏумру лъикӏлъизаби мурадалда хӏалтӏизе вачӏарав вукӏин. Хадуб байбихьана диего мина базеги ах гӏезабизеги. Цинги дирго лъабайго ясги цӏалана гьаниб дицаго бараб школалда, хъизанги гьанийго хӏалтӏана учительницалъун.
Совхозалъул директорлъун иналде гӏакълу дандбазе дун щвана цеве гьаниб совхозалъул директорлъун вукӏарав Ругъжаса Чупан Мажидовасухъе. Районалъул тӏоцевесев секретарьлъунги вукӏарав, дозги веццулев чи вукӏана гьев. Чупанидаса хадув тун вугоан Мухӏамаднаби Гӏумаров. Гьесухъеги ана дун.
— Дида рагӏана консервалги къватӏире риччан чӏечӏого, совхозалда гъорлъ ругел росабазул хӏажалъабиги тӏуралаанин дуца…
— Доб мехалда завод совхозалда гъорлъ букӏана. Гьединлъидал дунго лъикӏав лъугьун тӏаде росулаан дица гьел ишал. Амма щибго гьабичӏого чӏаниги, дида тӏадкӏалъалев чиги вукӏунароан.
Заводалда хурхинчӏел суалал тӏуразе ресалги гӏезегӏан рукӏана доб мехалда. Совхозалъе щолеб пайдаялъул 90 процент кколаан заводалъе щвараб, гӏицӏго 10 процент – совхозалъул.
Хӏукуматалъ бокьанагӏан гӏарацги биччалаан хӏалтӏулев чиясе: нухал рахъизе, минаби разе ва цогидалъе. Гӏицӏго заводалъул хӏалтӏиги гьабун чӏечӏого, совхозалда гъорлъ ругел росабазул цо-цо хӏажалъаби тӏураялъе квербакъилинги ракӏалде кколаан дида. Масала, Хӏотӏочӏиб росдае къваригӏун букӏана лъим. Гьезул руччаби хасалоги къаси сагӏат кӏиго тӏубазегӏанги къулгӏадухъ рукӏунаан иргаялда гӏертӏалги лъун. Тӏадежоялъе, Чачаналде гочинарун рукӏиналъ доб хӏукуматалдаса разилъи гьечӏолъиги букӏана гьезул гӏадамазул.
Гьедин дица хӏаракат бахъана кӏагьадерил магӏардаса Хӏотӏочӏибе лъим бачине. Жакъа къоялда гьеб лъим росдал гӏадамазул рокъо-рокъоб буго.
Хадурго заводалъул ресалдаса Хӏотӏочӏирги, Хьиндахъги, Гъоркьияб Кӏогьорибги ясли-ахалги минабиги рана дица. Масала, цо ясли-ах букӏана изолентаялъ рацӏцӏарал походный кроваталги жанир лъураб, жагъаллъараб, цӏорораб бакӏалда. Дица рана хӏухьладалъун хинлъизарулел, киналго санагӏалъаби чӏезарурал ясли-ахал.
Дун дове вачӏараб заманалда, заводалъул общежитиялъул кӏиго рокъоб бугеб 4 классалъул школаян цӏарги лъун, кӏиго классалда хӏалтӏулей кӏиго учительница йикӏана. Гьениса нахъеги рачун, цӏияб школаги бана. Гьелдалъун жеги 28 чиясе хӏалтӏизе бакӏалги щвана.
Заманаялъ къватӏиса вачӏарав чиясул гӏадаб бербалагьи гьабичӏо дица киданиги Гъуниб районалъул гӏадамаздехун. Масала, Хӏотӏочӏиб росдал хабалазда аскӏоб букӏана кӏудияб цо хур. Дагьабниги жо бажарулел чагӏи рачӏунаан аскӏоре, гьеб хур щвезе жидее кумек гьабеян. Амма дица гьезие инкар гьабуна, щайгурелъул кватӏичӏого хабзалги цӏун, гӏадамал рукъизе бакӏ хутӏизехъин букӏинчӏо росулъ. Жакъа иш гьелде ккунги буго. Гьанже хварал чагӏи гьеб хурир рукъула хӏотӏочӏисез.
