Лъаратӏа районалъул Кьанада росулъа Султӏан Ибрагьимовасул цӏар рагӏичӏев чи дагъистаниязда гьоркьов къанагӏатги ватиларо. Боксалъул рахъалъ Европаялъул ва дунялалъул призер, 2000 соналъ Сиднеялда тӏобитӏараб Олимпиадаялъул гӏарцул медалалъе мустахӏикълъарав гьев, кӏиго соналдасан ана профессионалияб спорталде. Гьенибги, къокъабго заманалда жаниб, чӏахӏи-чӏахӏиял бергьенлъабиги росун, дунялалдаго машгьурлъана. Амма халатккун заманалъ гьенив чӏезе ракӏалда букӏинчӏогогӏаги батила, 2008 соналъ нахъе ана гьев профессионалияб боксалдаса ва тӏуванго ватӏаналде тӏад вуссана.

Спорталдаса нахъе унилан тӏуванго «рагӏдукье» унги чӏечӏо Султӏан. Дагъистанияз тӏоритӏулел батӏи-батӏиял дандеруссиназдаги вихьизе бегьула гьев. Амма цогидал гӏадин, цӏакъго цеве кӏанцӏун, гьале дунилан абулеб гӏамалги бихьизабичӏого, сабураб, гӏодобе биччараб гӏумру-яшавалда вуго. Гьабсагӏат гьев ккола «Совет чемпионов» абураб гӏуцӏиялъул вакилги.

Гьединго Султӏаница кандидатура лъун буго ДРялъул Халкъияб Собраниялъул депутатлъиялдеги.

Гьал къоязда редакциялде вачӏарав гьесулгун ракӏрагьараб гара-чӏвари ккана нижер. Султӏаница бицана жиндирго лъимерлъиялъул, боксалде вачӏиналъул, Ростов шагьаралда арал гӏолохъанал соназул. Бицана Сиднеялъул Олимпиадаялъул, профессионалияб боксалъул рингалда ккарал цо-цо лъугьа-бахъиназул, Тайсонилгун букӏараб гьудуллъиялъул, машгьурав Мухӏаммад-Гӏалилгун ккараб тӏоцебесеб ва ахирисеб дандчӏваялъул ва цогидалъулги хӏакъалъулъ.

ОКЕАН БАХУН ДОВАГИ КВЕШ ВУКӏИНЧӏО, АММА…

— Ростовалда лъикӏаб магӏишат ги бизнесги букӏанин дурилан бицуна. Амма кинабго гьебги тун, мун ватӏаналде нахъ вуссана. Дур- го магӏишат цебетӏезабизе доба ресал цӏикӏкӏун рукӏинчӏищ?

— Ростовалда букӏаралдасаги квешаб магӏишат букӏинчӏо дир СШАялдаги. Маями штаталда, океана лъул рагӏалда лъикӏаб минаги рахӏатаб машинаги букӏана. Ресалдаги вукӏана, дие квалквал гьабулев чиги вукӏинчӏо. Амма кин букӏаниги, живго вижараб ракьалде ракӏ цӏалеб буго чиясул. Гьединго ккана дир- ги. Кигӏан лъикӏаб гӏумру къватӏиб букӏаниги, дирго гӏагарлъиялда аскӏове ахӏулев вукӏана ракӏалъ. Гьеб суал цебеги гӏемер кьуна дие. Кинабго рехун тун рокъове вуссине ккани, цӏакъго ватӏан бокьиялъул гӏаламатищила дур гьеб, ялъуни цо- гидаб гӏиллайищин абун. Ватӏан бо- кьи батила, хӏакъикъаталдаги. Ин- суца абураб жоги гӏемераб ракӏалде щолаан: кигӏан гӏемераб рикъзи дуе Аллагьас хъваниги, кинаб- го дуца ракьалдаго толин, цадахъ щибго босуларилан. Гьел рагӏабиги гӏемерал ракӏалде щолаан къватӏив вугеб заманалда. Кигӏан гӏемераб букӏаниги, щай дие гьаб бечелъи, чияр ракьалда бугеб дие гьелдаса щиб рохел нахъа батилебин абураб суалалъ толароан рахӏат. Гьелъ вуссана рокъове. Гьелдаса пашманлъизеги пашманлъичӏо.

