30 марталда Миллияб библиотекаялда тӏобитӏана «Хӏакъикъат» газеталъул бетӏерав редакторасул заместитель Пайзула Пайзулаевас хъвараб «Заманалъул матӏу» абун магӏарулазул миллияб газеталъул тарихалъул хӏакъалъулъ хъвараб тӏехьалъул презентация.

Нижеца цебехун бицун букӏахъе, гьелда жанибе бачун буго магӏарул аслияб газеталъул 104 сонилаб тарих.

Лъабго сагӏаталъ халатбахъараб гьеб тадбиралда гӏахьаллъана магӏарул мацӏги, газетаги, тарихги бокьулел, жал лъикӏал ишаздалъун машгьурал магӏарулал. Масала, ДРялъул бетӏерасул гӏакълучи, гьединго миллаталъул рухӏияв цевехъан Сайгидпаша Гӏумаханов, Жиддаялда РФялъул генералияв консуллъун вукӏарав Багьавудин Гӏалиев, ришватчилъиялда данде къеркьеялъул рахъалъ ДРялъул нухмалъулесда цебе гӏуцӏараб Управлениялъул бетӏерасул заместитель Гӏалибег Гӏалиев, ДФИЦалъул ИЯЛИялъул бетӏерав гӏелмияв хӏалтӏухъан ва филологиялъул гӏелмабазул доктор, профессор Мухӏамад Мухӏамадов, гьебго институталда грамматикиял цӏех-рехазул отделалъул нухмалъулев, филологиял гӏелмабазул кандидат Мухӏамад Мухӏамадов, хӏалхьиялда вугев ФСБялъул полковник Хӏасанхан Ибрагьимов, тарихиял гӏелмабазул доктор, этнограф Мухӏамадхан Мухӏамадханов, «Дагъистан» журналалъул бетӏерав редактор Мухӏамад Бисавгӏалиев, гугариялъул рахъалъ Европаялъул щуцӏул чемпион Къурамухӏамад Къурамухӏамадов, журналист ва жамгӏияв хӏаракатчи Шамил Мухӏидинов, адабияталда хасаб лъалкӏ тарал миллаталъул шагӏирзаби Сабигат Мухӏамадова, Тубхӏат Зургьалова ва гӏемерал цогидалги магӏарулал.

Гьезул киназего «Заманалъул матӏу» сайгъат гьабун букӏаниги, тадбир нухда бачарав Чӏарадаса Ибрагьимил Мухӏамадица байбихьуда рехсана гьениса цо-цо мисалалги. Гьелъ цебе чӏезабулаан 104 соналда жаниб магӏарул журналистика цебетӏураб къагӏида гуребги, колхозалгун ликбезалги гӏуцӏун республикаялда байбихьараб батӏияб заманги.

«Партиялъулги хӏукуматалъулги политикаялда рекъон, басриял гӏадатазда данде кколебги кколаребги рагъ гьабулеб мех букӏана доб. Гьеб жо загьир гьабизе газеталдаги тӏадаб букӏана.

Масала, 1937 соналъул 31 августалда газеталда бахъараб заметкаялда хъван бугоан гьадин: «Гумбет районалъул Мелъелтӏа комсомолалъул организациялъул инициативаялдалъун гӏуцӏана безбожниказул организация. Организация гӏуцӏараб къоялдаса нахъе гьеб активияб къагӏидаялда хӏалтӏулеб буго», — ян бицана Ибрагьимил Мухӏамадица.

Доб заманалъул матӏу бихьизабулеб цойги мисалги рехсана Мухӏамадица гьеб тӏехьалдаса:

