Шамалдаса умумул

Араб анкьалда магӏарухъе гьабураб нижер иргадулаб сапар Аргъванибе букӏана.

Хасго чанго соналъ цебе гьеб росдал тарихалъул хӏакъалъулъ тарихчӏужу Патӏимат Тахӏнаевалъ хъвараб тӏехь цӏалун хадуб цӏакъго гъира ккун букӏана Гӏанди округалъул диванчи Абакар-дибирасулги, имам Шамилил разведчик Барбарал Ибрагьимилги, репрессиязул кӏичӏикье ккарав магӏарул газеталъул бетӏерав редакторлъун вукӏарав машгьурав гӏалимчи Гӏабдулатӏип Шамхаловасулги, Ахӏулгохӏалде иналде цебе ккараб рагъулъ цо къоялда жанив чӏварав Шамилил аскаралдаса 64 шагьидасулги ватӏан бихьизе.

«Хӏакъикъат» газеталъул бетӏерав редакторасул заместитель Пайзула Пайзулаевгун, журналист Темирхан Хӏасановгун цадахъ рогьалилъго бакълъулазул рахъалде къокъана ниж.

Гьеб сапаралъул мурадги кколаан, эргъвендерил мисалги бачун, чӏунтулел ругел магӏарул росаби гьез гӏадин цӏи гьариялде миллатцоял ахӏи.

Тарихалда хъвавухъе, Аргъвани росдае кьучӏ лъун буго Шамалдаса рачӏарал вацаз. Гьеб букӏун буго Мухӏамад Авараг (с. гӏ.в.) хун 100 соналдасан. Гьел вацалги цин Абхазиялдегун Чачаналде щун, рачӏун руго бакълъулазул рахъалде. Цояв вацасда цӏар букӏун буго Аркун. Гьев чӏараб бакӏалда батараб гӏоралда лъун буго Аргун абун цӏарги. Гьанжесеб Чачан ракь ккола гьеб. Биценалда рекъон, гьениб Арьгӏаной абураб тухумги буго.

Нурмухӏамадил хӏаракат

Гьанже бетӏербахъиялда хадуб магӏарухъа халкъги шагьаразде гочун, цоялда хадур цоял чӏунтулел руго росаби. Гьел чӏунтунгутӏиялъе цо сабаб шагьранухал рахъиялъулъги бугин абизе бегьула. Санагӏатал машинадул нухал ругони, жал магӏарухъе руссинин абулел чагӏиги дагьал гьечӏо. Аргъванире абуни гьел нухал, кагъат гӏадин, ритӏизарун ругоан. Росдал гӏадамаз бицана гьелъие квербакъи росуцояв, Халкъияб Собраниялъул депутат Нурмухӏамад Гӏалиевас гьабунилан.

Гьел нухаз цин Цӏияб Аргъванире рачуна. Гьелъие кьучӏ лъун бугоан 1970 соналда Дагъистаналда ракь багъарун хадуб. Гьанже заманалъул киналго квегӏенлъабиги жанир чӏезарураб, берцинал минабазулги цӏураб, гӏатӏидал шагьранухалги ругеб росу буго гьеб. Цӏакъго бер речӏчӏулеб бакӏалда бихьула 250 цӏалдохъанасе бакӏ бугеб лъабтӏалаяб цӏияб школаги. Гьебги Нурмухӏамад Гӏалиевасул хӏаракаталдалъун банин бицана росдал гӏадамаз.

Гьединго ран руго мажгиталги, участкаялъул больницаги, спортзалги. Цӏализе лъугьунел чагӏигицин цо заманалда Нурмухӏамадихъе рекерулел рукӏун руго кумек гьарун. Росдае гьес гьарунщинал ишазул бицунаго жидецани Нурмухӏамадие памятник лъезе кколиланги абуна цояс.

Цӏияб Аргъвани буго Садумайдан абулеб бакӏалда. Тахӏнаевалъул тӏехьалда рехсон буго цо бицен: некӏо заманалда Сагӏду абулев чиги чӏван, эргъвендерица жидеего бахъун бугила гьеб ракь. Гьединго рекъав Тимурица (Арсахъ Тимур) къватӏире гъурал гӏадамазул ракьазда кверщелги гьабун, гьез жидедаго гъоркье рачун рагӏула сверухъ рукӏарал гӏисинал росаби: Эшехаб, Ручнихъ, Тӏинди тӏалаби, Кастӏаниб, Чӏугӏлиб росаби.

