Араб шамат къоялъ «Къункъраби» гӏелмиябгун сахлъи цӏуниялъул комплексалда тӏобитӏана Совет Союзалъул Бахӏарчи, дунялалдаго машгьурав ралъдахъан, букъун лъедолеб гамил капитан, Гъуниб районалъул Мохӏоб росулъа Мухӏамад Хӏажиевасул цӏаралда бугеб гидрокомплекс рагьиялъул тадбир.
Гьелда гӏахьаллъи гьабуна Каспийскиялъул, Северияб ва Чӏегӏер ралъдал флотазул вакилзабаз, Кӏудияб Ватӏанияб рагъул ветераназ, республикаялъул хӏукуматалъул жавабиял хӏалтӏухъабаз, М. Хӏажиевасул росдал ва районалъул нухмалъулез, жамгӏиял хӏаракатчагӏаз, цӏалдо хъабаз ва журналистаз.
Гьалбадерие салам кьураб, къо къаб кӏалъай гьабуна «Къункъраби» комплексалъул директор, МГУялъул профессор Мухӏамад Мухӏамадовас.
Хадуб гьесги хӏурматиял гьалбадерицаги багӏараб чалу къотӏана ва М. Хӏажиевасул хӏурматалда мемориалияб хъарщи рагьана.
Тадбиралда кӏалъазе рахъарал киназго кӏудияб адабалда рехсана Бахӏарчиясул цӏар, ракӏалде щвезаруна гьесул рагъулал гьунарал, абуна нилъер талихӏаб букӏинеселъе гӏоло къеркьарав щивав рагъухъанасул цӏарги цӏадулал ишалги гӏун бачӏунеб гӏелалъул рекӏелъ рукӏине кколилан.
— Мухӏамад Хӏажиев абадиялъго вукӏине вуго нилъерги хадусел гӏелазулги рекӏелъ. Гьединал чагӏи хӏалтӏана, къеркьана нилъер лъималазул, лъималазулги лъималазул гьайбатаб букӏинеселъе гӏоло. Гьединлъидал нилъер рес буго гьездаса рохизе, чӏухӏизе, — йилан абуна Северияб флоталъул рукъун лъедолел гумузул дивизиялъул командир, контрадмирал Всеволод Хмыровас.
Хадур киналго ана цӏи рагьараб гидрокомплекс бихьизе. Гьанжесеб заманалъул тӏалабазе жаваб кьолеб хӏухьбахъиялъегун сахлъи цӏуниялъе тӏолалго шартӏал гӏуцӏараб лъабго бассейн буго гьениб — руччабазул, бихьиназул ва лъималазул. Гьекъезецин бегьулеб гӏадаб бацӏцӏадаб мугӏрузул лъим бассейназда жаниб букӏаниги, 250 гидронасосги лъун буго лъим бацӏцӏад гьабизе.
Палхӏасил, нилъерго беразда бихьани гурони божулареб берцинлъиги, чӏурканлъиги, квегӏенлъиги буго Гидрокомплексалда.
Ахиралда рукӏана художествоялъулал хӏаракатчагӏазул церерахъинал.
Цӏакъ берцинго ана рехсараб тадбир ва гьелъулъ мустахӏикъаб бутӏа букӏана, байбихьудаса ахиралде щвезегӏан гьеб бачарав, Хӏажимурад Мухӏамадовасулги.
Гӏ. ГӏУМАХАН