Москваялда, пачалихъияб библиотекаялда, щуабилеб нухалда тӏобитӏана реставраторазул халкъазда гьоркьосеб конференция. Гьелда гӏахьаллъиги гьабула библиотекабазул, архивазул хӏалтӏухъабаз ва тарихчагӏаз. Дагъистаналдаса гьеб конференциялда гӏахьаллъана РАНалъул ДФИЦалъул гӏелмияй хӏалтӏухъан Заира Ибрагьимова. Гьелъ гьениб бицана XVII-XVIII гӏасрабазда Дагъистаналда кагъат гьабулеб букӏараб къагӏидаялъул хӏакъалъулъ.

Гьелъулгун буго нижер жакъасеб гара-чӏвари.

— Заира, кина-кинал росабалъ кагъат гьабулеб букӏарабали лъалеб жо бугищ тарихчагӏазда?

— Гьечӏо. Амма тарихчагӏазул кӏудияб гӏелалъул чагӏи Гьаракӏуниса Нурмухӏамадил Мухӏамадилги Гӏа мирхан Гӏисаевасулги руго кагъат гьабулеб лъамалъи жанибе тӏолеб букӏараб рамка жидеда

Игьали росдал мажгиталъул тӏохда бихьанин хъварал макъалаби. Игьелдерилгун бухьен гьабидал лъана, мажгиталъуб ремонт гьабулеб мехалда гьеб рамка, кьищни гӏадин, гӏодобе рехун букӏин.

Кӏудияб къадаралда кагъат гьабулел бакӏал рукӏун ратуларо нилъехъ. Гуребани, гьелъул хӏакъалъулъ гьа- рурал хъвай-хъвагӏаял рукӏине кколаан. Гӏемераб кагъат пуланаб бакӏалда гьабулебги букӏун, росабалъа росабалъе, шагьаразде баччулеб букӏанин хъварал бакӏалги ратичӏо архивазда. Жалго тӏахьал хъварал бакӏал рихьизарун рукӏуна мужалатазда (пуланав чияс кинабалиго росулъ гьадинаб заманалда хъварабилан). Гьединлъидал жидеего цо тӏехь бахъизе къваригӏарабгӏанасеб кагъатги гьабун, толеб букӏараб къагӏидаха гӏадамаз гьеб.

Советияб заманалда гьелъул хӏакъалъулъ цӏех-рехал гьарулел гӏалимзабиги рукӏинчӏого, Гьаракӏуниса Нурмухӏамадил Мухӏамадицаги Гӏамирхан Гӏисаевасги кӏвар кьечӏого тун батила гьеб. Гьелъул интерес букӏарабани, гьез доб рамка нахъе босилароанищха. Амри Шихсагӏидовасги цогидазги кидаго абулаан гьаб бугила Дагъистаналда гьабураб кагъат, амма гьелда хурхун тӏаде батӏияб-тӏокӏаб жо бицунароан. Гьелда тӏад хӏалтӏи гьабулев чи вукӏинчӏогоха.

Нилъер гӏадамазул гӏадат букӏинчӏо пуланаб ишалда хурхун хъвай-хъвагӏаял гьарулеб. Масала, кигӏан берцинал туртал умумуз рессулел рукӏарал. Амма гьел ки- наб кунал рессулел рукӏаралали, релъине ккани, щиб хӏалтӏизабулеб букӏарабали хъвараб бакӏ гьечӏо. Цогидал регионазда руго гьединал хъвай-хъвагӏаял.

— Къватӏиса бачӏарабгӏан щвалде щварабги букӏун батиларо нилъер кагъат.

— Букӏинищха, нилъ гьеб рахъалъ цӏакъго нахъе ккун рукӏана. Дица гӏемер дандеккуна нилъерабги къватӏиса бачӏарабги кагъат. Гӏарабалъа, Персалъа, Туркалъа, гьединго Гӏурусалъа, Европаялдаса кагъат буго дурусаб, хасал ишараби тӏад ругеб, гвангъараб, хъахӏаб кьералъул. Гьезул цо-цоялда гъорлъ чиллайгицин батула. Кагъат лъугьунеб лъамалъиги гьез гӏисинаб маххул сеткаялда тӏаде тӏолеб букӏун буго.

Нилъер кагъат буго бакӏ-бакӏалдаса биццатаб яги тӏеренаб, гараха-раб, гӏадатаб. Канлъуде ккуни, цӏакъ лъикӏ бихьула гьелъул батӏалъи.

Кьерги сурмалъиялде сверараб буго. Гьединго дида ккола нилъераз гьеб кагъат, ххамида (исхъалиялда) гьоркьобги лъун, данде къалеб букӏун батилилан. Гьелда тӏад расал гӏадал жал рихьула гьанжеги. Цо-цо тӏахьазда тӏанчалги батӏа-батӏайиса седон ратана – цокӏалго гурел, цояб гьитӏинаб, цогидаб кӏудияб тӏамачги тӏатӏала лъун. Кагъат гьабулеб лъамалъи жанибе тӏолеб халипалда бараб жо батила гьеб.

