Сугъралъ росулъа Кӏудияб Ватӏанияб рагъде ана 300-ялдасаги цӏикӏкӏун чи. Гьезул бащдал гурони тӏадги руссинчӏо. Гьабсагӏаталда нилъгун вуго цо ветеран — 97 сонил ригьалде вахарав Хӏажи Гӏинчилов. Гьев рагъде ана 1941 соналда ва тӏад вуссана 1946 соналда. Тӏад вуссун хадув хӏалтӏана жанисел ишазул органазда, прокуратураялда, батӏи-батӏиял магӏишатиял идарабазда. 1971-1985 соназда вукӏана Гъуниб райкомпартиялъул тӏоцевесев секретарьлъун. Пенсиялде аралдаса гӏемерал соназ гьабуна Росдал магӏишаталъул министерствоялъул Ветераназул советалъул председателасул хӏалтӏи. Бергьенлъиялъул къоялдаса хадув гьесухъе гьоболлъухъе щвана дун.

— Хӏажи, пачалихъалъ ветераназул гьабулеб тӏалабалдаса, кьолеб пенсиялдаса рази вугищ мун?

— Кутакалда вуго. Гӏунгутӏабиги гӏезегӏан ратила, амма ветераназдехун бугеб бербалагьи тӏадеялдаса тӏаде лъикӏлъулеб буго. Киналъулго хӏисаб гьабун, гьабсагӏаталда дие щола 43 азаргогӏанасеб гъурущ.

— Гӏолареб жо щибха бугеб?

— Патӏимат… Патӏимат (Хӏажил хъизан, 6 лъимадул эбел) гьечӏолъи буго квеш ккараб жо. Сахлъиги дир ригьалда рекъараб букӏинаха.

— Киналго дур ригьцоял-росуцоял, рагъул гӏахьалчагӏиги цереса ун мунго цохӏо хутӏун вукӏиналъ кинал пикраби гьарулел?

— Гьел ракӏалде щолареб къо букӏунаро. Цере чӏола чӏагоял дозул сипатал, унтула ракӏ, хасго дунго хутӏараб заманалда.

— Кӏудияб Ватӏанияб рагъ байбихьун букӏин киб ва кида дуда лъараб?

— «Чапаев», «Тринадцатый» абурал рагъул кинабазухъ балагьун гурони, рагъ щибжояли жеги лъазе гӏурав чи вукӏинчӏо дун. Амма росулъ рукӏана финазулгун букӏараб рагъда, «Хасан» хӏоралда ккарал лъугьа-бахъиназда гӏахьаллъарал гӏолохъаби. Гӏемер гӏенеккулаан гьез бицунелъухъ, рукӏинесел рагъухъаби хӏисабалда ниж куцалаан школалъул военруказ. Рагъ байбихьарал къояздаго байбихьана росулъа гӏолохъаби армиялде рачине. Гьитӏинго вугин абун вачунарого вукӏун, гьелде щвезегӏан гьеб щиб жоялицин лъаларев дица, гьалмагъас малъун военкоматалде кьуна гӏарза ва дун витӏана Бакуялъул рагъулаб училищеялде.

— Кидаха бихьараб тӏоцебесеб рагъ, киб лъараб гьелъул «тӏагӏам»?

— Училищеялъул курсалги лъугӏун, разведкаялъул ротаялъул отделениялъул командир хӏисабалда дун ккана Ингушетиялъул Малгобек шагьаралда аскӏоб унеб букӏараб рагъде. Гьениб лъана гьелъул «тӏагӏамги».

— Киб дандчӏвараб Бергьенлъиялъул къо?

— Белоруссиялда вукӏарав дун цӏализе витӏана Москваялде, СССРалда цого-цо букӏараб рагъулабгун финансазулаб училищеялде. Гьеб къоялъ дун вукӏана училищеялъул байрахъалда аскӏов, посталда. Дежурствоялда вукӏаго байбихьана бицун божулареб ахӏихӏур, кьвагьа-гӏанхъи. Вачӏана офицер ва лъазабуна рагъ лъугӏанин, нилъ бергьанин абун. Хадур ниж рачана къватӏире, Багӏараб Майданалде…

Гӏабаш ГӏАБАШИЛОВ