Эргъвендерил рохьалги Мовчанил сапарги

Палхӏасил, тарихалдаса цо-цо гьединал хӏужабиги ракӏалде щвезарулаго эхеде рахунел нижер бер речӏчӏулеб букӏана ихдал къватӏире гъураб боцӏи-панзалда. Амма кьварун бакъвараб сверухълъиялда гьезие хъарсизе жо дагьаб бугоан. Кӏодолъиялъул рахъалъ абизе рагӏи гьечӏониги, гъветӏ-хералъул, рахъалъ мукъсанлъи бугоан гьезул ракьазул. Гьанжеги ракӏалде щвезабилин Патӏимат Тахӏнаевалъул тӏехь. Некӏо гьеб мухъ беричал, буччарал рохьаз бацараб бакӏ букӏанилан хъвалеб буго гьелда. Гьединлъидал гьанжеги цӏунун хутӏун руго гьенир бакӏ бихьизабулел цӏарал: рохьол бокӏон, рохьол щоб, Тамазал рохь, чӏугӏдерил ро

хь, рохьол бакълъи. Гӏицӏго Гъадари росулъе балагьараб бакӏалда бихьула гьитӏинабго рохь. Заманалдасан дунялалда гьава-бакъ хисиялъул хӏасилниги батилаха гьеб, рохьал тӏагӏин.

Гьединлъидал гьанже дол некӏсиял эргъвендерил ирсилазда ракӏалда буго росу сверун дагь-дагьккун цӏидасан рохьал гӏезаризе. Шлангаздасан лъимги бачун, тӏири-тӏири ккун лъим речӏчӏулеб къагӏидаялда (капельное орошение) лъалъалел руго гьез чанго метрги гьоркьоб тун росдал сверухълъиялда чӏарал накӏкӏигъутӏби.

Гьединал пикрабаз кодоре росарал ниж басрияб росдал кӏалалде щун ратана. Цӏияб Аргъвани кигӏан цебетӏураб батаниги, кигӏан гьелъул гӏадамазда квеш букӏаниги, гӏемерисезе асар басрияб росдаца гьабулин ккола. Щайин абуни, цӏияб росдада релълъарал бакӏал жакъа Дагъистаналда гӏезегӏан руго, басрияб Аргъвани абуни цо гурони гьечӏо.

Кавказалъул рагъул заманалда Аргъвани лъабцӏул бухӏун буго. Гьединлъидал гьенир цӏакъго некӏсиял минаби цӏунун хутӏун ратичӏин хъвалеб буго архитектураялъул доктор Геннадий Мовчаница. Машгьурав этнограф Е. Шиллинггун цадахъ 1945-1946 соназда магӏарул росабалъе экспедициялъ рачӏун, нилъер умумуз минаби ралел рукӏараб къагӏидаялъул хӏакъалъулъ «Старый аварский дом» абун тӏехь хъвана гьес. Масала, гьес гьениб мухӏканго бицунеб буго 200 соналъ цебего бараб Аргъваниса Сахруева Написатил минаялъул. Гьебщинаб заман баниги, мокърукь лъурал чӏалабазе расги лъугьун гьечӏин хъвалеб буго гьес. Гьелъие миккигъотӏол цӏул хасало 60 километралъ чангъаздаги лъун бехъерхъун бугоан.

Гьединалго чӏалаби жакъа къоялъги цӏунун хутӏун руго нусидасаги цӏикӏкӏун соназ цебего бараб Аргъвани басрияб мажгиталдаги. Гӏанди гӏурухъан ккураб цӏул эхеде бахъизе эргъвендерил росуго бахъунеб букӏун буго къватӏибе. Гьел чӏалабазда руго кварал жанисан ххезе гьарурал картӏалги. Кумекалъе рачӏарал гӏолохъаби кваназаризе гьанал цӏурал хьагал рукӏунаанила лъун щибаб 50 метр гьоркьобги тун.

Бухӏаниги щиб, ле, Аргъвани росу, лъабкъого багьадур цо къоялъ чӏвараб

Мажгиталда тӏадехун бихьула цо къоялда жанив 64 гӏолохъанчи вукъараб некӏсиял хабзал. 1839 соналъул 1 июналда гьениб ккана вахӏшияб рагъ. Эргъвендерица бицуна бидул гӏорал рукӏун ругила росулъа эхере чваххулел. Дов 64 гӏолохъанчиги гӏаммаб хобалъув вукъун вуго.

Гьездаго цадахъ гьеб рагъулъ чӏван руго магӏарул цогидал росабалъа рагъухъабиги — кинавниги 2000 чи.

