Жамгӏиявгун политикияв хӏаракатчи, Хелекьуриса Мухӏамадтӏагьир Гӏабдулбасировасул хӏурматалда, 15 маялда Болъихъ районалъул Ансалтӏа тӏобитӏана чуял тӏамиялъул тадбир.
Гьелда гӏахьаллъана ДРялъул физкультураялъулгун спорталъул министр Сажид Сажидовги, Гӏабдулбасировасул гӏагарлъиги, районалъул нухмалъулелги, республикаялдасаго гьалбалги.
Чуял рукӏана мадугьалихъ бугеб Чачан республикаялдаса рачӏа ралги.
Чӏалде щварал чуязул бетӏер гьабазе кьолеб гӏарцул фондалъе биччан букӏана кинабниги 320 азарго гъурущ.
Хӏасилал гьаридал бергьараллъун рикӏкӏана Ансалтӏаса Нажмудин Къурбанхӏажиевасулги, Рамазан Гӏубайдулаевасулги, Щодродаса Гӏали Шагӏбановасулги чуял.