— Нилъер мадугьалихъ ругез гьабулеб букӏанадай кагъат?

— Букӏинчӏо. Гуржияз, масала, бакъбаккул рахъалъул улкабаздаса бачӏараб кагъат хӏалтӏизабулаан. Хадуб гьез Турциялдаса босизе байбихьана. Европаялдаса баччулеб, Ираналдаги машгьураб кагъат букӏана гьеб. Россиялда кагъат гьабизе байбихьидал, гьенисаги босулаан гуржияз. Эрмениязги гьединго гьабулаан.

Гуржиязул архивазда ратарал баяназда рекъон, добаса-гьаниса босараб кагъат хадубккун жидеего бокьараб куцалда къачӏалеб букӏун буго гьез – батӏи-батӏияб лъамалъиялда гъорлъ лъун, полировка гьабун.

Хас гьабун XVII гӏасруялда нилъер гьаниб кагъат гьаби машгьурлъун батула мадрасаби, мажгитал разе байбихьиялъ, къватӏиса бачӏунеб кагъат дагьлъиялъ. XVII гӏасруялъул байбихьуда Дагъистаналда гӏезегӏан росаби лъугьун рукӏана лъай кьеялъул тӏубарал централлъун. Нилъецаго кагъат гьабизегӏанги Дагъистаналде гьеб, аслияб куцалда, Ираналдасан бачӏунаан. Амма XVI гӏасруялда Россиялдасан Европаялъул кагъат баччизе лъугьана, щайгурелъул Ираналда гьеб мехалда рагъги байбихьун, кагъат гьаби чӏезе тун букӏиндал. XVII-XVIII гӏасрабаздаги язихъаб хӏал букӏана гьезул экономикая лъул. Гьединлъидал нилъер базаргаби кагътида хадур Волга гӏурухъан унаан Россиялде. Амма гьез гьеб бачӏунаан цӏакъго мукъсанаб къадаралда. Гьединлъидал къватӏиса бач- чиялдасаги, кагъат жидецаго гьабуни, учузго чӏезе букӏиналде кантӏана дагъистаниял. Гьелъие гӏоло лъелъги габаниги хӏалтӏизабулеб букӏанин абураб пикру ккана дир. Цо-цо улкабазда басрияб ретӏел-куналъул лъугьараб магъакь-кӏачарги хӏал тӏизабулеб букӏун буго (гьабаз ххенон, гӏисин гьабураб гьеб белъаризабулеб букӏун буго – ред.). Амма Дагъистаналда доб мехалда кагъат гьабизе гӏурабгӏанасеб ретӏел-кун букӏинчӏо.

Гьединго, кагъат гьабулеб лъамалъи лъугьинегӏан нилъер умумуз лъелъ яги габани гӏисин гьабулеб, хӏадурулеб букӏараб куцалъул хъвараб бакӏ гьечӏо. Амма дида ккола кун гьабизе рессарухъабаз габани къачӏалеб букӏараб къагӏида кагъат гьабиялъеги данде кколаанин.

Этнографаз гьелъул хӏакъалъулъ гьадин хъвалеб буго. Рессарухъабаз сум яги хьопал-жалги тӏаде рехун, цо гвандиниб анкьица бакъвазабулеб букӏун буго габанидул гӏурччинаб рохти. Цинги гӏурухъа лъим биччалеб букӏун буго гьелда тӏаде. 10-15 къоялдаса гьелдаса тӏеренал рихьал рахъун рачӏинегӏан толеб букӏун буго. Хӏеккараб габани тӏохда бакъвазабун, цинги хӏохьода тӏад бухулеб, яги зурулеб, кӏвекӏулеб букӏун буго.

— Кидалъагӏандай нилъер умумуз кагъат гьабулеб букӏараб?

— XVIII гӏасруялъул кӏиабилеб бащалъиялда гьарурал тӏахьазда гьоркьоб къанагӏат гурони дандчӏвалеб гьечӏо нилъер кагъат. ХӀX гӏасруялда рахъарал тӏахьазулъ абуни дида гьеб тӏубанго халлъичӏо. Гьелдаса хадуб Россиялда кагъатги учузлъун, гьениса баччизе байбихьун батула.

— Дуца бицана Дагъистаналъул кагътил физикаялъулгун химиялъул анализ гьабун гьечӏилан…

— Нилъер гьаниб гьеб гьабуларо. Судмедэкспертизаялдегицин ун йикӏана дун гьелъул хӏакъалъулъ бицун. Амма гьанир ругел шартӏазда рекъон жидехъа гьеб бажарула- рин жаваб кьуна гьенибги. Щибаб жоялъул жиндирго хаслъи букӏунарищха. Талихӏалъ, Москваялда дир лъай-хъвай ккана гьединал анализал гьарулел чагӏазулгун. Гьезул кумекалде хьул буго.

Гара-чӏвари гьабуна Зульфия ХӏАЖИЕВАЛЪ.