Гӏурусазул документазда хъвалеб буго чӏваралги лъукъаралги жидер рагъухъабазул ва нухмалъулезул къадар 635 чиясдениги баханилан.

Меценатазул ишал

Шагьидзабазе дугӏаги гьабун, басриял хабалалъа росдал кӏалалдехун балагьун унел рукӏана ниж. Нухда нижеда халлъулел рукӏана басриял, риххизе къачӏарал гӏадал минабиги, аскӏорго эхетарал цӏиял мина-руссеналги. Цадахъ вукӏарав школалъул директор Гӏумар Хӏадисовас баян гьабуна гьел шагьаразда гӏумру гьабулел гӏолохъабаз цӏи гьарулел релги, росдаего хӏажатал бакӏалги къачӏалел ругоан гьез. Масала, бан буго кверкьовуде бихьинал жанире руссине мина, гьединго мажгиталда аскӏоб каки чуризе хинаб-цӏорораб лъимги хӏажатханаби жанир ругеб бакӏ, кутакалда берцинго, бекӏкӏараб ганчӏица къачӏан буго мажгиталъул михӏмар, тӏасан кӏамураби гьарун къачӏан руго боцӏи гьекъолел русби. Гӏадамазул рукъзабахъе бачун буго гьекъолеб лъим. Росдада тӏадехун, магӏарда чанго бакӏалда ран руго гӏухьбузе жанире лъугьине квегӏенал рукъзал.

Садакъа балъго гьабизе кколин абуниги, бокьун буго гьезул цо- цоязул цӏаралги рехсезе (гӏолохъаби тӏаса лъугьине ратила). Гьезул цо-цоял ккола Хӏажи Хӏажиев, «Технострой» ОООялъул генера- лияв директор; жалго жидедаго чӏарал предпринимателал Гъай- ирбег Мухӏамадов, Гӏабдулатӏип Гӏабдулатӏипов, Гӏабдула Зубаиров.

Гьелде тӏадеги дагьалъ цебе росда ахада гьел гӏолохъабаз бана школа-интернат. Ай, цин «100 школа» абураб проекталда гъорлъеги ккезабун, къачӏан буго къаялда хӏинкъи букӏараб цебего бараб школалъул гьитӏинабго мина.

Хадуб росдал гӏолохъабаз гьелда дандбитӏун бана лъималги учительзабиги жанир чӏолеб мина.

Гьенир цӏализарула гӏицӏго шагьаралда гӏумру гьабулел эргъвендерил лъимал. Амма гьезие дарсал кьола батӏи-батӏиял росабалъа ва Махӏачхъалаялдаса рачӏарал учительзабаз. 1990-абилел соназда гӏезегӏан учительзаби бизнесалде ран руго эргъвендерил. Гьединлъидал 16 учителасда гьоркьов ункъо чи гурони Аргъваниса гьечӏо цӏияб интернаталда.

Гьезул цояй – гӏурус мацӏалъулгун литератураялъул учительница Зугьра Абакаровалъ бицана конкурсалда бергьун жал тӏаса рищанила учительзабазул махщел камил гьабулеб институталъ (ДИРО). Гьей ккола Цӏумада районалъул Агъвалиса. Гьанжелъагӏан хӏалтӏулей йикӏана Шамхал посёлокалъул №45 школалда.

«Аргъвани школалъе учительзаби къваригӏун рукӏин дида лъана Фейсбукалдасан. Учительзаби кидаго цӏи-цӏиял жалазда хадур лъугьун, щиб-щибниги балагьулел рукӏунел чагӏилъидал, дидаги ракӏалде ккана хӏалбихьун лъикӏин гьаб ишалъул. Тӏадежоялъе дирго гӏагараб Цӏумада районги рикӏкӏад гьечӏелъул, гӏодоркъояз гьениеги ине бегьилин ккана, гьединго жибго Аргъвани росу кутакалда тарихияб бакӏги гьечӏищха. Гьелъги асар гьабуна. Гьедин таваккал тӏамунаха дица гьание ячӏине. Цо-цоязда ракӏалде ккезе бегьула моцӏалъ хӏалтӏун кьолеб мухь лъикӏаб букӏиналъ ячӏун ятилин дун гьание. Гуро, гьеб гӏарац бокьарав учителасда шагьаралдаги гьабизе кӏола. Масала, дарсаздаса ха- дуб репетиторлъиги гьабун. Гьаниб буго рекӏее гӏажаибаб асар гьабулеб батӏияб парахалъиги, гӏадамалги, гьаваги, ахӏвал-хӏалги», — ян бицана З. Абакаровалъ.