Ростовалда вукӏараб мехалъул гьикъулеб бугелъул, цо жоги ракӏалде щвезабилин гьелда хурхараб. Дидаса гӏемерав чиясе кумек щванин абизе бегьула, баркала загьир гьабун, кӏалъан рачӏунаан чангиял. Амма лъие щиб лъикӏлъи гьабун батаниги, гьеб гьабураб къоялъго кӏочон тезе ккола чиясда. Гьеб мисалалда куцарав вуго дицаго дунго. Дол сонал рукӏана цӏакъ хӏалкъарал. Чачаналда рагъ бугеб заман букӏиналъ батила, Кавказалдаса чиясдехун цӏакъ кӏудияб рокьукълъи букӏана улкаялдаго. Жакъаги ракӏалде щола, нилъерин (Дагъистаналдаса) абурав чиясе квартира кквезецин захӏмат букӏана Ростовалда.

Гӏурусасда релълъен-хъвай вукӏиналъ батила, тӏоцеве, пуланаб адресалда рекъон вачӏаравго, дие инкар гьабулароан. Хадуб, дагъи- станияв вукӏин лъайдал, кара-биххун лъугьунаан, гьениса вукӏин лъарабани, вачӏинахъего нахъчӏвазе вукӏанинги абун.

Хӏабургъарал 1990-абилел соназда нилъер ракьцояздехун гьединаб бербалагьи букӏиналъги батила, дагьалъ цебегӏан республикаялъул Миллияб политикаялъул ва диниял ишазул рахъалъ министерствоялъул, гьединго Рухӏияб идараялъул вакилзабигун цадахъ жидеца Росси- ялъул гӏемерал шагьаразде сапарал гьарунин бицана Султӏан Ибрагьимовас. Социалиял гьиназдасанги телевидениялдасанги бицун чӏамураб, нужеца цебечӏезабулеб гӏадаб гуреб, батӏияб, гьобол-гьудулги хири- яб, гӏадамазул адабги гьабулеб ракь кколин Дагъистанилан бицун буго гьез улкаялъул цогидал регионазул гӏадамазда.

Гьединго Султӏан рази вуго республикаялде рачӏунел туристал гӏемер рукӏиналдасаги.

— Рамазан Гӏабдулатӏипов республикаялъул бетӏерлъун вачӏиндал, дур цӏаралда сверухъ чӏаголъи бижана. Мун республикаялъул спорталъул министрлъун вачӏинеги рес букӏанин абулаан. Гьелдаса дуца инкарищ гьабураб?

— Гӏабдулатӏипов вачӏун гӏемер мех балелдего, гьесул вац Ражаби- ца гьоболлъухъ ахӏана дун Рама- занихъе. Лъикӏаб гӏодобчӏеялдаса хадув цадахъ бильярд хӏазе ахӏана дун бетӏерас. Бильярдалъул столал- да нахъа гӏодоре риччан, гӏемерал суалал дандрана нижеца. Кинабго дандбан хадуб гьес абуна мун хӏажат вугин, дуе бокьараб хъулухъги кьелин. Гьелдаса хадуб цо хехаб къваригӏел ккун, анцӏго къоялдасан тӏад руссинин гьеб харбидеян.

Рамазанидаги абун, дун Америкаялде ана. Гьевги гьелда разилъана. Гьелдалъун лъугӏанин абизе бегьула нижер дандчӏвайги. Къокъго абуни, дие кинабгӏаги хъулухъ щвечӏо. Цо-цо мехалъ дица хӏисаб гьабула, инчӏогогӏаги вукӏаравани дун сапаралъилан. Хадубги ракӏалде ккола доб мехалъ чӏахӏи-чӏахӏиял хъулухъазда рукӏаразул ккараб къисматги лъикӏаб ккечӏин, Аллагьасул цо маслигӏат букӏун батилин гьелда жанибин абун. Гьединлъидал дица Тӏадегӏанасе шукру гьабула.

