Коронавирусалда сверухъ республикаялда бугеб ахӏвал-хӏал жакъа къоялъги парахатаб гьечӏо. Унтаразул къадар дагьлъулеб гьечӏолъиялъул хӏакъалъулъ бицана 6 апрелалда тӏобитӏараб Оперативияб шатабалъул данделъиялда ДРялъул нухмалъулесул ишал тӏуралев Сергей Меликовасги.
— Цо къоялда жаниб унтулезул къадар бахунеб буго 40-45 чиясде. Гьеле гьеб гӏиллаялъ буго нилъеца гьаб данделъи щибаб анкьалъ тӏобитӏулебги.
Гьединлъидал цо-цо тадбиразда хурхун лъазарурал гӏорхъичӏваял жеги нахъе рахъизе бегьуларо. Гьел цӏакъго рекӏеда къан руго цо-цо чагӏазда. Мисалалъе, бертаби тӏоритӏулел рукъзабазул бетӏергьабазул гӏарз буго жидер бизнес чӏун хутӏиялда бан. Амма гьезие зарал кколеб бугин абун, тӏубараб халкъалъего бугеб хӏинкъи нилъеда кӏочон тезе бегьуларо, — ян абуна С. Меликовас.
Оперативияб штабалда рорхана республикаялда маялъул байрамкъоял кӏодо гьариялъул ва гьединго исана хӏежалде сапар гьабиялъул суалалги. Унтуца цӏакъго хӏал гьабулеб букӏиналда бан, Бергьенлъи босаралдаса 75 сон тӏубай гъоркьиса кӏодо гьабун букӏинчӏо улкаялда. Исана, щиб рес батунги, 9 май нилъеца хӏурматияб куцалда тӏобитӏизе кколин лъазабуна С. Меликовас.
Гьесул рагӏабазда рекъон, гӏемерисезул рахӏат хвезабун буго хӏежалде исана риччаладай абураб суалалъги.
— Дида бичӏчӏула нилъер хӏажизабазе бугеб ургъел. Амма гьабсагӏаталда чӏванкъотӏараб хӏакъикъат гьечӏо гьеб суалалда сверухъ. Сагӏудиязул Гӏарабиялъ нилъер республикаялъе бихьизабураб квотаги гьечӏо. Хӏежалде риччаялъе аслияб шартӏ буго коронавирусалъ унтиялъул къадар нилъер республикаялда гӏодобегӏанаб букӏин. Амма гьединаб хӏасил гьабсагӏат гьечӏо. Гӏагараб заманалда гьеб хисизабизе кӏвеялде хьул буго, — ян кӏалъана республикаяъул нухмалъулесул ишал тӏуралев.