Хӏабургъарал 1990-абилел соназда районалъул кӏиго нухмалъулев вачӏана дир рокъове цо чагӏигун цадахъ, Хӏотӏочӏиб тукенги Хьиндахъ бугеб совхозалъул администрациялъул минаги гьезие бичеян гьаризе. Бокьарас бокьараб гьабуниги, хадуб хъаравуллъи гьечӏеб заманги букӏана доб.
Гьез бичӏчӏизабулеб букӏана гьеб ишалда гьоркьоса саламатаб давла диеги щвелилан. Амма дица инкар гьабуна гьеб бакӏ росдал хӏажалъабазе толеб бугилан.
Гьеб кутакалда лъикӏги ккана. Гьале жакъа къоялда совхозалъул контора букӏараб кӏитӏалаяб минаялъуб Хьиндахъ байбихьул школа буго, тукен букӏаралъуб абуни Хӏотӏочӏ росдал администрация буго. Дол чагӏазе инкар гьабичӏебани, гьеб мина цо хасав чиясе щвезехъин букӏана.
Генпланги бахъун, мадугьалихъ вукӏунев чи тӏаса вищизе гӏадамазе жидехъего ихтияр кьуна минаби разе, ахал лъалъазе насосазул станциялги рана. Амма ранигищиб, насос къачӏазецин гӏарацги бакӏаричӏого ракъвазе тун руго гӏадамаз ахал-хурзал. Масала, гьелдаса нахъе араб 28 соналда жаниб цониги нухалда лъалъачӏого гьез гьел насосаздалъун. Цӏад базе бегьулилан чӏолел руго.
Гьединго ахикье кӏанцӏун, хӏайваназ гъутӏби кваназехъин рукӏин рихьун, хъаравул щай гьенив толаревин гьикъана рахӏатхварав дица ракьазул бетӏергьабазда. Гьеб мехалда цояв вуго абулев жиндиени къварилъи гьечӏила гьелъул, жиндир хур гъоба бакьулъегӏан бугила, гьенире щвезегӏан жеги гӏезегӏан хурзалги ругила. Балагье цо нилъер гӏадамазул гӏамал-хасияталъухъ. Дица батӏаго дирго эбел-инсул бакӏ букӏиналъищ гьенибе лъим бачараб ва цогидаб гьабураб?
Цо нухалъ насосазул станция балаго ккаралъулги бицинин.
Цо нухалда районалдасаги Махӏачхъалаялдасаги хӏакимзаби рачӏун рукӏана нижехъе.
Гьеб мехалда райкомалдеги ахӏун, цо хӏакимас дида абуна дуца гьабсагӏат гъулбас лъейила насосазул станция бан лъугӏанин абураб кагътида гъоркь. Вахӏ, гьелъул магӏна щибин лъугьана дун. Дуца гьабсагӏаталда гъулбас лъейила, гьаз хадуб лъугӏизабулин гьеб станция банилан, тӏаса вичӏулев вукӏинчӏо райкомалъул хӏаким. Махӏачхъалаялдаса хӏакимзабазда цебе гьес бахъулеб хӏаракат букӏанаха живго вихьизавизе бокьараб. Амма документазда гьарурал хъвай-хъвагӏаязул жаваб хадуб дицалъидал кьезе кколеб букӏараб. Гьединлъидал дунги тӏирун чӏана, гъулги басичӏо.
— Тахшагьаралдаса хӏакимзабазда цеве нечезавурав хӏакимас хадубккун мун хъулухъалдаса нахъе рехизе хӏилла ургъичӏого кин тараб?
— Гьединал ишаздаса хадуб халкъалъ дир рахъкколеб букӏана, гьединлъидал берда бихьулаго дие квалквалал гьаризе нахъе къалаан хӏакимзаби. Доб мехалда дир гӏезегӏан лъай-хъваялги рукӏана республикаялда. Гьединго бадирчӏваял гьаризеги рес кьолароан дица хӏакимзабазеги цогидазеги.
Дун директорлъун вугебгӏан заманалда цониги хӏалтӏухъанас дида тӏасан гӏарза хъвараб хӏужаги ккечӏо. Дица гьезие шартӏал чӏезарулаан. Масала, байбихьана заводалъул хъаравулзабазе жанир чӏезе квегӏенаб рукъ баялдаса (цере гьел ведроялда жаниб цӏаги бакун, сагулаги ретӏун квачан холел рукӏунаанин бицуна).
