Араб анкьалда «Хӏакъикъат» газеталда тӏобитӏараб дандеруссиналда гӏахьаллъана Дагъистаналъул Хъвадарухъабазул союзалъул членал, шагӏирзаби, журналистал, магӏарул миллиябгун маданияб автономи ялъул цӏивищарав нухмалъулев Айтемир Сатираев, имам Шамилил цӏаралда бугеб фондалъул председатель Гӏалиасхӏаб Хархачаев.

Данделъи рагьана ва нухда бачана Хъвадарухъабазул союзалъул авар секциялъул нухмалъулев, профессор Мухӏамад Мухӏамадовас.

Тадбиралъул аслияб мурадги букӏана цадахъ рекъон хӏалтӏи гьабизе ккеялъул хӏакъалъулъ бицин.

— Нилъер мурадги, масъалабиги, гьабулеб хӏалтӏиги руссинаризе ккола цо мурадалде – миллияб мацӏги, маданиятги, адабиятги, гӏадатал-гӏамалалги цӏунизе ва гӏун бачӏунеб гӏелалда гьезул тӏагӏам бичӏчӏизабизе. Гьеб цӏуниялъе гӏоло нилъгун цолъизе ккола Авар театрги. Цадахъ рахъине ккола гӏолилалгун, лъималгун магӏарухъе сапаралъ. Дандчӏвазе ккола магӏарулалгун, гӏенеккизе ккола гьез бицунелъухъ. Гьезухъ гӏенеккизе нилъеда лъачӏони, гьезулгун бухьенги загӏиплъани – гьебги ккола нилъер хӏалтӏул загӏиплъи. Гьелъие планги хӏадур гьабун букӏана. Амма коронавирусалъ квалквалги гьабун, нахъбахъизе ккана. Гьеб цӏи гьабизе ракӏалда буго, — ян бицана «Хӏакъикъат» газеталъул бетӏерав редактор Гӏумахан Гӏумахановас.

Дагъистаналъул Хъвадарухъаба зул союзалъул председатель Мухӏа мад Ахӏмадовас бицана магӏарул адабияталда бугеб ахӏвал-хӏалалъул хӏакъалъулъ.

— Лъикӏаб хӏал гьечӏо тӏахьал рич- чаялъул тартибалдаги низамалда- ги. Гӏарацги ресги бугевщинав чияс рахъулел руго гъалатӏазулги цӏурал, цохӏого темаялда хъварал тӏахьал. Гьелъ бечелъизе гьечӏо авар адабият. Кечӏ хъвалевщинасда кколеб буго жив шагӏир вугиланги. Жалго бетӏергьанал басмаханабазда риччалел гьел риччагейилан абизе нилъерги ихтияр гьечӏо. Амма гьадин тезеги бегьуларо. Нилъеца хадусел наслабазе кинаб адабият тезе бугеб? Миллионалдаса цӏикӏкӏун къадар бугел магӏарулазе телевидениялда бихьизабураб заманги, дир хӏисабалда, цӏакъго дагьаб буго. Гьелъулги пикру гьабизе заманги некӏого щун буго, — ян абуна гьес.

Мухӏамад Мухӏамадовас бицана авар секциялъ гьабизе бугеб хӏалтӏул хӏакъалъулъги.

— Дагъистаналъул Хъвадарухъабазул союзалъул членлъун ккола 47 магӏарул шагӏир ва хъвадарухъан. Гӏуцӏизе буго хасаб план. Гьелда рекъон тӏоритӏизе руго гьезул юбилеялги. Гъоркьиса букӏараб ахӏвал- хӏал сабаблъун тадбирал тӏоритӏизе санагӏалъи ккечӏезулги исана тӏоритӏизе руго. Щвезе руго гьезул гьитӏинаб ватӏаналдеги. Гьединабго тартиб чӏезабизе буго Дагъистаналъул тӏахьазул издательствоялда тӏахьал риччаялъул рахъалъги, — ян абуна М. Мухӏамадовас.

Гьелъул хӏакъалъулъ бицана рехсараб басмаханаялда хӏалтӏулей йигей магӏарул мацӏалда рахъулел тӏахьазул редактор Гӏайшат Гӏалиевалъги.

Айтемир Сатираевас бицана автономиялда церечӏарал масъалабазул хӏакъалъулъ.

— Цохӏо гьаниб бицун гьеб тӏубазе гьечӏо, — ян абуна гьес. — Данделъизе ккола хас гьабун гьеб кинабго рукӏалиде ккезабизе. Тӏахьал риччазеги, гьайгьай, букӏина кумек. Амма тӏахьал риччазе ккола мустахӏикъазул. Гьединго щибаб районалда рукӏине ккола автономиялъул вакилзаби, миллаталъул ургъел бугел чагӏи. Гьелги рукӏине ккола районалъул гӏолилазда ва лъималазда гьоркьоб хӏалтӏи гьабулеллъун. Хонжрол, хвалчадул къуваталдасаги цӏикӏкӏараб букӏуна рагӏул къуват. Гьединлъидал нилъеца рахъулел тӏахьазулги букӏине ккола гьединаб къуват. Гӏуцӏизе руго фондал. Гьезул щибалъулги букӏине буго жинди-жиндир мурад. Гьедин гурони хӏалтӏи цебехун билълъунаро.

Кӏалъазе рахъарал шагӏирзабазги бицана къватӏире риччазе ругел тӏахьазулги, риччарал тӏахьал ричиялъул ругел захӏмалъабазулги хӏакъалъулъ. Цо-цояз цӏалана жидерго цӏиял кучӏдулги.

Шамай ХЪАЗАНБИЕВА