«Къахӏиб районалъул Цӏекӏоб росулъе кино бачӏун букӏун, гьелъухъ балагьизе гӏемераб халкъ, руччабиги бихьиналги, данделъун рукӏана. Нахъе ккарал, магӏаруллъиялъул бецӏал росабазул бер рагьизабизе киноялъул бугеб цӏикӏкӏараб пайдаялдаса лъицаго инкар гьабиларо. Гьедин бугониги щиб, халкъалда гьоркьор гьанжеги ратулел руго басриял гӏадатазул гудрикьа рорчӏичӏел, батӏаго цӏакъ руччаби, рахсида рарал гьаби гӏадин, рукъалъул бокӏнида чӏезарун, къватӏире рахъун дунялалъул канлъи бихьизе течӏого, жидерго ихтиярал бечед гьаризе къваригӏарал чагӏи. Гьеб киноялъухъ балагьизе унин абун, Гӏабдулагьов Давудица жиндирго чӏужу гӏемер кутакалда кьабун, гьей мискиналъул къаркъалаялда хъахӏиллъичӏеб бакӏ хутӏун букӏинчӏо. Гьединал, руччабазул ихтияразде гьужум гьабулел гӏалхулазда пролетаралъул законалъ руччабазул ихтиярал кин цӏунилелани рихьизаризе ккела».

Макъалаялъул авторал рихьизарулеб къагӏидаги батӏияб букӏун буго доб мехалда. Масала, инициалал лъун яги тӏокӏцӏарал хъван толел рукӏун руго.

Мацӏазул гӏалимчи хӏисабалда, Ибрагьимил Мухӏамадица кӏвар буссинабуна магӏарул газет-журналалги радио-телевидениеги болмацӏалъул кьучӏалда гӏуцӏун букӏиналдеги. Цогидал миллатазулъ гьечӏо гьединаб хаслъи. Гьелда бан Къуръангицин гӏурус мацӏалде буссинабурав машгьурав гӏалимчи Нури Гӏусмановас абурал рагӏабиги рехсана Мухӏамадица:

«Гьес абуна нуж, магӏарулал, ругила нужерго мацӏалъул къимат гьабизе лъаларел чагӏи. Гьединаб мацӏ (болмацӏ) Дагъистаналда лъилниги гьечӏила. Даргияв вукӏаниги, аскӏоб бугеб росдал мацӏ бичӏчӏуларила жиндаян абулаан Нури Гӏусмановас. Гьединлъидал Москваялда ругел гӏалимзабаз даргиязул мацӏ 17 батӏияб мацӏлъун чӏезабуна. Гьеб рахъалъ нилъер болмацӏалъул кӏудияб пайда буго киназего – Гӏандир, Гӏахьвахъ, Цӏумада ругел, гьединго хъвай—хъвагӏай гьечӏел цогидал гӏадамазеги.

Абухъего, жал магӏарулал гурин абулел харбазеги ахир лъезе ккун буго. Нилъ цо руго. Тарихги цо, кьучӏги цо буго».

Хадуб рагӏи кьуна тӏехьалъул автор Пайзула Пайзулаевасе. Газеталъул тарих мухӏкан гьабулаго гьес бицана: «1917 соналъул 3 апрелалда Махӏач Дахӏадаевасул нухмалъиялда гъоркь «Заман» газеталъул тӏоцебесеб номер къватӏибе бачӏана. Гьесул кумекчӏужулъун йикӏана лъади Написат. Гьей кколаан Шамил имамасул вас Мухӏамадшапигӏил яс.

Махӏач чӏван хадуб «Заман» газета гӏемераб заманалъ бачӏинчӏо.

Гьелъул тӏоцебесеб номер къватӏибе бачӏун хадуб чанго къо индал, биччана «Аваристан» абураб газета. Амма гӏезегӏан мехалъ гьелъул цӏар рехсолеб рагӏун букӏинчӏо магӏарул газеталъул тарихалда.

Нижеца гьеб рикӏкӏана кӏиабилеб газеталъун. Щайгурелъул Махӏачил рахъ ккурал гурелги, рукӏана гӏадамал либералияб рахъалда ругелги. Щайин абуни, гьелги магӏарулал кколаан, гьезги биччана магӏарул мацӏалда газета. Гӏажамалъ хъвараб гьелъул кӏиго—лъабго номер хӏал—балалъ щвана кодобе. Цо—цо чагӏазул рокъор гурони, архивалдаги гьел цӏунун ратичӏо».

Пайзула Пайзулаевасул рагӏабазда рекъон, гьеб нусго соналда жанив магӏарул газеталъул бетӏерав редакторлъун вукӏана 15 чи. Гьединго хисун буго 12 батӏияб цӏарги.

