Россельхозбанкалъул кумекалдалъун ДРялъул Росдал магӏиша талъул ва кванил нигӏматазул министерствоялъ республикаялда рагьулеб буго фермеразулаб школа. Фермеразе дарсал кьезе руго Аграрияб университеталда цебе гӏуцӏараб базаялда.

Школалде рачӏине бегьула гьанжего-гьанже гӏи-боцӏи хьихьизе байбихьаралги церего гьеб ишалде руссун ругелги фермерал. Магӏишат бечед гьабизелъун цӏиял къагӏидаби хӏалтӏизаризе, агротехнологиялъул тайпаби лъазаризе, гӏарцул суалазда хурхарал документал хӏадур гьаризе ва жеги гӏемераб жоялъе куцазе руго гьенир гӏи-боцӏухъаби.

Цебе гьединал дарсал кьолеб къебелъи букӏинчӏо Дагъистаналда. Агрономал, зоотехникал, боцӏул тохтурзаби хӏадур гьарулеб росдал магӏишаталъул университет букӏана ва гьанжеги буго. Амма гӏи-боцӏул къадар цӏикӏкӏинабизе ялъуни хур бекьун, гӏака хьихьун, магӏишат цебетӏезабизе малъулеб бакӏ букӏинчӏо.

БОЦӏУЛ ТОХТУРГИ КЪВАРИГӏУНА, КАГЪАТ-КЪАЛАМГИ ГЬЕЧӏОГО ГӏОЛАРО

Щибха абулеб бугеб жалго фермераз? Масала, Казбек районалъул Дилималдаса Хӏажи Абубакаровасул буго живго бетӏергьанаб магӏишат, ай гӏиги чӏегӏербоцӏиги. Гьанже гьес гьеб кьун буго васасухъе. Хӏажица бицана гьесие фермеразул школалъул мунпагӏат ккелин.

— Жакъа кутакалда цебетӏун буго техника. Цебе нилъеда макьилъцин бихьичӏеб тайпаялъул чанго батӏияб алат буго хӏалтӏизабулеб. Гьелъул гӏелму лъалеб бугони, фермерасеги бигьа букӏина магӏишат гьабизе. Гьединлъидал дир васасеги зарал букӏинаро гьединаб школалъул. Нагагь гӏи-боцӏиялъе гьитӏинабниги гъая ккани, ветеринарасда хадув вортизе ккола. Фермерасул школалда гьелъие ругьун гьарулел ратилин ккола дида. Гьеб кутакалда лъикӏаб иш буго.

Кӏиабизе, фермерасул магӏишат бугеб бакӏалда хӏажатав чи ккола бухгалтер. Нусго батӏияб кагътида гъулбасине ккола, тӏаса араб, тӏаде бачӏунеб гӏарцул хӏисаб гьабизеги лъай хӏажалъула. Гьелъиеги куцазе ратила школалда, — ян бицана Хӏ. Абубакаровас.

ЦИВИЛИЗАЦИЯЛЪУЛ ТӏИРИ ЩВЕЧӏЕЛГИ РУГО БАКӏАЛ

Тарумовкаялдаса Хӏусенги ккола фермер. Гьесул пикруялда рекъон, гьединал школал рагьизе кколаан лъеберго соналъ цебего.

— Тӏилги кодоб ккун, рехъада цевеги чӏун, тӏубалеб хӏал гьечӏо жакъа. Чара гьечӏого хӏажат буго лъай. Компьютералъул кумекалдалъун чан масъала жакъа тӏубазе кӏолеб?

Цоялдаса цоял гучал технологиялъулал алаталги руго къватӏире риччалел. Гьезул хӏажалъиги буго росдал магӏишаталда, къваригӏун руго гьел хӏалтӏизаризе лъалел гӏолохъаби.

Чанги фермаби руго магӏарухъ интернет ва ток гьечӏел. Гьел киналго араб гӏасруялъул басриял хутӏелал гӏадин, къабул гьарула жакъа. Гьединал фермабазда цивилизациялъул канлъи чӏвазабизеги гьунар бугел гӏадамал къваригӏуна. Гьелъие куцазе ратула фермеразул школазда.

УМУМУЗ МАЛЪАРАБ МАГЪИЛ ГӏЕЛМУ

Гъуниб районалъул Гьонодаса Хӏажиев Мухӏамадгӏарипил чанго сон буго гӏи-боцӏуе хъулухъ гьабулелдаса. Щибаб соналъ жамагӏата лъул боцӏиги бачун, риидалил мучӏдузда тӏамула гьес ункъо-щуго моцӏ.

— Умумуз кини таралдаса нахъе малъана дида гӏиязегун боцӏуе хъулухъ гьабизе кколеб къагӏида. Анкьумумуз цебеса цебе кьун, жакъа дихъеги щун буго гӏи-боцӏул гӏелму. Гьанже гьез рагьарал школаз дида малъизе цӏияб жо гьечӏо. Школал рагьулел рукӏинчӏого, нижее кумек гьабулебани, цӏакъ лъикӏаб букӏинаан.

Бацӏцӏадаб нигӏмат гӏезабизе киналго шартӏал ругин гаргадула цо-цо хӏакимзаби, «гургинал сто- лалги» гӏуцӏун. Росдал магӏишат цебетӏеялъе исана гьадигӏан къадаралда гӏарац биччазе бугин, тарихалги рехсола зама-заманалда. Амма кибха бугеб гӏарац?

Гӏадада чӏун рукӏинчӏогойилан хьихьула дицаги цогидазги магӏарухъ гӏакаги, оцги, гӏиги. Амма пайда бугищин абуни, гьечӏо. Хасалоде гьезие кӏалцӏи-хер хӏадурулаго харж гьабулебщинаб гӏарац дида лъала. Махӏниги бигьаго гьечӏо жакъа боцӏухъабазе. Гьединлъидал гьеб школалъ хурухъабазеги гӏияхъабазеги кьезесеб жо дида бихьулеб гьечӏо. Нижее гьеб гуро къваригӏун бугеб. Боцӏуе кӏалцӏигун хер дагьаб мухъда щолеб хӏал гьабулебани, гьеб букӏина цӏакъаб иш. Гьеб мехалъ магӏарухъ боцӏиги хьихьула гӏадамаз, нахги бахъула, хӏанги къала, рахьги букӏуна, — ян бицана М.-Гӏ. Хӏажиевас.

Гӏезегӏан гӏетӏги тӏун, гӏезабула жакъа магӏарухъ боцӏиги, рекьула хурзалги. Цӏадалабги гьекъон, бакъулабги хӏехьон, рорхатал мугӏрузда рииги тӏамун, хьихьула гӏи-боцӏи. Хасалоги дагьаб къо гуро бихьулеб гьезие хъулухъ гьабулаго. Гьединаб захӏматги баччулел, росдал магӏишаталъул гӏадамазда квер чӏвани, цӏакъ лъикӏаб букӏинаан.

Ашахан ЮСУПОВ