Калининградалда бугеб гарнизоналъул рагъулаб судалъ, гьал къоязда, хӏукму къотӏана нилъер республикаялдаса кӏиго гӏолохъанчиясда хурхун. Гьел ккола Расул Сайхановги Жамалдин Мухӏамадовги.

Калининградалда бугеб насраниязул килисаялда аскӏосан чвахулеб, дугӏа гьабураб, лъеде гъоркьеги ккун хьитал чураралъухъ уголовнияб дело рагьун букӏана гьезда тӏад араб соналъул сентябралдаго. Гӏолохъабаз рекъечӏеб иш гьабулеб мехалъ бахъараб видео рехун букӏана социалиял сетазде. Телефоналде гьеб бахъарав чиги кколев вуго гьезулго гьалмагъ. Бицен гьабулеб заманалда кӏиявго гӏолохъанчи вукӏана Балтийскиялъул флоталда рагъулаб хъулухъ тӏубалел.

Р. Сайханов жинхъаго ккараб тохаб ишалда рекӏекълъун вуго. Амма уголовнияб тамихӏалдаса гьев тархъан гьавизе гӏураб хӏужа батичӏин судья Константин Батеневасдайин хъвалеб буго «Коммерсантъ» газеталда. Гьез бицунелда рекъон, гьадинаб иш кканинги абун, живго лъикӏав лъугьун Р. Сайханов полициялде вачӏинчӏолъи рагӏула гьелъие гӏилла.

Ж. Мухӏамадов абуни гӏайибалъе мукӏурлъичӏо. Жив хьититӏе ккараб хӏур бацӏцӏад гьабулев вукӏанин, хӏавузалда тӏад чӏван бугеб насраниязул хъанчил гӏаламат жинда бихьун букӏанин, амма гьелъул цо кӏудияб санго гьабичӏин абуна гьес судалда. Щивниги хӏакъир гьавизе, гьединго насраниязул диналъул адаб тараб жо гьабизе мурадги букӏинчӏилан тӏадеги жубана гьес.

Судалъ хӏукму гьабуна Расул Сахановасухъа 100 000, Жамалдин Мухӏамадовасухъа 200 000 гъурщил гӏакӏа бахъизе.

Ашахан ЮСУПОВ