Дагъистаналда гӏуцӏун буго Гӏиса аварагасул эбелалъул цӏар кьураб «Марьям» абураб рухӏияб центр. Гьелъул проекталъул презентация букӏана араб анкьалда Махӏачхъалаялда Гӏурус театралда. Гьеб тадбиралде рачӏун рукӏана жамгӏиял хӏаракатчагӏи, хӏукуматалъул хъулухъчагӏи, депутатал, цӏар рагӏарал спортсменал, тохтурзаби, хъвадарухъаби, тӏадегӏанал цӏалул идарабазул нухмалъулел.

Къокъго абуни, презентациялъул программаялъ жанибе бачана нилъер улкаялъул кӏодолъи, Дагъистаналъул хаслъи, исламалъул кӏвар. Гьеб киналъулъго аслияблъун букӏана жакъасей чӏужугӏаданалъул гӏумру, гьелда дандчӏвалел захӏмалъаби, гьездаса цӏуниялъе нухал рати.

Лъарагӏазул театралъул актераз рихьизаруна жакъасеб гӏумруялъул хӏакъикъат — талихӏкъосараб къисматалъул руччабазул, балагьаб ахӏвал-хӏалалде ккарал хъизамазул мисалал рагьулел, гӏурус мацӏалда лъурал сценкаби. Гьединго гьалбал рази гьаруна лазералдалъун хӏадурараб, исламалъул темаялъул гвангъараб шоуялъ, нилъерго ва къватӏисел улкабаздаса рачӏарал артистаз ахӏулел ватӏан бокьиялъул кучӏдуз, нашидаз, «Лезгинка» кьурдул ансамблялъул церерахъиназ.

Дагъистаналъул муфтияталъул руччабазул отделалъ гӏуцӏараб гьеб тадбир лъугьана рухӏалъе хӏалхьи кьолеб байрамлъун,

Гьенибго бихьизабуна «Марьям» социалияб централъ гьабулебщиналъул бицунеб видеороликги.

— Руччабазда абула рукъалъул тӏохилан. Гьеб тӏох кколеб къадаллъунин абуни бихьиналги руго.

Щулияб кьучӏги лъун, бахӏарчиял васал гӏезаризе ккани, чӏужугӏадан йикӏине ккола квешабщиналдаса цӏунарайлъун, — ин абуна кӏалъазе яхъарай муфтиясул хъизан Патӏимат Хӏамзатовалъ. – Гьаб социалияб рухӏияб центр гӏуцӏиялъул мурад буго талихӏкъосарал руччабазе, захӏмалъиялде ккарал хъизамазе квербакъи гьаби. Гӏиса аварагасул цӏаралда бугеб кӏудияб централъул бутӏаги буго гьаб. «Марьям» центр — гьеб гуро дица бетӏерлъи гьабизе яги дир наслуялъе пайдаялъе гӏуцӏулеб бакӏ. Гьеб буго щияй чӏужугӏаданалъул гӏумру берцинлъиялъе квербакъулеб, гьелъие хӏажатаб лъайги гӏакълуги кьолеб рукъ. Проекталъ кьочӏое босун буго рухӏияб язихълъиялдаса, балагьаб ахӏвал- хӏалалдаса чӏужугӏадан цӏунизе, гьелъие батӏи-батӏияб рахъалъул квербакъи гьабизе.

Рес бугел, лъикӏаб даражаялда ругел гӏадамалги ахӏун, гьеб презентация тӏобитӏиялъул магӏналъунги бихьана, бечедасда ресукъал, залимасда загӏипал, битӏккарасда талихӏкъарал ракӏалде щвезарун, гьезие кумекалъул квер битӏизе рекӏеда ратизари. Гьеб «кумекалъул кверлъун букӏине буго киналго цадахъ лъугьун руччабазе гӏуцӏулеб «Марьям» рухӏияб центр баялъулъ щивас гьитӏинаб бугониги бутӏа лъей.

