Кӏудияб Ватӏанияб рагъул бахӏарзал-ракьцоял кӏодо гьариялъул мурадалда, «Къункъраби» абураб сахлъи цӏуниялъул комплексалда рагьулеб буго 1942 соналъул маялда Совет Союзалъул Бахӏарзазул мухъилъ даимлъарав Мухӏамад Хӏажиевасул хӏурматалда гӏуцӏараб ва машгьурав ралъдахъанасул цӏар кьураб гидрокомплекс.
Гидрокомплекс ургъана Москваялъул пачалихъияб университеталъул профессор Мухӏамад Мухӏамадовасги гьесул ишцоязги. Гьениб рес щвезе буго, гьанже заманалъул цӏирагьиязул кьучӏалда лъел пайдаги хӏалтӏизабулаго, инсанасул сахлъи цӏунизеги хӏухьбахъизеги. Гьенир батӏабатӏаго хӏадурун руго руччабазеги бихьиназеги медицинаялъул тадбирал гьаризе рес кьолел хасал залал. Гӏуцӏун руго лъималазул ракӏгъезабиялъе шартӏалги.
Цӏияб гидрокомплексалда хӏухьбахъизеги сахлъи щула гьабизеги гӏуцӏун ругел шартӏаздаса пайда босизе буго дагъистаниязги цогидал регионаздаса гӏадамазги.