Гьал къоязда Дагъистаналда букӏана «Россия — жакъа» абураб федералияб каналалъул ункъо журналистгун операторасдаса гӏуцӏараб къокъа. Гьел ккола Эрик Фонсека, Илья Енин, Эдуард Горборуков, Анна Куропатова. Гьезул мурад букӏана Испаниялъул ва испан мацӏалъул телезрителазе Дагъистаналъул хӏакъалъулъ документалияб фильм (26 минут) хӏадур гьаби. Гьеб мурадгун гьел щвана Гъуниб районалде, Сулахъ къварилъухъе, Кубачиялде, Дербенталде ва данде гьабуна гӏураб материал. Сапаралдаса хадуб нижеца программаялъул автор, каналалъул ведущий, Мексикаялдаса Эрик Фонсе-калгун гара-чӏвариги гьабуна.

— Эрик, 10-гӏанасеб соналъ мун гӏумру гьабун вуго Москваялда. Кин ккарав Россиялде?

— Актерлъиялъул махщалие цӏалулев вукӏана Мексикаялда. Кӏиябго улкаялда гьоркьор рукӏарал къотӏи-къоязда рекъон, дун витӏана Москваялде ва лъугӏизабуна Щукинил цӏаралда бугеб училище. Гьеб лъугӏидал цо сериалалда хӏана ва, гьенив вихьун дун, испан мацӏ лъалел хӏалтӏухъаби гӏоларого рукӏун, ахӏана рехсараб каналалде хӏалтӏизе.

— Мексикаялда вукӏаго, Россиялъул хӏакъалъулъ лъалеб жого букӏанищ?

— Дир гъира букӏунаан Россиялъул тарих ва жакъасеб гӏумру лъазабизе. Гьединлъидал дагьа-макъаб бугониги, лъалаан. Гӏаммаб куцалда босани, Мексикаялда ругезда цӏакъго мукъсанго гурони лъала- ро Россиялъул хӏакъалъулъ. Дора гӏемер руго Россиялъул хӏакъалъулъ рицунел батӏи-батӏиял харбал, мифал. Гьезул хӏакъикъат баян гьаби буго дир аслияб хӏалтӏиги.

Байбихьуда гӏезегӏан захӏ матгоги букӏана, хасго мацӏ лъалареб заманалда. Гьанже гӏемерго бигьалъана. Амма гьелда цадахъго букӏана цо масъалаги, ай культурияб. Нилъер буго тӏубанго батӏияб гӏамал-хасият, рукӏарахъин ва цогидабги. Кин батаниги, Россия дие лъугьана кӏиабилеб ватӏанлъун.

— Хадубккун Мексикаялдайищ яги Россиялдайищ гӏумру гьабизе ракӏалда бугеб?

— Гьеб суалалъе жаваб кьезе кӏоларо. Дун ругьунлъун вуго Россиялде, дир лъадиги йиго гӏурусай, вуго нижер васги. Гьездаги лъикӏго лъала испан мацӏ. Амма гьанже Мексикаялда гӏумру гьабизе нижее захӏмалъизе буго.

— Мун щвана 15 батӏияб пачалихъалде, Россиялъул гӏемерал регионазде. Дагъистаналде гьабураб сапаралъ кинаб асар гьабураб?

— Дида рагӏун букӏана Дагъистаналъул хӏакъалъулъ. Амма ракӏалде ккунго букӏинчӏо гьадинаб гьайбатлъи батилин абун. Тамашалъизавуна Сулахъ къварилъиялъ. Хӏакъикъаталдаги гьеб буго тӏабигӏияб хӏикмалъи, балагьун бер гӏорцӏулареб берцинлъи. Гъамсукь росдахъги валагьун гӏемер ургъана сунда релълъарабдай гьеб бугебилан? Дун вачӏана гьадинаб пикруялде: гьеб буго Грециялъул Санторини чӏинкӏиллъиги Турциялъул Каппадокия авалги жубазабун гьабураб гӏадаб тӏабигӏияб памятник. Гьениб дида цебеса инчӏо дирго Ватӏан, тӏабигӏат, гӏадамазул хасияталъулъ буго цоцада релълъин. Гӏадамазул сипаталъулъги буго пархен – мех-мехалда цо-цо чагӏи цӏакъ релълъун рихьула дидаго лъалел мексикаялъулазда. Дидаго лъалел чагӏи ругинги ккун, гьезул квер бачине инехъинцин ватула. Дие цӏакъ бокьула кваназе ва дун гӏажаиблъизе гьавуна нужер кваница, гьелъул гьарзалъиялъ. Хӏасил гьабун абуни, Дагъистан буго цо гӏажаибаб хаслъи жиндилъ бугеб, гӏемеразда релълъараб ва гьебго заманалда лъиданиги релълъинчӏеб, тӏубанго жеги лъалареб, амма бихьичӏого гӏолареб республика.

