15 апрелалда Унсоколо районалде щвана республикаялъул хӏукуматалъул нухмалъулев Гӏабдулпатахӏ Гӏамирханов.

Рихьуниб ГЭС балаго лъеда гъоркье ракьал араб щуго росу буго гьениб: Унсоколо, Рихьуни, Зиранигун Майданское, Гьаракӏуни ва Хьаргаби районалде гьоркьобе унеб Къудукь. Амма 10-ялдасаги цӏикӏкӏун сон буго гьезул пачалихъалъухъа рецӏалихъ гӏарац щоларого. Гьанже гьеб суал тӏубаялъул иш гӏедегӏинабизе бугин абуна Гӏ. Гӏамирхановас.

Рихьуниб ГЭС базе байбихьана 1977 соналда ва гьеб халат бахъана 30- гӏан соналъ. ГЭСалъул сангар (плотина) бан бахъана 2008 соналъул ихдал. ГЭСазул рахъалъ хӏукуматалда цебе гӏуцӏараб комиссиялъ хӏукму гьабун букӏана 547 метралдаса тӏаде лъим бахунаредухъ хӏалтӏи гьабизе. Амма хӏисабалде босун букӏаралдаса цӏикӏкӏунги ккун, лъеда гъоркье ккана тӏадехун рехсарал росабазул ракьал.

Букӏана митинг, букӏинчӏо хӏасил

Гьеб рахъалъ бищун цӏикӏкӏун зарал ккана рихьундерил жамагӏаталъе. Лъеда гъоркье ккана ахазул 216 ва мучӏдузул 125 гектар. Гьелдаго цадахъ 184 гӏолохъанаб хъизан хутӏана жанире руссине рукъзалги гьечӏого.

Жидерго тӏалабазулги бицун митинг гьабизе ракӏалда букӏана гьезда 2014 соналъул 5 марталда. Амма доб мехалда хӏукуматалъул идарабаз гьелъие изну кьечӏо. Митинг тӏобитӏичӏониги, росабазул жамагӏатазул вакилзабиги ракӏарун, данделъи гьабуна. Гьелда гӏахьаллъи гьабун букӏана доб мехалда республикаялъул бетӏерасул мугӏрузулаб округалда вукӏарав вакил Ибрагьим Ибрагьимовасги. Нужеца тӏалаб гьабулеб бугеб рецӏалил гӏарац цебего щванин нужееян бихьизабун бугин гьал документаздайиланги абун, саламатаб къадар кагътазулги рихьизарун рукӏана гьес. Кагътазда гьеб кьураблъун бихьизабун бугин, амма нижее гьелъул цо капекги щвечӏин хъудулеб халкъги букӏана.

Хиса-басиязул гьогьен

15 апрелалда Гӏ. Гӏамирхановасулгун букӏараб дандчӏваялда лъеда гъоркье арал ракьазул рахъалъ Унсоколо райадминистрациялда цебе гӏуцӏараб отделалъул нухмалъулев Гӏалихӏажиев Мухӏамадица бицана:

-Нижер ахалгун хурзал лъеда гъоркье ун хадуб, щуябго росдае ккараб заралалъул хӏисабги гьабун, 2008 соналъго республикаялъул хӏукуматалъ проекталъулабгун сметаялъул документация хӏадурун букӏана. Гьелда тӏад хӏалтӏулаго ана лъабго сон ва 2012 соналъул январалде сметаялда бихьизабураб къадаралда рекъон нижее кьезе кколаан 9 миллиардгун 500 миллионгӏанасеб гъурущ. Гьеб гӏарац бихьизабун букӏана 1178 хъизамалъе рукъзал разеги, лъеца гъанкъизарурал ракьазухъ рецӏалие кьезеги, щуябго росулъ социалияб 25 объект базеги. Амма гьелдаса нахъе чан сон ун батаниги, нижее гьеб гӏарац щвечӏо, -ян ракӏалде щвезабуна гьес.

— Гӏабдулатӏипов республикаялъул нухмалъуде вачӏиндалги борхун букӏана нужеца гьеб суал…

-Букӏана. Амма гьеб мехалдаги щвечӏо гӏарац.

Сергей Меликов вачӏун хадубго дагьаб туркӏи лъугьанин абизе бегьула. Ковидалъ унтун Москваялда вукӏаго гьес лъазабуна гьеб суал жиндирго бербалагьиялде гъоркье босулеб бугин абун. Москваялдаса нахъ вуссун вачӏиндал, хӏукуматалда данделъиги тӏобитӏана ва гьелда дунги гӏахьаллъана. Гьениб бицана гьабизе бугеб хӏалтӏулги. Гьоркьоб заман ун бугелъул, рецӏалил гӏарац щвезе кколел гӏадамазул сияхӏги проекталъулабгун сметаялъул документацияги цӏи гьабизе кколин абуна Меликовас.

Палхӏасил, хӏукму ккана цӏиял документалги хӏадур гьарун, тӏасияб соналдехун нижее рецӏалил гӏарац щолеб хӏал гьабизе, -ян бицана М. Гӏалихӏажиевас.

Миллиардазул махӏ чӏвана…

Республикаялъул хӏукуматалъул вице-премьер Манвел Мажонцил рагӏабазда рекъон, зарал ккарал гӏадамазе рецӏалие кьезе буго 10 миллиардгун 946 миллион гъурущ.

Гьеб гӏарцуда гьоркьоса 6 миллиардалдаса цӏикӏкӏун гъурущ щвезе ккола лъеда гъоркье арал ракьазухъ рецӏел хӏисабалда. Миллиардги хадубги -рукъзал гьечӏого хутӏарал гӏадамазе минаби разе. Хутӏараб гӏарцуде разе ккола Рихьуни, Майданское-Зирани, Гьаракӏуни, Унсоколо росабалъ хӏажатал социалиял объектал, ай школа, ясли-ах ва гь.ц.

-Гьеб лъабабго суалалда гьоркьоб бищунго захӏматаблъун буго социалиял объектал раялъул масъала, -ян бицана Мухӏамад Гӏалихӏажиевас. -Гьел разелъун цӏидасан хӏадур гьабизе ккола проекталъулабгун сметаялъул документация, лъазаризе ккола тендерал. Республикаялъул хӏукуматалъул вице-премьер Манвел Мажонцица абуна исана сентябралдехун киналго документалги къачӏан, тӏасияб соналъулаб бюджеталда гъорлъе гьеб гӏарац бачине хӏаракат бахъилин.

А. ЮСУПОВ