Бищун кӏудияб тираж букӏана «Багӏараб байрахъ» бугеб мехалда – 40 азарго экземпляр.

Хадурккун республикаялда ва гьеб бахун къватӏирехунги машгьурлъарал цо-цо миллатцоял байбихьуда магӏарул газеталда хӏалтӏулел рукӏиналъулги бицана авторас. Масала, Расул Хӏамзатов вукӏун вуго росдал магӏишаталъул отделалъул нухмалъулевлъун. Гьединго Расулил вац Хӏажи Хӏамзатовги, Халил Патагӏалиевги, Фазу Гӏалиеваги, Патӏимат Хизроеваги гьенир хӏалтӏун руго корректораллъун, таржамачагӏилъун.

Жинца архиваздаса цо-цо хӏужаби тӏехьалде росичӏогоги танин бицана Пайзула Пайзулаевас, дагьал тӏадагьал, релъизе бачӏунел гӏадал рукӏун. Амма заман додинаб букӏун, доб мехалда гьел гӏадатго къабул гьарулел рукӏун руго.

Улка тун къватӏиве инегӏан машгьурав художник Мусаясул Халилбег вукӏун вуго редакциялда художниклъун.

1951-1958 соназда Дагъистаналъул киналго миллиял газетал рачӏунаан «Дагестанская правда» газеталъул дубляж гӏадин.

Гьеб мехалда газеталъул бетӏерав редактор Мухӏамад Шамхаловас республикаялъул нухмалъулев Гӏабдурахӏман Данияловасде хитӏабги гьабун, гьел газетал жалго жидедаго чӏараллъун гьарун руго.

Данияловас данде ракӏаридал, цогидал редактораз хӏукму гьабун буго жидерго газетал анкьида жаниб лъабго нухалда рахъизе, Шамхаловас абун буго жидеца щуго нухалда бахъилилан. Амма гьеб мехалда редакциялда рукӏун гьечӏо гьелъие гӏурал хӏалтӏухъаби. Рукӏинчӏониги, хадубккун гьес кутакалда махщалида гӏуцӏун буго гьеб хӏалтӏи.

Гьединлъидал газеталъул тарихалда жаниб Мухӏамад Шамхаловас тараб лъалкӏалъе къимат кьолаго, Пайзула Пайзулаевас абуна тӏубараб гӏелмияб институталъ гьабулебгӏанасеб хӏалтӏи гьабунила гьес мацӏ роцӏинабиялъулги кадрал хӏадуриялъулги рахъалъ.

Данделъиялда гӏемер ракӏалде щвезавуна Мухӏамад Шамхалов. Букӏине кколедухъ пикруялъе эркенлъи гьечӏеб заманалда газеталъе нухмалъи гьабурав гьев ахиралда «Ватӏаналъул унти» абун къисматалъ улка тун къватӏире рачарал дагъистаниязул хӏакъалъулъ асар хъван хадув обкомпартиялъ гьесие бадибчӏвай гьабуна.

Пайзулаевас баян гьабухъе, Турциялде унел СССРалъул журналистазул группаялъул нухмалъулевлъун вукӏун вуго Шамхалов. Дова магӏарулалгун дандчӏван хадуб хъвараб пашманаб асар ккола «Ватӏаналъул унти».

Гьелъухъ выговор щун хадуб цоги нухалдаги щола гьесие бадибчӏвай. Газеталда бахъун букӏуна Унсоколо районалъул «Ахихъан» газеталъул бетӏерав редактор Мухӏамад Гунашевас хъвараб «Дир байрахъулал» абураб кечӏ. Махӏачги Шамилги жидер районалда рахъанин абураб хӏасил букӏана гьелъул.

Гьебги хӏалае ккун, тӏадежоялъе гьеб мехалда нухмалъиялдаса нахъе арав Гӏабдурахӏман Данияловасул чилъунги рикӏкӏунев вукӏун, партиялъул обкомалъ Мухӏамад Шамхалов хӏалтӏудаса нахъе вахъула гӏумруялъул сонал 62-йилъе рахиндал.

