Цебегоялдаса бокьун букӏана Айтемир Сатираевасулгун ритӏучӏазул хӏакъалъулъ бицине. Алмахъалда бугеб гьезул фермаялъул бетӏергьан ккола гьев. Амма гьаб нухалъ политикаялъул хабар цебе ккана. Щайин абуни, Сатираев сентябралда республикаялда рукӏинесел рищиязда гӏахьаллъулев вуго. Гьединго гьев ккола 10 соналъ цебе гӏуцӏараб магӏарулазул миллиябгун маданияб автономиялъул цӏивищарав нухмалъулевги.
Гьал къоязда редакциялда гьоболлъухъ вукӏарав гьесулгун гара-чӏвари гьабуна нижеца.
— Айтемир, «Справедливая Россиялдасан» инчӏого, тӏалъиялдеги гӏагараб, бергьиналда дагьабниги ракӏчӏейги бугеб «Единая Россиялдасан» щай унарев Халкъияб Собраниялде?
— Камил Давдиевасда цадахъ нилъер гьаниб «Справедливая Россия» партиялъул фракция гӏуцӏарав чи ккола дун.
Амма байбихьуда дие бокьун букӏинчӏо депутатлъун ине. Дица гьелъие инкарги гьабуна 1991 ва 1995 соназда. Хадуб, 2003 соналда лъуна кандидатура. Амма гьезул технология лъалеб батичӏо. Доб мехалда республикаялда рагӏи билълъарав чияс дида абулеб букӏана Халкъияб Собраниялда жиндир 60 депутат вугин. Мун вукӏинила 61-абилев абун. Жинца бергьинеги гьавилин мунилан. Дица инкар гьабуна.
— Гьанжелъагӏан рукӏарал рищиязде дандеккун, исана рукӏине ругезул кинаб батӏалъи букӏинин дуда кколеб?
— Гьанже избирателал хисун руго. Гьезда политика бичӏчӏулеб буго, демократиялъул махӏги чӏван буго. Диваналдаги регун, гӏакъилал жал рицунел рокъор чӏани, жидеего квеш кколеблъи лъалеб буго.
Гьелдаго цадахъ депутаталлъун рахъарал чагӏиги хисизе руго. Щайин абуни, гьанже тӏалабал батӏиял рукӏиналъ, жибго системаялъ тӏамула гьел батӏайиса хӏалтӏизе.
— Гӏезегӏан лъикӏа-лъикӏал хъулухъазда вукӏана мун. Гьезул киналъ дуе бищунго асар гьабураб?
— Гьаб лъикӏабин, цогидаб квешабин гьезда гьоркьоб гӏорхъи чӏваларо дица. Щибалъул букӏуна жиндирго хаслъи. Кинаб хъулухъалде кканиги, ракӏ парахалъун, разилъун вукӏунаан дун, щайгурелъул лъиданиги берцин вихьизелъун гурев, унго-унголъунги дихъаго бажарараб куцалда, ракӏ-ракӏалъ хӏалтӏи гӏуцӏизе хӏаракат бахъулаан дица. Суал кьураб мехалда щиб жавабдай кьелаян ургъизе лъугьунел гӏадамал рукӏунарищха. Гьединал чагӏазул мисал бачунев вуго дун. Берцин рихьизе жал ургъичӏого, бачӏинахъего кьезе ккола жаваб.
Аралъул бицун, къварилъахъдизе лъугьин дир пиша гуро. Ана, лъугӏана. Пуланаб заманалда дуца гьабураб ишалдаса рекӏекълъизе кколаро. Гъоб заманалда батӏиял шартӏалги тӏалабалги рукӏанин, гьединлъидал хӏукмуги гьединаб къотӏун букӏанин тола дица. Гьединлъидал пикру гьабизе ккола букӏинеселъул.
Гӏумруялъул хӏалбихьи дие щвана гӏолохъанлъуда, Чӏикӏаб ГЭСалда хӏалтӏизе лъугьиндал. Москваялдасаги цогидал шагьараздасаги махщелчагӏи данделъараб бакӏ букӏана гьеб. Гьениве вачӏун чанго соналдасан дун тӏамуна лъикӏаб хъу лухъалде, лъана гӏадамал. Битӏун гьеб заманалда дие асар гьабураб гьадинаб цо хӏужаги ккана. Дагъистаналъего гӏадин, улкаялъего кӏвар бугел экономикиял ва цогидал тадбирал гӏицӏго Москваялда, Ленинградалда гурони тӏоритӏулароан доб мехалда. Гьединаб цо данделъиялде витӏарав дица, рагӏиги босун, цо-цо чагӏазда тункуледухъ абуна нужеца Дагъистанги Северияб Кавказги рикӏкӏунгутӏийищин гьаб кколеб, нижер республикаялъул суалал гьоркьор лъураб данделъи цо нухалданиги нижер добаги щай гьабуларебилан. Гьеб пикруялда разилъана гӏемерисел, ва 1987 соналда Дубкиялда тӏобитӏана тӏолгосоюзалъул данделъи. Доб мехалда гӏолохъанчи вукӏана дун. Гьелдаса хадуб хӏалтӏизе дилъ жеги гъира бана, гӏезегӏан лъай-хъваялги ккана. Бокьарав нухмалъулесе кутакалда хӏажатаб жо буго гьеб – лъай-хъваял гьари, гӏадамал лъай.