«Гьаб кӏиябго росулъ чӏараздасаги цӏикӏкӏун гӏадамал къватӏир руго нижер. Масала, Нанихъутаналда 130 цӏараки гӏун буго эргъвендерил. Бабаюрт район ккола гьеб. Гьединлъидал гӏемеразе бокьун буго жидерго лъимал гьанире ритӏизе, амма 50 лъимералъе гурони бакӏ гьечӏо школалда. Республикаялъул шагьараздасагун районаздаса гу- релги, Москва областалъул Гага- риноялдасаги вуго цо цӏалдохъан. Нижер росулъа гочарал чагӏи кко- ла кутишасел. Цӏализе росеян гьениса 12 лъимералъул рахъалдаса гӏарза бачӏун букӏана нижехъе. Бакӏ гьечӏолъиялъ инкар гьабуна», — ян бицана школалъул директор Гӏумар Хӏадисовас. Гьесул рагӏабазда рекъон, пача- лихъалъ школазеги учительзабазеги бихьизабураб гӏарцуда тӏаде гӏезегӏан харжал гьарула меценатаз. Гьедин, масала, 40 азарго гъурщидаса дагьаб мухь щолев учитель цониги гьечӏо гьенив.

Гӏидалъул къоязда букӏа, риидалил каникулазда букӏа росулъе рачӏиндал, лъималаз чваххун бицунеб гӏурус мацӏ гурони рагӏулароан цо заманалда къватӏахъ. Тӏадежоялъе цо росулъа чагӏийин абун, цоцадаги лъалелги рукӏинчӏо гьел. Гьелъ ракӏунтун нижги рукӏана. Гьедин нижер гӏадамаз хӏукму гьабуна гьеб жо хисизабизе: росу цӏи гьабизе, магӏарул мацӏги росдал гӏадат-гӏамалги лъазе лъимал эхеде ракӏаризе. Аллагьасе рецц, гьанже гьел лъималаз магӏарул махӏги босун буго, рахьдал мацӏалъ кӏалъалелги руго. Хадубккун нижеда ракӏалда буго гьезие лъай кьолелъул росдал тарихалде кӏвар кьезе. Рачун гьелгун, рахъун сураталгун, щибаб лъимералда бихьизабизе буго нижеца умумузул ракьазул гӏорхъи- рахъ кисан букӏарабалиги, щибаб хур-ахалда, кулабазда цӏарал кинал рукӏаралалиги», — абун бицунаго, директор Гӏумарица ниж столоваялде рачана.

Столалда тӏад лъун бугоан хъураб гӏиялъажоялъул къулагӏи. Гугариялъул къецазда бергьарав цо цӏалдохъанасул эбел-инсуца бачӏун бугоан гьеб садакъадуй кваназе. Лъимал абуни къойида жанир щуго нухалда кваназарулел руго гьенир.

Бухӏадил авал

Хадур ниж ана лъималги учительзабиги рега-рахъунел бакӏал рихьизе. Гьанже заманалда рекъон ремонтги гьабурал, жаниб цӏияб мебельги лъурал рукъзалги, киналго квегӏенлъаби чӏезарурал как балел бакӏалги, конференц-залги, цогидабги буго гьениб. Битӏун гьеб къоялъ конференц-залалда викторинаги гьабуна гьез. Гьенир кьолел рукӏана росдал авалазда, кулабазда, мегъалда хурхарал суалал. Лъималазда цадахъго хӏалел рукӏана гьезул эбел- эменги. Масала, экраналда бихьизабуна Бухӏадил авалин абулеб росдал цо къватӏ. Гӏодойги ккун цо ясалъухъа гӏеретӏ бекун хадубищ гьелда гьединаб цӏар рекӏарабали. Хадубго Юсуп-учителас баян гьабуна лъел цӏезе рикӏкӏад ине кколел рукӏиналъ ва гьурал рахъунеб бакӏ букӏиналъ гьеб авалалде ясал росабазе кьезе бокьулароанила умумузе. Дагӏба- къец камунгутӏиялъ жидеца гьелда Афгъанистанилан абулинги махсара гьабуна Аргъваниса чияс.

