Турциялъул тахшагьар Анкараялда, лъабазарго тиражгун, басмаялда бахъана турк мацӏалде буссинабураб Мухӏамад Хӏамзаевасул «Имам Шамил» абураб тӏехь.

Турциялда ругел магӏарулазулгун лъай-хъвай бугезда бихьула умумузул ватӏаналде чӏалгӏен гьезул бидулъго букӏин. Кавказалъул рагъул кьогӏлъигун пачаясул низамалъул вахӏшилъи лъан чияр улкаялде гочарал Кавказалъул халкъазул пашманаб къисаги наслабаз цоцахъе кьун цӏунун буго гьез. Чӏухӏигун ва бухӏигун рехсола дунялалъулго тарихалда бахӏарчилъиялъул лъалкӏ тарав Шамил имамасул цӏар, хӏаракат бахъула имамасул кӏодолъи рагьулел ишал гьаризе, тадбирал тӏоритӏизе.

Хӏамзаевасул тӏехьалъул таржама гьабурал рос-лъади Яшар ва Асият Оз руго Турциялъул тахшагьаралда гӏумру гьабулел магӏарулал. Яшар — Анкараялда бугеб магӏарулазул жамгӏияб гӏуцӏиялъул цевехъан, Турциялда ругелщинал дагъистаниязул бухьен щула гьабиялъе хӏаракат бахъулев, Ингишосагун Гӏандиса умумузул вас. Асият — Бакуялъул университеталда филологиялъул лъайги босун, гьенибго гӏелмияб хӏалтӏи цӏунарай Къабакъчолиса магӏарулай. Нилъер гӏемерисезда гьей лъала мацӏазул гӏалимчӏужу Асият Тӏинаева хӏисабалда.

Тӏехь басмаялда бахъизе хӏаракат бахъун буго Яшарил яцалъул вас Кая Волканица, гьелъие редакторлъи гьабун буго Волканил лъади, турк мацӏалъул филолог Кая Амина Делтаца.

Дизайнерлъи гьабун буго магӏарулазул наслуялъул вас Айбэрк Таланица. Гьевги вуго Дагъистаналъул тарих, маданият лъазабизе хӏаракат бахъулев чи.

Тӏехь къватӏибе бачӏин баркизе, лъикӏаб ишалъухъ баркала загьир гьабизе нижеца бухьен гьабуна Асиятилгун.

— Кавказалъул рагъул, имам Шамилил хӏакъалъулъ турк мацӏалда бахъараб чанги тӏехь батила. Кин бижараб пикру гьеб тӏехьалъул таржама гьабизе?

— Магӏарул мацӏалда хъвараб исламияб ва цогидаб литература киб батаниги цӏализе бокьула дие. Цо чанго соналъ цебе «Ассалам» газеталъул сайталда батана Хӏамзаевасул «Имам Шамил» тӏехьалъул хӏакъалъулъ бицен. Дагъистаналдаса вачӏунев гӏагарав чиясда гьарана гьебги цогидалги тӏахьал росеян. Тӏехь цӏалун хадуб нижеего гьабураб асаралъ тӏамуна гьеб турк мацӏалде буссинабизе. Нижер мурад буго гьанир гӏолел магӏарул наслабазе, тӏолалго турказе хӏакъикъат рагьи.

Телефоналъул номерги тӏалаб гьабун, ахӏана Хӏамзаевасухъе, бицана нижерго пикру. Гьевги разилъана.

— Захӏмалъанищ?

— Бицинегӏанасеб захӏмалъи букӏинчӏо, эркенго цӏалулеб мацӏ буго Хӏамзаевасул. Бичӏчӏулареб рагӏуе баян гӏицӏго словаралда ба- лагьун течӏого живго авторасдаги гьикъулаан. Гӏурус мацӏалде буссинабурабги цӏалана дица гьеб тӏехь, гьелъги кумек гьабуна.

— Кигӏан заманаялъ хӏалтӏарал гьелда тӏад?

— Цо лъагӏелалъ. Тӏехьалъул таржама гьабун лъугӏидал, дида макьилъ вихьана имам Шамил. Кӏудияб асар гьабуна гьелъ, гӏажаибго рекӏелъ бикӏун хутӏана макьу.