Дубкиялда тӏобитӏараб гьеб данделъиялдаса хадуб республикаялъул тӏалъиялъулги тӏубан батӏияб бербалагьи бижана дидехун.
Тӏаде щвана 1990 сон. Биххун биххичӏого улкаги, нужеего бокьанагӏан суверенитет босеян ахӏдолев Ельцинги вукӏана. Жакъа гьанир, метер дора рагӏулел батӏи-батӏиял, ракӏ гъанцӏизабулел харбалги рукӏана. Тӏадеялдаса тӏаде хӏалуцунеб букӏана Дагъистаналъулгун чачаназул гӏорхъода ахӏвал-хӏалги.
Гьеб мехалда, ахӏун обкомалдегун, дида абуна мун Алмахъалде хӏайваназул совхозалъул директорлъун витӏулев вугилан. Вахӏ, кинаб директорлъи дица гьабулебин, инкар ккун чӏана дун. Цинги ахӏана Дагъи- станалъул обкомалъул кӏиабилев секретарь Коробейниковас.
Хӏайваназул совхозалъе нухмалъи гьабизе ккани, дун гьелдаса дагьав рикӏкӏадав чи вугилан, кӏиабизеги инкар гьабидал, гьеб иш нилъеца росдал магӏишаталъул министрасда тӏад телин, дуца гъоба чачаназулгун гьоркьорлъаби цӏунизе кколин бичӏчӏизабуна Коробейниковас. Гьедин лъабго сордо-къоялдасан дун Алмахъалде вахъана. 1990 соналъул 3 сентябрь букӏана гьеб. Лъагӏалидасан жеги тӏадегӏанаб хъулухъалде, Махӏачхъалаялде вачинин рагӏиги кьун букӏана дие.
Битӏун лъагӏалидасан, 1991 соналъул 5 сентябралда дир нуцӏида кӏетӏана росдал гӏолохъаби, Дудаевасул къокъа Ленинаулалда чӏун бугин, къватӏиве вахъаян. Гьеб мехалда росулъ лъазабуна гӏорхъолъа борчӏараб ахӏвал-хӏалалъул низам. Кутакалда хӏинкъараб хӏал лъугьун букӏана гьениб. Гьелъие гӏоло 24 сентябралда Дилималде рачӏун рукӏана республикаялъул тӏалъиялдасаги Москваялдасаги вакилзаби. РФялъул Верховный Советалъул председатель Руслан Хасбулатовги вукӏана гьенив. Кигӏан бицаниги, цо пикруялде рачӏунел рукӏинчӏо данделъарал. Гьоркьоб лъун букӏана чачаназ дагӏба балеб ракьул суал (репрессиязде ккарал гӏадамал ритӏухъ гьариялда хурхараб законалде мугъчӏвайги гьабун, чачаназ ракьал тӏад руссинаризе лъугьараб мех букӏана гьеб – авт.). Ахиралда дица Хасбулатовасда абуна Ленинаулалда гьавунин дида бугеб гӏайиб щибилан. Россиялъул законал какизе дуе ихтияр лъица кьурабилан хъачӏго кӏалъана гьеб мехалда Хасбулатов. Жидерго ра- кьаздаса зулмуялдалъун гочина- рун, цӏияб бакӏалде рахъинарурал гӏадамазул ихтияралги хӏисабалде росичӏого къабул гьабураб закон бугин гьебилан бичӏчӏизабуна дица Хасбулатовасда. Хадув гӏодовеги виччан, депортациялда рукӏарал чачаназда бихьараб гӏакъубаялъул хӏакъалъулъ гьесги бицана. Цинги данделъиялда хӏукму гьабуна депортациялда рукӏарал киналго халкъазул ихтиярал цӏунизе закон бахъизе кколин абураб суал лъезелъун Думаялде хасаб делегация битӏизе. Ана. Амма жакъа къоялде щвезегӏанги гьеб суал рагӏалде бахъинабун гьечӏо (Дагъистаналда официалияб куцалда гӏицӏго тумал рикӏкӏун руго депортациялде ккараб халкълъун – авт.).