Заралалъе ургъизе заман тун гьечӏо

Гьеб викторина байбихьилалде квен-тӏех хӏадуризе цӏа-кан рекъезабулел, гьан къотӏулел ругоан эргъвендерил гӏолохъаби. Гьезул кӏигояв ватана гьанир церехун бицен гьабурал меценатал – Гӏабдулатӏип Гӏабдулатӏиповги Гъайирбег Мухӏамадовги. Битӏараб бицани, гьелъ дагьалъ риххизаруна ниж. Шагьаралда кӏуди-кӏудияб бизнес бугел гьезул заманищин букӏунеб росдал школалда шашликӏазе цӏа рекъезабизеги викторинаялда гӏахьаллъизегиян кколеб букӏана.

«Нижеде божилъиги гьабун Москва областалдаса бахъаралгицин киса-кисаго шагьараздаса лъимал- лъидал гьанире ритӏун рачӏун ругел. Дагьабниги жагъаллъи ккани, нужер гӏайиб бугилан, гьезул эбел- инсуца бадирчӏваял гьариларедухъ, ниж моцӏида жанир чанцӏулго щола гьанире гӏолеб-гӏолареб жоялъул тӏалаб гьабизе. Шагьаралда лъимал квешаб хьвада-чӏвадиялде ругьунлъилин хӏинкъун рукӏарал эбел-эмен рохуца холел руго гьанже гьанире, цӏуна-къараб бакӏалде гьелги ритӏун. Гьанир кирго видео- камерабиги руго гьезда хадуб халкквезе. Гьеб гуребги, цӏали, черх лъадаризаби тун батӏияб, заралияб жоялде руссине гьезие заманги тун гьечӏо. Нижее къваригӏун буго лъай тӏадегӏанаб гӏел куцазе», — ян бицана Гӏабдулатӏипица.

Жидеца гьел чанго батӏияб рахъалъан (спорталъул, цӏалул, рухӏияб, культураялъул) церетӏезарулел ругин тӏаде жубана директор Гӏумар Хӏадисовасги. Ораторазул курсалгицин рагьун рукӏанила Махӏачхъалаялдаса махщелчагӏиги ахӏун.

Рес бугев щуго-анлъго гӏолохъанчиги данделъун, гьанжеялдаса микьго-ичӏго соналъ цебе «Возрождение села» абун фонд гӏуцӏун буго гьез. Гьедин байбихьун буго росдал нухалгун кьоял къачӏазеги, магӏардаса лъим бачинеги, мажгиталда сверухъ бакӏал къачӏазеги, церехун рехсарал цогидал хӏалтӏаби гьаризеги.

Гьанжегӏагар гьел гӏолохъабазда ракӏалда буго росдал ракьалъе бетӏергьанлъиги («зелёнка») тӏалаб гьабун, футбол хӏалеб майдан гьабизе. Интернаталъул лъималазе гьез бараб гьитӏинабго спортзал буго гьениб. Амма шагьаралъул лъималазе футбол бокьулеб буго.

Гӏабдулатӏипицаги гьесул гьалмагъзаби-меценатазги гьарулел ишал рихьун, гьезде божилъиги гьабун цо-цо мехалда росдал гӏадамазги бачӏунеб буго фондалде гӏарац – 100- 150 азарго гъурущ ккун. Дагьалъ цебе цо ригь арай гӏаданалъги пенсиялъул гӏарцудаса 30 азарго гъурущ бачӏун буго интернаталда цӏалулел лъималазе квен босеян.

Палхӏасил, цо къоялда жаниб Аргъвани росуги сверун, гьезул гӏадамалгунги гара-чӏварун, нижее гьабураб асаралъул жеги гӏемер мехалъ бицине бегьилаан.

Амма абизе бокьараб жо буго цо.

Нилъ магӏарулалин, бахӏарчиял умумузул ирсилалин, гӏадат-гӏамал ккурал гӏадамалилан сордо-къоялъ керен бухун, ахӏи-хӏуралда рукӏунел цо-цо миллатцоял рихьидал, хӏисаб гьабе лъиданиги сундулниги учучуги гьабичӏого, гьаругьинан росдал хӏажалъаби тӏуралел Аргъваниса гӏолохъабазулги.

Церехун дида гьел кирниги рихьичӏо ва рагӏичӏо я чӏобогояб цӏар- рецц гьабулел тадбиразда, ялъуни кеп-ихтилалда, яги пачалихъги махсараде ккун, кинаб букӏаниги давла тӏезабулеб бакӏалда.

Гьезухъ буго гӏарацги иманги. Амма кӏиябго цадахъ киназухъго гуро гьеб букӏунеб.

Зульфия ХӏАЖИЕВА