— Цебеккун гьединаб кӏудияб, жавабчилъи цӏикӏкӏараб хӏалтӏи гьабун букӏун батиларо нужеца. Гьединаб ишалъулъ гӏакълучагӏиги хӏажалъула. Басмаялда бахъилалде тӏехь лъида бугониги бихьанищ?

— Умумуз абухъего, анкьцӏул борцине ккеларищха. Типографиялде кьелалде тӏехь цӏалана Турциялъул хӏукуматалъул хъулухъчи, шагӏир ва хъвадарухъан Ахӏмад Чинарица, Яловаялда бахъулеб «Дагъистан» журналалъул редактор Шигьабудин Озденица, Муш вилаяталдаса лъабго болжалалъ депутатлъун вукӏарав магӏарулав Йылдыз Сахабединица ва турк адабияталъулгун мацӏалъул бичӏчӏи ва лъай бугел нилъер миллатцояз. Жинцаго асарал хъвачӏониги, адабияталъул тарихалъул бичӏчӏи, гьелдехун рокьи буго Яшарилги. Цӏакъго кӏудияб жавабчилъиялда тӏаделъун вукӏана гьев гьеб ишалде.

— Тӏехь биччаялъе сурсатазул рахъалъ лъица кумек гьабураб?

— Тӏехь бахъизе гӏарац гьарун ниж лъихъего инчӏо, гьеб букӏана бацӏцӏадаб рекӏел ният. Щибго реццбакъ, цӏар хӏажалъун яги гьелдаса щолеб хайиралде ургъун гьабураб хӏалтӏи гуро гьеб. Шамил имамамасул, Дагъистаналъул тарих Турциялда ругезда лъазаби — гьеб тӏадаб налъилъун бихьула нижеда.

— Имамасул хӏакъалъулъ рахьдал мацӏалдаса турк мацӏалде буссинабураб тӏехь къватӏибе бачӏин кӏудияб лъугьа-бахъинлъун букӏина Турциялъул магӏарулазе. Гьелъул цебелъей (презентация) киб гьабизе бугеб?

— Тӏехьалъул цебелъей гьабизе пикру буго, исана риидал тӏобитӏизе хӏисабалде босараб, Дагъистана лъулгун Турциялъул тарихалъул ва маданияталъул симпозиумалъул программаялда гъорлъеги бачун. Пандемиялда бан хутӏана гьеб тад- бир нахъбахъун. Дагъистаналдаса тарихчагӏи, жамгӏиял гӏуцӏабазул нухмалъулел, хӏукуматалъул хъулухъчагӏи, машгьурал спортсменал ахӏун руго гьенире. Дагъистаналъул культура, искусство рагьулеб махщелчагӏазул выставкаги букӏине буго гьениб.

— Гьеб тадбиралъул аслияб мурад щиб?

— Гӏасрабаз цоцалъ рекъон анцӏ-анцӏ миллатаз гӏумру гьабулеб гьайбатаб Дагъистаналъул хӏакъалъулъ Турциялъул халкъалда рагӏизаби, гьелъул бечедаб ва бахӏарчияб тарих, культура бихьизаби. Щибго политика жубараб тадбирги гуро гьеб. Кинаб улкаялда гӏумру гьабун ругониги, нилъер умумузул мацӏ, тарих, маданият цӏуни буго щивасда тӏадаб налъи. Жакъа нилъеца гьеб кӏвар гьечӏого тани, метерисеб къоялъ наслабазе кӏудияб зарал ккола, гьеб битӏизабизе рес букӏунаро.

— Асият, гьединабго кӏваралъул цоги байбихьараб хӏалтӏи бугищ?

— Ункъо мацӏ жанибе бачараб (авар-азербайжан-турк-гӏурус) словаралда тӏад хӏалтӏулаго 15 сон буго дир, гьеб рагӏалде бахъинабизе бокьун буго. Кириллица лъазабизе бокьарал магӏарулал гӏемер руго Турциялда. Цо-цояз абула магӏарулазе хасаб алфавит гӏуцӏизе кколин. Гьанже рахъун цӏиял хӏарпал ургъиялъ жеги захӏмалъаби дандчӏвазе руго. Нилъер тарихалъул нахърател аслияб къагӏидаялъ кириллицаялда гьечӏищха. Гьеб алфавит лъазабиялъ рес кьезе буго миллатцоязулгун бухьен щулалъиялъе.

Гара-чӏвари гьабуна Патӏимат ГЬИТӏИНОВАЛЪ.