Захӏматаб ахӏвал-хӏалалде ккаразе кумек гьабулеб централъ гӏемерал руччаби хӏалтӏудалъунги хьезаризе руго. Гьелъие байбихьиги лъун буго, централъул мина балеб бакӏги бихьизабун буго. Гьебги буго тахшагьар бакьулъ, кӏудияб мажгиталдаса гӏемер рикӏкӏад гьечӏого, цебе муфтияталъул мина букӏараб бакӏалда. Берцинаб гӏумруялда ругел гӏемерисел руччабазда ракӏалдецин кколаро цойги жийго гӏадин чӏужугӏадан кӏудияб къварилъиялда ятилин. Щияй чӏужугӏаданалъе рес буго гьеб центр гӏуцӏиялъулъ жиндирго бутӏа лъезе, гьелдалъун Аллагьасул рахъалдасан кириги, гӏадамазул рахъалдасан баркалаги щвезе.

Букӏинеселде ургъун

Пикру гьабураб мехалъ, «Марьям» центр лъугьине рес буго, республикаялъе гуребги, тӏолабго улкаялъего пайдаяблъун. Гьениб хӏажатаб кумек щвезе рес буго бокьараб миллаталъул руччабазе. Букӏинеселде ургъун гӏуцӏулеб, нилъер наслаби рухӏияб рахъалъ къуваталлъун гьариялъе хӏадурулеб бакӏ буго гьеб.

Исламалъул тӏалабалда рекъараб, гьанжесеб цебетӏеялда гӏуцӏараб руччабазул централъул проекталъ жанибе бачун буго: психологасул, юристасул кумек; хъизан-рукъ гӏуцӏиялъул, нухда бачиналъул малъа-хъвай; Къуръан цӏализе, как базе, исламалъул лъай гъварид гьабизе бокьаразе ресал; данделъаби тӏоритӏулеб зал, жанибго гостиница, кваназе санагӏалъи; рос гьечӏого лъимал гӏезарулей эбелалъе лъимадул тӏалаб гьабизе бакӏ; Дагъистаналъул чӏужугӏаданалъул рукӏа- рахъин, ретӏа-къай бихьизабулеб музей.

Исламалда рекъон чӏужугӏаданалъ жамгӏияталда жаниб ккола хӏурматияб бакӏ, иман бугес кӏодо гьарула руччаби, хӏалихьатас, лъавукъас хӏакъирги гьарула. Хӏакъирлъиялда гӏумру уней чӏужугӏаданалъ щиб лъайги тарбияги кьелеб лъимадуе, кинаб пайда гьел лъималаздаса жамгӏияталъе букӏинеб?

Кидаго гуро руччаби жидерго захӏмалъиялъул бицун хӏукуматалъул идарабазде гӏарзалъ унел. Гӏемерал руго ригьнаде ун хадур талихӏкъарал руччаби. Росасул зулму хӏехьезе кӏвечӏого чӏвай- хъвеялде ккеялъул хӏужабиги дагьал гьечӏо. Росасул зулму кигӏан хӏалуцараб бугониги, гӏемерисел руччабаз бахчула. Гьелъ лъукъула лъималазулги чӏахӏиязулги гӏумру.

Жиндир заманалда кумек гьарун рачӏаразе битӏараб нух бихьизабулеб бакӏ — гьеб буго балагьалдаса цӏунизе сабаб. Гьеб сабаблъун букӏине ниятгун гӏуцӏулебги буго руччабазул рухӏияб центр «Марьям».

Патӏимат ГЬИТӏИНОВА

P.S. Руччабазул рухӏияб центр баялъулъ бутӏа лъезе бокьаразе баяналъе:

Банкалъул карта бухьинабун буго гьаб номералда: 8 938 789 77 71.

Картаялъул номер: 2202 2011 6148 7778

Исмагӏилова Загьра Мухтаровна.

Мухӏканал баянал щвезе рес буго телефоналъул гьаб номералде ахӏани:

8 (988) 775-77-77.