— Дуца рехсарал Санторини, Каппадокия гӏадал бакӏазда ругел шартӏал гьечӏо Дагъистаналде рачӏунел туристазе чӏезарун…

— Битӏараб буго, туристал рачӏине ккани, шартӏал чӏезаризе ккола.

Бихьулеб буго Махӏачхъалаялда гьеб рахъалъ хӏалтӏи гьабулеб букӏин. Гӏадада биччазе бегьуларо заман. Шартӏал гьечӏониги, масала, Гьамсукье рачӏунел руго гӏемерал туристал. Гьеб лъикӏги буго. Амма жакъа нижеда дандчӏвана цоги хӏужа — къадазда щиб бугониги хъвалел, кьищни гӏодобе реху- лел. Гьеб рахъалъ чӏезабизе ккола къвакӏараб низам. Гьаб кинабго буго нужер миллияб бечелъи ва гьеб цӏунизе ккани, гьабизе ккола кӏудияб хӏалтӏи, гӏуцӏизе ккола хасаб программа. Гурони, бугебги дагь-дагьккун тӏубанго чӏунтизе рес буго.

— Нужеца гьаниб гьабураб хӏал тӏул тӏалаб букӏине бугищ Испаниялда, Латиназул Америкаялда?

— Буго. Дихъе гӏемер хъвала Кубаялдаса, Венесуэлаялдаса, Аргентинаялдаса ва цогидалги пачалихъаздаса гӏадамаз. Гьел гъираялда балагьула Россиялъул регионазул хӏакъалъулъ дица хӏадур гьарурал программабазухъ ва ракӏалде ккола жеги цӏикӏкӏараб гъирагун балагьилин дозда лъазего лъалареб Дагъистаналъухъги.

Нижеца цо чанго суал кьуна Анна Куропатовалъеги.

— Дагъистаналъ кинаб асарха дуе гьабураб, Анна?

— Нужер гьаниб буго кутакалда берцинаб тӏабигӏат. СШАялда бугеб Гранд-каньоналде дун щвечӏо, амма Сулахъ къварилъиялда бащалъулеб тӏабигӏияб гӏаламат дида кибго бихьичӏо. Кигӏан бицаниги чӏалгӏунаребгӏан бакӏ буго Гъамсукь. Кигӏан ургъаниги, дида лъазе кӏвечӏо кин базе кӏолеб гьал мугӏрузулгун кьурабазул рагӏаллъуда росу, кин гӏадамаз гье- ниб гӏумру гьабулеб букӏарабали. Гьеб буго божизе захӏматаб, тӏабигӏаталъгун инсанасул квералъ гӏуцӏараб гӏажаибаб бакӏ. Гьобол къабул гьавизе нужер бугеб гьунаралъул рагӏун букӏана, гьанже нижедагоги бихьана. Цӏакъ ракӏ рагьарал гӏадамал руго нужер.

— Дур ракӏ рекъечӏеб, бокьичӏеб жо щибха ккараб?

— Турист хӏисабалда ячӏун йикӏарайани букӏинеги бегьилаан гьеб рахъалъ абизе жо. Хириял гьалбал хӏисабалда къабулги гьа- рун, лъикӏал шартӏалги чӏезарун, кӏвар бугеб хӏалтӏуда ругеб заманалда дида рихьуларо гьединал жал. Нагагь рихьани, кӏварги кьоларо. Хӏалтӏи лъугӏидал гьаниса нахъе ине йиго цоги нухалда, ай хъизамгун цадахъ, тӏад юссинин абураб хьулгун.

Гӏабаш ГӏАБАШИЛОВ