Дие сундулъго дуруслъи, чӏванкъотӏи бокьула. Пихъ босун заводалде рачӏарал гӏадамаздехунги гьединалго тӏалабал рукӏуна. Масала, метер вачӏаян къотӏиги гьабун вугев чи жакъаго заводалъул кӏалтӏа чӏун ватана цо нухалда. Амма дица гьесие инкар гьабуна, щайгурелъул гьес гӏадлу хвезабун. Гьесул гурелги рукӏиндал гъора азбар цӏурал пихъил машинаби. Жакъа гьев цеве виччан, метер цогидал къабул гьарун, ахиралда гӏала-гъважаги ккун, хӏалтӏул низам биххулелъул. Гьеб мехалда районалда машгьурал чагӏигицин ритӏун рачӏана дов чияс дида аскӏоре жиндихъа пихъ щай босуларебилан гьикъизе. Гьездаги бичӏчӏизабуна дица гьелъие гӏилла. Гьебги гӏечӏого, жеги цоги цо хъулухъчӏужуги йиго гьебго суалалъ аскӏое ячӏиней. Гьале гьаб дие бокьун босуларин абизе ккана гьелдаги. Дуе бокьарабщинаб гьабулеб бакӏищин гьабилан чӏана гьей. Гьебги гьабулареб мехалда Гумбеталдаса бахъарав дун гьаниве щвезегӏан щай вачӏаравилан махсара дицаги гьабуна.
Палхӏасил, гьабун хӏалтӏи релълъунеб заман букӏана доб. Цо лъагӏалида жаниб тӏубараб магӏарул цо районалдагӏанасеб хӏалтӏи гьабун батана нижеца заводалъул ресалдаса. Хадуб улкаялъул гӏуцӏиги хисана, совхозги биххана, гьелъухъ рукӏарал ракьалги гӏадамазухъе кьуна. Гьелдаса нахъе чанго сон индал, цо чи лъугьана дие бадирчӏваял гьаризе гьел ракьал рукӏахъего тезе кколаанилан. Вахӏ, бищун тӏоцеве дур эмен гурищ гьел нахъе тӏалаб гьарулев вукӏаравилан гӏажаиблъана дун. Жидедаса гӏакълуги гӏумрудул бичӏчӏиги бугев чи хӏисабалда дуца биччазе бегьулароанин гьеб, мун жидехъ щай гӏенеккаравилан гьикъана дос.
Дица байбихьуда бицана советияб заманалда хӏалтӏизе бокьарав чиясе хӏукуматалъ гӏарцудалъун гьабулеб букӏараб кумекалъул. Гьелдаго цадахъ кьварараб, гӏадилаб заманги букӏана гьеб. Масала, Гъуниб больницаялъе кӏинусго банка компоталъул кьезе ихтияр букӏинчӏо дир. Босизе кколаан наряд. Тӏаде босанагӏан цӏикӏкӏун планги лъолаан.
Заводалда къанщинаб банка 10- 15 машина цӏун къойилго Буйнакскиялде («Нагорный Дагестан») цолъиялде битӏулаан нижеца. Гьениса вагоназдаги лъун Россиялъул регионазде баччулаан. Цо нухалда Буйнакскиялдаса ахӏун бачӏана жакъа битӏугейила продукция эхебе, лъезе бакӏ гьечӏила. Гьебго жо нижерги букӏана – складалги рагьтӏа бакӏалги цӏун. Цинги дица Буйнакскиялде ахӏана жакъа нужехъе продукция битӏичӏони, дица завод къазе кколилан. Гьедигӏанги гӏемер букӏана баркат.
Гьанже бугеб ахӏвал-хӏалалъухъги балагьеха: гӏемер руго чӏун хутӏарал яги хӏалихъе хӏалтӏулел заводал. Гьедин букӏиналъул лъиениги ургъелги гьечӏо.
— Нужеца сокалда тӏад «Зер гут» абун хъваялъул магӏна щиб?
— Батӏи-батӏиял магӏишатазул директорзабигун цадахъ чанго соналъ цеве Ольденбургалде щун вукӏана дун. Гьенир рихьизе лъурал соказул хӏал бихьулелъул, гьеб шагьаралъул бургомистрас чанцӏулго такрар гьабуна «Зер гут, зер гут!» абун (немец мацӏалда «кутакалда лъикӏаб» абураб магӏна – ред.). Гьелдаса хадуб ракӏалде ккана продукциялда тӏадги щай гьедин хъвазе бегьиларебин абун.