Шамхаловас куцарал журналистазул цояв вукӏана гьеб тадбиралда – гӏезегӏан соназ газеталда хӏалтӏарав Дагъистаналъул халкъияв хъвадарухъан Мухӏамад Гӏабдулхӏалимов.

Гьанже газета хӏадуризе кӏудияб кумек интернеталъул бугин, амма жидер заманалда журналистал гьитӏинабго макъала хъвазелъун мугӏрул тӏогьиб бугеб колотӏегицин щвезе кколаанин бицана гьес. Гьедин Лъаратӏа районалъул Цӏумилухъ росулъе унаго, хъархъидаги бан горде бихъиялъул мисалги бачана гьес. Росдал жамагӏаталъулгун дандчӏваялде кин иневали лъаларого хутӏарав Мухӏамадица гьеб букъун бугоан зазица картӏалги рахъун, кунал бакӏалда херги хӏалтӏизабун.

Пайзулаца хъвараб гьеб тӏехь цӏалидал, цевегоялдаса вихьичӏев божарав гьудул вихьарав гӏадаб асар лъугьанин, гьеб къватӏибе бачӏин жиндир рекӏел гӏидлъунги кканин абуна Шамил Мухӏидиновас. Гьенир рихьизарурал гӏадамазул гӏемерисезулгун жиндир лъикӏаб лъай-хъвай букӏанинги тӏаде жубана гьес.

«Гӏумруялда жаниб тӏокӏаб жоги гьабичӏого, гӏицӏго гьаб тӏехьги биччан чӏараванигицин гӏолаан Пайзулае. Чанго батӏияб архивалде ваккун, гьабгощинаб хӏужа данде гьабурав гьесие майилан докторлъи кьезе бегьула», — ян абуна Шамил Мухӏидиновас.

Хадубго гьес ракӏалде щвезабуна газеталда хӏалтӏулаго араб сонги, жинцаго гьениб ургъараб «Бурутӏ» гьумерги.

Россиялда цӏалулев вукӏун жиндие рес ккечӏин школалда магӏарул мацӏ лъазабизеян бицана гьениб Сагӏудиязул Гӏарабиязул Жидда шагьаралда Генералияв консуллъун вукӏарав Багьавудин Гӏалиевас. Жинда гьеб лъанила иргаялъ гӏиязде унелъул, чед-хӏанги гъорлъ жемун эбелалъ кьураб «Багӏараб байрахъ» цӏалулаго. Заман иналъе гьеб цӏалулев вукӏунаанила жив.

Дагъистаналда ракь багъарун хадув цогидал лъималгун Ивановоялде витӏарав гьесда цадахъ Гъизилюрталдаса васал рукӏун, гьездасан лъан буго Багьавудинида хадубккун гьеб мацӏ.

«Хӏакъикъат» газеталъулгун жиндир щулияб бухьен букӏунин абуна гьес. Жиндир лъикӏаб гьудуллъи бугила цевесев редактор Гӏали Камаловасулгун, гьанжесев нухмалъулев Гӏумахан Гӏумахановасулгун ва гьесул заместитель Пайзула Пайзулаевасулгун. Газеталъул сайталдасан Жиддаялда вугеб мехалдаги цӏалулаанила жинца гьеб.

Нусго сон бараб магӏарулазул миллияб газеталъул тарихалъул хӏакъалъулъ баянал квер щолеб бакӏалда рукӏинчӏин къваригӏарав чиясе гьанжелъагӏанилан абуна гьениб Мухӏамад Мухӏамадовас.

«Гьаб тӏехьги рагьун, гьел баянал гьанже бокьараб мехалъ щвезе рес буго. Дида ккун букӏана дидаго лъалареб жо букӏинадай гьеб тӏехьалдаян. Батана. Мисалалъе, байбихьуда гӏажам мацӏалъ биччалеб букӏараб газеталъул хатӏ, нилъер мацӏалдеги буссинабун кьун буго, гьелъ кӏудияб асар гьабуна. Гьединго газеталъул юбилеялъул соналда хурхунги гӏатӏидаб баян кьун буго Пайзулаца: цин гьелъул юбилей 1920 соналъ букӏанин, хадубги 1917 соналде бахъанилан абурал бакӏал мухӏкан гьарун руго. Гӏадатияв чиясе гуребги, гӏелмияв хӏалтӏи хъвалев чиясеги хӏажатал баянал руго гьенир.