Цо рахъалъ, доб мехалда гьединаб законги къабул гьабун, гочинарурал киналго халкъазда тӏад бикьизе гӏолеб букӏун батуларо хӏукуматалъул бюджет. Гьелдаса нахъе байбихьана дир жамгӏияб хӏалтӏиги.
Гьедин раккана киналго миллатазул жамгӏиял багъа-бачариялги. Амма дунго гьезда данде чӏарав чи вукӏана кидаго.
— Гьанже дуда тӏаде ккана магӏарулазул миллиябгун маданияб автономиялъе нухмалъи гьаби…
— Битӏараб бицани, заман чӏвай гуреб, хас гьабун гьелдаса диего кинабгӏаги хайир щвезе гьечӏолъи хӏакъаб буго.
Амма гьеб хайир цӏехолев чи дунги гуро. Миллатцоязул дидехун бугеб божилъи ритӏухъ гьабизе ракӏалда буго.
Анцӏго соналъ цебе Хасавюрталда Бахӏарзазул цӏарал рекӏелъги цӏунун… автономия гӏуцӏулеб мехалда кутакаб ахӏи-хӏур букӏана. Доб мехалда республикаялда букӏараб тӏалъиялъеги разияб жо букӏинчӏо гьеб. Амма Сайгидпаша Гӏумахановас жиндирго къвакӏи бихьизабуна гьеб ишалъулъ. Тӏадчагӏазда лъалеб букӏинчӏо автономия гӏуцӏиялдалъун жидее лъикӏлъийищ, квешлъийищ ккелебали.
Цо-цоязда ккун батила автономиялъул аслияб мурад рахьдал мацӏгун маданият ва тарих цӏуни бугилан. Гьебги бегьула. Амма гӏицӏго гьелда гӏей гьабун чӏей мекъи букӏина. Нилъеда рихьулел руго тӏаде балагьун гӏиси-бикъинал къасдалин кканиги, къватӏисахун цо-цо гӏадамаз, халкъаз нилъер республикаялда ахӏвал-хӏал хӏабургъинабизе гьарулел ругел хӏаял. Гьединлъидал нилъеца байбихьизе ккола цин нилъерго мина-карт, хадуб миллат, цинги республика цӏунизе.
Гьединго миллаталда гьоркьор рагӏи билълъарал гӏадамалги данде гьарун, автономиялда цебе гӏуцӏизе буго хасаб фонд. Гьениса биччазе бегьула миллаталъе хӏажатаб литература басмаялда бахъизе батаниги, цогидаб мурадалъе батаниги гӏарац. Гьелъие хӏукмуги хасаб комиссиялъ къотӏизе буго. Гурони, цебе квер ккунщинав чиясе гӏарац бикьулеб къагӏида букӏине гьечӏо.
Гьединго фондалдасан кумек гьабизе бажаруларел суалал ккани, автономиялъул цӏаралдасан хитӏабал гьаризе бегьула хӏукуматалъул идарабазде. Гьезги сурсатал риччалелъул батӏи-батӏиял проектазе.
Цокӏалаб куцалда, киназего кумек щолеб куцалда хӏалтӏи гӏуцӏизе кумекалъе шагьаразда ва магӏарул районазда тезе руго автономиялъул вакилзабиги.
Ахираб заманалда магӏишаталда хадур лъугьун, гӏезегӏан рахъал кӏвар кьечӏого хутӏун руго нилъер – лъимал умумузул тарбиялда куцай, хъизан-рукъалъул, росаби чӏунтизе риччангутӏиялъул ва цогидалги гӏемерал кӏвар бугел суалал. Цебе росабалъ рукӏунаан гваял. Гьединго руччабазул советазул букӏана къимат. Гьанже кинабго политикаялдеги рихьдае гьабулеб хӏалтӏудеги сверизабун буго. Миллияб автономиялъул вакилзабаз гьел рахъаздеги кӏвар буссинабизе буго.
Гьединго къо ккаралъуре ритӏизе миллатцоязул къокъабиги гӏуцӏизе руго. Масала, магӏарул цо росулъ цӏа ккани яги лъим кӏанцӏани, МЧСалъулгун дандги бан, хъата-масан гӏолохъаби щай гьенире ритӏизе бегьиларел?
Гьел гурелги, жеги кӏудияб даражаялде бахинабизе къваригӏун буго автономиялъул хӏалтӏи. Масала, гьабсагӏаталда нижеца ракӏарулел руго СНГялъул, къватӏисел улкабазда гӏумру гьабулел магӏарулазул сияхӏал. Цинги тӏоритӏила гьелгун цадахъал тадбирал. Гьелъие гӏоло кватӏичӏого миллияб автономиялъул статус халкъазда гьоркьосеблъун гьабизеги ракӏалда буго.
Гара-чӏвари гьабуна Зульфия ХӏАЖИЕВАЛЪ.