Араб анкьалъул ахиралда республикаялъул нухмалъулесул ишал тӏуралев Сергей Меликовас хиса-басиял гьаруна хӏукуматалда.

Спорталъул ва физическияб культураялъул министрлъун тӏамуна ДРялъул эркенаб гугариялъул рахъалъ федерациялъул нухмалъулевлъун вукӏарав Сажид Сажидов.

С. Сажидов ккола дунялалъул ва Европаялъул кӏицӏул чемпион. 2004 соналда Афиналда тӏоритӏарал Олимпиялъул хӏаязда гьесие щвана мазгарул медаль. 2020 соналъул октябрь моцӏалде щвезегӏан вукӏана республикаялъул тӏаса бищараб командаялъул кӏудияв тренерлъун.

ДРялъул хӏукуматалъул вице-премьер Муслим Телякавовасул гӏахьаллъигун тӏобитӏараб данделъиялда Спорталъул министерствоялъул хӏалтӏухъабазулгун лъай-хъвай гьабуна цӏияв министрасулгун. Гӏемерал соназ гьабураб ракӏбацӏцӏадаб хӏалтӏухъ, гьанжелъизегӏан министрлъун вукӏарав Мухӏамад (Махӏач) Мухӏамадовасе баркалаги кьун, М. Телякавовас абуна гьесул бажариялдалъун ахирал соназда республикаялда спорталъул гӏезегӏан лъикӏал ишал кканин. Ракӏалде щвезаруна, эркенаб гугариялъул ва боксалъул рахъалъ, щибаб соналъ нилъер спортсменаз росарал бергьенлъаби. Рехсана цогидалги тӏокӏлъаби.

Нижехъе щварал цо-цо баяназда рекъон, гьев Гъизилюрт районалъул нухмалъулевлъун тӏамулев вуго. Гьелъул хӏакъалъулъ бакка-бахъи гьабуна М. Мухӏамадовасги ва абуна нагагь гьаниб «гьава-бакъ рекъечӏев» чи ккани Гъизилюрталде ваккейин, гьениб киназего гӏураб хӏалтӏи букӏине бугин.

Лъай кьеялъул министрлъун тасдикъ гьавуна республикаялъул росдал магӏишаталъул университеталъул ректорлъун вукӏарав Яхӏя Бучаев.

Лъай кьеялъул министрлъун тӏамурав Яхӏя Бучаевги бажари бугев, хӏалтӏи бачине лъалев чи вукӏин киназдаго лъала. Гьев ректорлъун вугебгӏан мехалда росдал магӏишаталъул университеталда цониги ришват босараб хӏужа ккечӏин гӏемер бицуна.

Республикаялъул ралел бакӏазул министрлъун тана Артур Сулейманов.

Ралел бакӏазул министрасул хъулухъалде тӏамурав Артур Сулеймановас лъугӏизабуна Нижний Новгород шагьаралъул ралел бакӏазул университет. Дагьаб заманалъ гьенивго хӏалтӏунги вуго. Амма гьесул бажари-гьунар бихьанин абизе бегьула «Ростех» абураб пачалихъалъулаб корпорациялда хӏалтӏулеб заманалда.

— Дагъистаналда хӏалтӏарав чи гьечӏониги, дида лъала дирго ракьалъул гӏадаталги, умумузул тарихги, рахьдал мацӏги. Республикаялда ругел гӏунгутӏабиги гӏезегӏан лъикӏ лъала. Цере лъурал масъалаби руго кутакалда кӏвар бугел ва хьул буго цадахъ лъугьун гьел тӏуразаризе кӏвелин абураб, — ан абуна А. Сулеймановас министерствоялъул хӏалтӏухъабазулгун лъай-хъвай гьабулеб мехалда.