Битӏараб бицани, гьадинал тӏахьал нилъер гьанир ахираб заманаялъ гӏемерал рахъичӏо. Къватӏире риччалел тӏахьал кьабун кучӏдузул цӏурал рукӏуна. Гьаб тӏехьалъ хасаб бакӏ кквезе буго нилъер гӏагараб мацӏ цӏунизеги, лъаларезда гьеб малъизеги. Нилъеца гьединго цӏакъ гӏемер бицунеб буго миллияб мацӏалда бахъулеб цого цо бугеб газеталъул тираж цӏакъ гӏодобе кколеб бугиланги. Амма дагьабги квеш букӏинаан иш гӏаксалда букӏарабани —газеталъул тираж цӏикӏкӏун, халкъ дагьлъун букӏарабани. Узухъда, газетал цӏалулел чагӏи дагьлъулел рукӏин рекӏекълъизе ккараб иш буго. Хьул буго гьезул къадар гӏемерлъилилан. Хасго баркала кьезе бокьун буго газета халкъалъухъе щвезе, гьеб цӏунизе кӏудияб квербакъулел, гьелъие спонсорлъи гьабулел гӏадамазеги».

Цо заманалда «Хӏакъикъат» газеталъул жавабияв секретарьлъун вукӏарав Дибиргӏали Хазамовасги ракӏалде щвезабуна редакциялда хӏалтӏараб заман. Хадубго тӏаде жубана газеталда тарихалъул гӏемер бицани лъикӏ букӏинилан. Масала, республикаялдаго тӏоцевесев археологлъун вукӏарав гӏолохъанго нилъедаса ватӏалъарав Дибир Атаевас 1962 соналъго биччараб «Авары средневековья» абураб тӏехьалдаса материал бахъизе бегьилаанин абуна гьес.

Дибиргӏали Хазамовас гьединго ракӏалде щвезабуна 1960 соназда газеталда бахъараб Тӏелекьа Хъазамил Гӏамиргӏалица хъвараб тарихияб кечӏги. 1877 соналъ гӏурус аскариязда гъорлъ Турциялда данде вагъулеб мехалъ ккарал лъугьа-бахъиназул хӏакъалъулъ хъван букӏун буго гьес гьениб. Турказул аскаралда, магӏарулазда гъорлъ вукӏун вуго доб мехалъ Шамилил вас Гъазимухӏамадги. Рагъулаго жидецаго цоцаде ахӏулел рукӏарал рагӏабиги руго гьес кочӏолъ рехсон.

«Хадув лъукъизеги лъукъун, росулъе щварав чиясда, росуги бухӏун батун, чанго чи Сибиралде витӏун ватидал, гьениса живго нахъе араб куцалъул, хадув сахлъун хадув кӏиабизеги росулъе вуссиндал, росдал кӏалалде щведал жиндиего гьабураб асаралъул бицунеб халатаб, амма асар гьабулеб кечӏ буго. Гьединаб къанагӏатаб жанралъул кечӏ дида тӏокӏаб кибниги дандчӏвачӏо. Гьединаб тайпаялъул материалал гӏемерал руго «Хӏакъикъаталъул» церегосел гьурмазда. Лъикӏаб букӏинаан, гьел киналго дандеги росун, Пайзулагьица цоги тӏехь биччани», — ян абуна Дибиргӏали Хазамовас.

1990-абилел соназда ИЯЛИялъул хӏалтӏухъабиги гӏахьаллъун гьесдаги цогидал журналистаздаги ракӏалда букӏун буго магӏарул грамматикаялъул тӏехь хӏадур гьабурав П. Усларил кваранаб кверлъун вукӏарав Чӏикӏаса Айдемирил цӏаралда фонд рагьизе. Амма мацӏазда хурхун хӏадурараб законалъул проект къабул гьабизе букӏараб къасдалъул хӏасил ккун гьечӏо доб мехалъ.

