Шамил районалъул Гьоор-Хьиндахъа кӏиго вас чӏварав Муртазагӏали Хӏасанхӏусеновасул хитӏабалъухъ халги гьабун, инсанасул ихтиярал цӏунулеб Европаялъул судалъ (ЕСПЧ) хӏукму гьабуна лъимал чӏварав инсуе пачалихъалъ 120 000 евро (10 миллионгун 700 000 гъурущ) кьезе кколин абун.

Муртазагӏалил васал Набиги Хӏасанхӏусенги чӏвана 2016 соналъул 23 августалда. Жидеего бетӏербахъиялъе хинкӏ балагьулел, жамагӏаталъул боцӏиги хьихьун магӏарда рукӏарал гьел чӏвана изну гьечӏого яргъид гӏуцӏаразул къукъаялдаса чагӏи ругинги ккун. Гьеб хӏакъикъат хадуб баянлъана. Амма гьел чӏваразе тамихӏ гьабуларого букӏиналъ, щугогӏан соналъ тахшагьаралъул майданалде хьвадана эмен Муртазагӏали. Дир васални гьанже рахъинарин, амма гьеб такъсир лъачӏого кканин абураб жоялъениги мукӏурлъейилан гьарулеб букӏана гьес.

Республикаялъул нухмалъулесул ишал тӏуралевлъун тӏамун заман балалде С. Меликовас къабул гьаруна чӏварал васазул эбел-эмен. Кватӏун бугониги зигара къабул гьабейилан берцинаб каламги гьабуна гьес. Бицана нужеде бачӏараб къварилъиялъул бакӏлъи жиндаги лъалин, щайгурелъул жиндир васги хванин чияр квердаса. (2007 соналда Дагъистаналда букӏараб цо операциялъул заманалда чӏвана гьес хьихьун гӏурав Дмитрий Серков). Адабалда талихӏкъосарал эбел-эмен тӏаде къабул гьарун хадуб Меликовасдехун лъикӏаб бербалагьиги лъугьана халкъалъул.

Узухъда, 10 миллион гъурщица васазул рухӏалица къвагъараб эбел-инсул ракӏ сах гьабиларо. Щайгурелъул гьечӏелъулха ракьалда гьеб рухӏел къинабизе кӏолеб къуват.