— Мухӏамад, заводги гьелъул магӏишатги цӏунарав мун гьабщинаб мехалда хъулухъалъ жеги тӏадегӏан вахинавичӏолъи бичӏчӏулеб гьечӏо.
— Гьебго суал чанго нухалда кьуна дие республикаялъул батӏи-батӏиял идарабазул хъулухъчагӏазги. Дица гьезие махсара гьабуна тӏокӏцӏарал ругел чагӏазе гурони кьоларин гьелилан (Хӏакъикъаталдаги доб мехалда цо-цо хӏакимзабазул рукӏана гьединал тӏокӏцӏарал – ред.).
Амма Мухӏамадтӏагьир Гӏабдулбасиров РФялъул росдал магӏишаталъул министрасул заместительлъун Москваялде ун хадув, гьесул бакӏалда хӏукуматалъул председателасул тӏоцевесев заместительлъун тезе дир документал тӏалаб гьарун рукӏана Махӏачхъалаялде. Амма гьеб хъулухъалда хадув лъугьинейищ кколев вукӏаравалиха, хадубккун дица гьелъул цӏех-рехги гьабичӏо, гьединлъидал хӏасилги ккечӏо.
— Мухӏамад, гьебщинаб мехалда къвал къараб заводалъулгун къолъикӏ гьабизехъин бугин рагӏана дуца. Гьеб кодобе кьезе ракӏ рекъарав чи вугищ дуда сверухъ?
— Дие бокьун букӏана коллективалда гьоркьоса чияс гьеб тӏаде босизе. Гьединлъидал дица бащдаб лъагӏалида жаниб лъабго чиясулгун гьабуна гара-чӏвари. Щивасулгун хабарги бицана. Цояс абуна жинда гьеб иш бажаруларин абун. Кӏиабилесги загьир гьабуна гьединабго пикру: заводалъул жанисеб хӏалтӏи лъаниги, дуца гӏадин, кивего векерахъдун, гьеб тун къватӏибехун гьабулеб иш жиндихъа букӏине кколеб даражаялда бачине кӏвеларилан. Лъабабилесги абуна жиндихъа бажариладайила гьеб. Гьеле гьединал чагӏи данде ккола дие. Щайгурелъул, жинда гьеб хӏалтӏи бигьаго бачине бажарулин абулев чи вукӏуна хӏакъикъаталдаги гьеб иш тӏубан лъаларев чи. Хӏалтӏи лъалев чияс бигьаго гьединаб ургъел ботӏроде тӏадеги босуларо.
Нилъедаго тӏаса аниги, ракӏ унтун нилъецаго гӏемераб мехалъ гьабун цо бакӏалде бахинабураб хӏалтӏул къимат гьабизе бокьулеб буго хадур рачӏунезги. Гӏемераб жо хӏисабалдеги босун, дида ракӏалде ккана генералияв директорлъун вихьизавизе гьабсагӏат бетӏерав бухгалтерлъун хӏалтӏулев вугев Мухӏамадов Шамил -хӏалтӏиги лъалев, коллективалда жаниб хӏурматги бугев, свак гьечӏого хӏалтӏулев, ракӏ бацӏцӏадав инсан.
Гьесдаги кинабго коллективалдаги гьеб ишги баркун, гьарила; баркат бугеб батайги гьабураб хиса-баси!
Ахиралда кьезе бокьун буго КӏУДИЯБ БАРКАЛА – 35 соналъ дида аскӏор рукӏарал Тӏаса ва Гъоркьа Кӏогьори, Хьиндахъ, Хӏотӏочӏи, Гъуниб росдал, тӏолго Гъуниб районалъул росабазул гӏадамазе.
Заводалде пихъ кьолел рукӏарал Гъуниб, Чӏарада, Хьаргаби, Хунзахъ, Лаваша ва цогидалги районазул чагӏазе.
Дихъа мекъи ккараб жоялда тӏаса лъугьайинги гьарула.
АЛЛАГЬ ГУРХӏАГИ КИНАЗДАГО!!!
Гара-чӏвари гьабуна Зульфия ХӏАЖИЕВАЛЪ.