СПОРТСМЕНАЛ КОЧӏОХЪАБАЗ НАХЪЕ ЦУНА

— Халкъияб Собраниялде депутатлъун иналде цебе цо-цо ко чӏохъаби «Цолъараб Россия» партиялъул праймеризалда гӏахьаллъулел рукӏиналъ кӏудияб ахӏи-хӏур бахъинабуна респуб ликаялда. Спортсменал рищиязде унеб мехалда лъиданиги гӏадлъуларо, амма гьанже кочӏохъан-чӏужугӏадан политикаялде уней йикӏиналъ гӏемерисезулъ гьелдехун жахӏдайищ бижулеб бугебали. Гьелда тӏасан дур пикру лъазе бокьилаан.

— Битӏараб бицани, гьелъие къимат кьезе бегьулищ дицаяли лъаларо. Дун мустахӏикъав ватиларо гьелъие. Амма, цоги рахъалъ балагьани, хал гьабе цо-кӏиго кочӏохъаналъ парламенталде ишан босун бугин абураб хабаралъ нуцӏа къана хӏакимзабазул лъималазги спортменазги гьенибе кандидатура лъеялъул хӏужаялде. Гьениб жанибги цо политикияб сихӏру батизе бегьула.

Цогидаб рахъалъ босани, масала, Зайнаб Махаевалдехун дир щибниги тӏадкӏалъай гьечӏо. Лъикӏай кочӏохъанги йиго, жиндиего гӏураб гӏакълуги буго. Амма гӏемерисез гӏочӏол тӏогьиб чӏван буго гьел- да гӏурус мацӏ лъалеб гьечӏолъи. Кин гьеб лъалеб батаниги, Зайнаб гӏакъилай гӏадан йиго. Дида гьей лъикӏго лъала. Гӏицӏго жиндирго пикру цо чӏванкъотӏун загьир гьабизе гӏураб махщел батиларо гьелъул, гьебги кинавго чиясул гуро букӏунеб.

— Республикаялдаги гьеб бахун къватӏибги гӏезегӏан машгьурлъи щваниги, мун щибго чӏухӏи гьечӏев чи вукӏин бихьулеб буго. Кин духъа бажарулеб гьедин гӏадатлъи цӏунизе?

— Нижер росулъ кигӏан дин гьукъарал соназдаги мажгиталда как ахӏулеб гьаракь къотӏичӏо. Цо заманалда лъималазе дарсал лъолев, нижер гьенив гӏумру гьабун вукӏун вуго Гьандихъа Хӏумайд-афанди. Гьеб кинабго гьесул баркат батилин тола дица. Гьитӏинаб къоялдаса нахъего исламги бацӏцӏадаб нияталда Аллагьасе тӏагӏат гьабулел гӏадамалги рукӏана дида аскӏор. Гьезул бар- каталдалъун иман тӏинкӏана дир рекӏелъеги.

Дида эбел лъаларо. Дун гьавулаго къадаралде щун йиго гьей. Гьеб, эбел гьечӏолъиялдалъун гьитӏинго дие щвечӏеб хинлъи цогидаб жоялъ кьуна дие, исламалъ.

15 сон барав чи ана дун Ростовалде. Гьелдаса хадуб гӏумру гьабизе ккана СШАялде, Австралиялде — щвечӏеб бакӏ хутӏичӏо. Амма киве кканиги, ракӏ дир рокъобе цӏалеб букӏана. Гьелда жанибги батила исламалъул баракат. Гьитӏинго дуе кинаб тарбия щун батаниги, гьелда рекъон уна чиясул гӏумруги. Дир чорхолъе гьитӏинго лъугьана исламги, гьелъ куцана дун ракьалда гӏадатиявлъунги, чӏухӏи гьечӏевлъунги, гӏадамасул адаб гьабулевлъунги вукӏине. Гьелдаса вохаравги вуго, гьелъухъ Тӏадегӏанасе шукруги гьабула.

