Вехьасул хӏалтӏудаса захӏматабги гӏакъуба бихьулебги хӏалтӏи гӏемер батиларин ккола. Гьава-бакъалъул шартӏазухъ, сордо-къоялъухъ балагьичӏого, хӏалтӏулел гӏухьби кидаго рукӏана ва жакъаги руго реццалъе мустахӏикъал гӏадамал. Гьединазул цояв ккола 41 соналъ гӏияда хадув вугев Макъсудов Мухӏамадрасулги. Гъуниб районалъул Чӏохъ росдал Хъумторхъала районалда бугеб СПКялъул гӏиял бригадаялде ниж щведал, Кудалиса Мухӏмадрасулги Цӏияб Чӏикӏаса Изаев Гӏабдурахӏманги нижеда ратана гӏиял рехъенгун авлахъалда ва гьенибго ккана гьезулгун гара-чӏвариги.
— Мухӏамадрасул, кинха бугеб вехьасул хӏалтӏул иш?
— Гьаб расги бигьаяб хӏалтӏи гуреблъи киназдаго лъала. Амма цӏакъго квешаб бугинги абиларо. Чӏараб бакӏалда, хъутабазда цӏикӏкӏараб захӏмат баччизе кколаро, амма нухдаги, ниж щолел Лъаратӏа районалъул мугӏруздаги гӏезегӏан захӏмалъаби дандчӏвала.
— Дурго хӏалтӏул къоялъул бицани…
— Гӏи къинлъулеб заманалда хӏалтӏи байбихьула радал 6-ялда ва халат бахъуна къаси 1-2 тӏубазегӏан. Гьедин хӏисаб гьабуни, хӏалтӏул къо бащалъула 20-21 сагӏтида.
Амма гьединаб низам кидаго гуро букӏунебги. Цо моцӏалъ кӏвараб яхӏ бахъизе ккола, хутӏараб заманалда хӏалтӏи уна сезоналда рекъон. Нижее бихьизабураб гӏодобкъо гьечӏониги, хӏажалъи ккедал цояз цоял хисула, отпускалъги уна 10-15 къоялъ.
— Дуего бокьун тӏаде босараб хӏалтӏийищ гьаб яги…
— Дица лъугӏизабуна техникум, дун ккола зоотехник. Гӏияда вукӏарав эменги херлъун, гьесул бакӏалда цо нухалъ ун, кӏиго нухалъ ун, бригадирлъун вукӏарав вакьадасе кумек гьабулевин абун хутӏана вехьлъуда.
Амма цебе вехьасе щолаан лъикӏаб мухь, нижерго гӏи бихьизабураб нормаялда рекъон гурони хьихьизе толароан. Гьаб заманалда щолеб мухь дагьаб бугониги, вехьасул ихтияр буго СПКялъул гӏияда цадахъ 300-гӏанасеб бетӏер жидергоги хьихьизе.
— Жакъа дур тӏалабалда чан гӏиялъажо бугеб?
— Гъоркьиса соналъул июлалдаса нахъе дидаги Гӏабдурахӏманидаги хадуб букӏана 1400 чахъу.
Къинлъарал цогидазухъеги ун, гьабсагӏаталда буго 600- 650-гӏанасеб бетӏер.
— Щолеб мухьалъул бицани…
— Бетӏер рикӏкӏун — 25 гъурущ. Гьабураб къотӏи-къаялда рекъон, учузаб багьаялде 3 куйги кьола (хадуб гьеб гӏарац тӏаса ккола дир мухьалдаса). Щибаб моцӏалъ чӏобого кьола 9 кило гьаналги 24 кило ролъулги.
— Дурго чан гӏиялъажо бугеб?
— Гьабсагӏаталда буго 15-20 бетӏер, гьелги СПКялъ хьихьула чӏорого. Дир буго 4 хӏайванги, гьезиеги харил рахъалъ кумек гьабула магӏишаталъ.
— Гьаб буго гӏи къинлъулеб заман. Бахъараб кьегӏералъухъ мухь кьолищ? Дурго гӏиял къунцӏараб квасул къисмат кинаб букӏунеб?
— Кьегӏер лъикӏ бахъани, цӏикӏкӏуна кьолеб гӏарцул къадарги. Квасул къимат гьечӏелъул, цӏазеги цӏан къунцӏараб квас нижеца кьола СПКялде. Бичизе кӏвараб багьа гьелъ нижееги кьола.
— Гӏемер кколищ гӏи бикъа-хъамиялъул, хъумуралъ чӏваялъул хӏужаби?
— Ахираб заманалда цӏогь гьечӏо. Амма гӏемерлъун руго бацӏал. Дагьабниги ниж тохлъани, гӏи пасат гьабизе хӏадурго рукӏуна гьел. Нижер руго цӏакъал гьаби. Бетӏергьанасул ва гьезул кумекалдалъун ахирал соназда цониги ккечӏо хъурмица гӏиялъажал чӏваялъул хӏужаби. Магӏарда гӏемерлъун руго циялги.
-Гӏемер кватӏичӏого байбихьула гӏи магӏарде гочинабизе. Кинал захӏмалъаби гьеб заманалда нужеда дандчӏвалел?
— Хӏакъикъаталдаги гӏемераб къо бихьула. Санайил къварид гьабула гӏиялччубури (скотопрогон), дагьлъулеб буго кваназе гӏи биччазе бегьулеб бакӏ. Гӏемерал бакӏазда нухал руго хун, цо-цо бакӏаздаса хӏама-чу бачине кӏвеялдаса ун буго иш. Гьечӏо гьезухъ балагьулев, гьел къачӏалев чи.
— Тӏаде вачӏунев чиги гьечӏони, дур кьерилазги дагь-дагьккун гьаб хӏалтӏи тани, хадуб щибха ккезе бугеб?
— Гьабсагӏаталда кумек хӏажатаб хӏал буго. Хӏалтӏулев чиясул къимат гьабуларогоги гьечӏо, кьола гӏарцулал премиялги, цогидал сайгъаталги. Чанго соналъ цебе диеги кьуна «Заслуженный животновод России» абураб цӏар. Амма лъикӏал шартӏал ругел бакӏазде хӏалтӏизе унин абун лъиданиги гӏайибчӏвазе бегьуларо. Кьолеб мухьги цӏикӏкӏинабун, гьаб хӏалтӏи бокьуледухъ лъикӏал шартӏалги чӏезарун гӏадамазул гъира базабизе бажарани, гӏияхъанлъиялда рухӏ речӏчӏилаан.
Гьенибго ниж дандчӏвана 51 сон гӏияхъанлъиялъе кьурав, хӏалбихьи бугев вехь, Гъуниб районалъул Гӏобохъ росулъа «Дагъистаналъул халкъияв бахӏарчи» Гӏабдулбасир Гӏабдулбасировгунги.
— Гӏабдулбасир, дуца бан буго 67 сон. 51 соналъ гьабун буго вехьлъи. Жакъа хӏисаб гьабуни, гӏадада араблъун рикӏкӏунищ дуца гьеб заман?
— Рикӏкӏунаро. Дица тӏаса бищана гьаб, гьалдаса букӏана бетӏербахъи. Бихьана гӏезегӏан захӏмат, лъана гӏатӏилъи-къварилъиялъул къимат. Гьаб хӏалтӏуда бечелъизеги бечелъичӏо дун, мискинлъиялдаги вукӏинчӏо.
Гӏабаш ГӏАБАШИЛОВ