29 марталда Египеталъул тахшагьар Къагьиралда рагьана Расул Хӏамзатов ракӏалде щвезавиялъул хӏурматалда гьесие лъураб бюст. Цӏадаса дунялалдаго машгьурав шагӏирасул сураталда гьабураб ганчӏил си эхетун буго Къагьиралъул «Эль-Хӏуррия» ахикь. Гьениб аскӏобго буго гьезул операялъул минаги.
Гьелъул автор ккола Египеталдаса скульптор ва художник Гӏусама ас- Сеури. Дунялалда гьев лъала искусствоялъул ва гьединго гӏелмуялъул тарихалда кӏудияб лъалкӏ тарал машгьурал гӏадамазе памятникал хӏадурарав чи хӏисабалда.
Шагьаралъул администрациялъе сайгъат гьабуна гьес ганчӏида бикӏараб Хӏамзатил Расулил сурат.
Хӏурматияб ишалъе кӏудияб къимат кьуна Египеталда вугев Россиялъул вакил Георгий Борисенкоцаги. Нижер пачалихъалъул бечедаб тарихги маданиятги Египеталъул халкъалдаги лъазе лъураб галилъун букӏине тейин жакъасеб тадбирилан абуна гьес памятник рагьулеб къоялъ.
Кӏудияв шагӏир чанго нухалда щунги вукӏана Египеталде. Гьезул хъвадарухъабазда ва искусствоялъул хӏаркатчагӏазда гъорлъ гӏемерал гьудулзабиги рукӏана Р. Хӏамзатовасул.
Ашахан ЮСУПОВ