24-25 маялда мугӏрузул районазде гьалагал чвахунцӏадал ран, гӏемерал росабазе къварилъи ккана. Минабазул къадал риххун, нухал хвезарун, иххаз ахал-хурзал арал хӏужабицин ккана.

ХУНЗАХЪ

Гьалагаб чвахунцӏадалдаса хадуб рахъарал кӏудиял иххаз гӏураб зарал гьабуна 24 маялда Хунзахъ тӏалъиялъе.

25 маялда бараб цӏадалъ биххизабуна Гьитӏинаб Гьоцӏалъ гӏумру гьабун вугев чиясул мина. Иххица босун ана полициялъул участковыясул инспекторасул транспорт.

Чвахунцӏадаз кутакаб зарал гьабуна Уздалросу ва Тӏагьада росабазе. Уздалросулъ бугеб школалъеги гьабун буго зарал. Хаслихъе гьединалго цӏадал ран хадуб жанибе лъим кӏанцӏун, чӏабар хисун букӏана гьениб. Гьаб нухалдаги хвезабун буго чӏарбида ккураб ламинат. Аскӏобго цун бугеб Тӏагьада росулъ чанго мина биххун буго. 25 маялда гьенире щвана МЧСалъул вакилзаби.

ГЪУНИБ

24-25 маялда чвахунцӏадал рана Къорода ва Гьонода росабалъеги. Гьениб гӏадамазул минабазе зарал ккечӏо, амма иххал рахъун, нухазе гӏураб къварилъи гьабуна.

Нижехъе щварал баяназда рекъон, гьалагал цӏадал рана сверухъ ругел цогидал росабалъги.

БОЛЪИХЪ ВА ГУМБЕТ

Гьалагал цӏадал рана 25 маялда Болъихъ районалъул Кьохъеги, гьединго Гумбет районалъул росабалъги. Иххаз хвезабуна «БуйнакскЧӏиркъатӏа» шагьранухлул цо бутӏа. 25 маялъул маркӏачӏуде МЧСалъ лъазабуна Ахӏулгохӏде сверулеб бакӏалда бугеб шагьранух заманаялъ къан бугилан.

24-25 маялда рарал кутакал чвахунцӏадазул хӏасилазда бищунго зарал ккана Унсоколо, Хунзахъ, Гумбет ва Шамил районазе. Цӏадаца хвезарурал шагьранухазе ккараб зарал борцинелъун гьабсагӏат гьенир хӏалтӏулел руго «Дагъавтодор» гӏуцӏиялъул хӏалтӏухъаби.

Ашахан ЮСУПОВ