Гугариялъул рахъалъ Европаялъул щуцӏул чемпион Къурамухӏамад Къурамухӏамадовги кӏалъана гьенив:

«Доб мехалъ бокьараб цӏияб хабар батаниги, спорталъул гӏумруялда ккараб батаниги, кинабго информация кьолеб алат букӏана «Хӏакъикъат». Жакъасел спортсменазда гьелъул къиматги хӏажалъиги бичӏчӏуларо. Амма дицаго рокъоб цӏакъ тӏадчӏей гьабулеб буго лъималазда рахьдал мацӏ лъазе, гьез гьеб бицине букӏине. Бахчиларо, дирго хъизаналдасацин тӏалаб гьабулеб буго гьебго, гьелда мацӏ малъизеян лъугьун бетӏер хъахӏлъулеб буго дир (залалда релъи —авт.).

Жакъа шагьаралда гӏемераб гӏел буго росу—ракьалъул тарих, умумузул мацӏ лъалареб, гьебни щиб, жидерго эбел—инсул росулъе щвечӏел, кӏодоинсул хоб бугел бакӏ лъаларел лъимал руго гӏемерал. Амма дица дирго лъимал гьедин течӏо. Цӏияб соналъул каникулазул заманалда гьелги рачун росулъе ана 10 къоялъ, гӏемераб жо бихьизабуна гьезда -нилъерго берцинаб тӏабигӏат, умумузул ахал, хурзал, гьез гӏетӏги тӏун гӏезабураб магӏишат, рарал минаби.

Гьедин гьабичӏони, кигӏан нилъ гаргалел ругониги, хӏасил кколаро, цереги рилълъун бихьизабизе ккола щивас. Жакъа гьаниб тӏобитӏараб тадбир цӏакъ берцинго ана, баркала нужее. Гьединал мажлисал гӏемер гьаризе къваригӏун буго. Лъале—хъвалезда бицун дицагоги рагӏизабила жакъа гьаниб букӏаралъул хӏакъалъулъ. Инсуца абулаан цебе магӏарул годекӏабахъ дандралаанин кӏвар бугел киналго суалал. Гьенир чӏахӏиязул гӏакълуялъухъ гӏенеккулаанин. Гьелъ цӏунун хутӏун букӏанин доб мехалъ цоцада гьоркьоб вацлъиги, гьуинлъиги, рекъелги. Жакъаги гьебго мисалалде руссине къваригӏун буго нилъее».

Лъабго сагӏаталъ халатбахъараб гьеб данделъиялда тӏехьалъул бицун ва миллаталъе гьабураб сайгъаталъухъ Пайзула Пайзулаевасе баркала кьун кӏалъана Сайгидпаша Гӏумахановги, Мухӏамад Бисавгӏалиевги, Мухӏамадхан Мухӏамадхановги, Цӏумада районалъул цӏияв нухмалъулев Шамил Гӏумаровги, Болъихъ районалъул нухмалъиялда вукӏарав Мухӏамад Патхӏулаевги. Миллиял мацӏал цӏуниялъе «Хӏакъикъат» газеталъул коллективалъ гьабулеб бугеб хӏалтӏухъ баркала кьун кӏалъана Гӏалиасхӏаб Хархачаев, Ахӏмад Гӏазизов, Мухӏамад Манапов, Тубхӏат Зургьалова, Сабигат Мухӏамадов, Мухӏамад Насрулаев, Бежтӏаса Мухӏамад Къебедов, Хадижат Шихгӏалиева ва жеги гӏезегӏан миллатцоялги.

P.S. Презентациялъул ахиралда шапакъатал кьуна Мухӏамад Шамхаловасул цӏаралда дагьалъ цебе «Хӏакъикъат» газеталъ тӏобитӏараб конкурсалда бергьарал Тубхӏат Зургьаловалъе (1 бакӏ), Гӏиса Шарапудиновасе (2 бакӏ) ва Тӏалхӏат Ахъбердиевасе (3 бакӏ).

Гьединго газеталъул бетӏерав редактор Гӏумахан Гӏумахановас баркалаялъул кагътал кьуна редакциялъулгун лъикӏаб гьудуллъи бугел миллатцоязеги.

Зульфия ХӏАЖИЕВА