21 маялда «Россия — моя история» музеялда бихьизабуна «Первая крепость» абураб фильм. Гьеб ккола араб соналъ пандемиялда данде «красная зонаялда» къеркьолел рукӏарал тохтурзабазул хӏакъалъулъ республикаялда бахъараб тӏоцебесеб документалияб кино.

Фильмалъул режиссёр ккола Даниил Черногорцев. Гьединго гьелда гъорлъ гӏахьаллъи гьабуна нилъер республикаялдаса журналист Исрафил Исрафиловасги.

Гӏемерав чи вачӏун вукӏана гьеб къоялъ «Россия — моя история» музеялъул залалде. Киналго сихӏкъотӏун балагьун рукӏана сценаялда рекъезабураб кӏудияб экраналдаса кӏалъалел тохтурзабазухъ. Аслияб къагӏидаялъ гьел рукӏана Махӏачхъалаялъул тӏоцебесеб больницаялъул хӏалтӏухъаби ва гьелъул нухмалъулев Хӏажимурад Маллаев. Сабураб, гӏодобе биччараб гьаракьалъ бицунеб букӏана гьез араб соналъ жидедаго бихьараб захӏматалъул хӏакъалъулъ.

Гьеб киналъго кӏудияб асар гьабуна залалда рукӏарал гӏадамазеги. Киноги лъугӏун къватӏире унел гьез цоцазда абулеб букӏана, битӏараб бицани, байбихьудаго къватӏире тӏуризе хӏалакун букӏанила ракӏ. Сценаялда унтуца гӏажиз гьарурал гӏадамазухъги балагьун, гъоркьиса гьеб гӏузруялъ бусаде ккезарун хадуб жидедагоги букӏараб хӏалги цебечӏун, захӏмат букӏанин магӏу кквезеян.

А. Юсупов