КЛИЧКОГИ ГӏЕТӏ КЪАНЦӏУН ЩВАРАБ ГӏАРАЦГИ

— Киназдаго ракӏалда буго, Владимир Кличкоги мунги рингалда дандчӏван рукӏана 13 соналъ цере. Цинги гьесул вац Виталий ана политикаялде. Мунги хӏадурлъулев вуго гьанже гьениве ине. Кличколгун нужер жакъа гьоркьоблъиго бугищ?

— Цебе букӏунаан бухьен, ахираб заманалда гьебги къотӏана. Гьесул руго жиндирго ишал, дирги буго гьабулеб хӏалтӏиги цогидабги. Гӏемерав чияс кьолеб суал буго дие 2008 соналъ гьесулгун букӏараб дандчӏваялда тӏасан. Битӏун бицани, доб дандчӏваялде дун ана бекун хадуб жеги лъикӏаланго сахлъичӏеб квергун. Дида абулеб букӏана гьеб дандчӏвай нахъбахъизе рачӏайин, амма дун разилъичӏо. Гьеб дандчӏваялдаса хадуб спорталдаса тӏуванго нахъе ине щулияб ниятги букӏана дир. Гьединлъидал ккараб ккун букӏайилан, ана дун Кличкогун речӏчӏизе. Мунагьал чураяв инсуцаги гӏемер абулаан жив чӏаго вукӏаго тейила дуца гьеб спорт, гьесул гьари нахъчӏвачӏолъиялдасаги вохана дун хадув.

Профессионалияб боксалда дида щулаго бичӏчӏараб жо ккана, кигӏан цӏакъав, цеветӏурав спортсмен мун вукӏаниги, промоутеразе я дур, я дур сахлъиялъул щибниги ургъел букӏунаро. Гьезул мурад букӏуна мун сабаблъун лъикӏаб гӏарац гьабизе. Сордо-къоялъ чӏечӏого духъе телефоналъ ахӏтӏелел рукӏуна гьел: «Метер нилъер гьадинаб речӏчӏи букӏина, сезе мун хӏадурлъизе ккола гьанив цеве вахъине, анкьидасан рингалда мун дандчӏвазе ккола пуланав чигун». Гьеле гьез дур гӏинзунибе бугӏулеб хабар.

Ракӏалда буго, цо телеканалалъе кьураб интервьюялда, иргадулаб тренировкалдаса хадуб, гьурмадаса гӏетӏги бацӏцӏунаго, дица абуна: «Балагье дидаса чваххулебщинаб гӏетӏ бихьизе, гъозухъги (промоутерал –авт.) балагье, хъахӏал гурдалги ретӏун ругел, щибниги гъозул гьурмада цӏирараб гӏетӏ гьечӏо. Амма гьел хӏадурго руго дир гӏетӏги цӏцӏун щвараб гӏарац бакӏаризе», — ян.

Гьединаб буго гьезул аслияб мурад, хӏалтӏул хаслъи. Жиндир заманалда нахъе ине лъазе ккола спортсменасда. Дида гьеб кӏвана, гьелдаса кутакалда вохунги вуго жакъа.

БОКСЕРАСУЛ ЗАХӏМАТАБ РИНГ

— Боксалъул рахъалъ дунялалъул чемпионлъун гъоркьиса вахъана нужерго районалдаса Муслим Хӏажимухӏамадов. Амма ахираб 12 соналда жаниб нилъер республикаялда гьелъул рахъалъ сихӏкъотӏи букӏана. Дур пикруялда, щиб гӏилла гьениб бугеб?

— Дица цебеги гӏемер абулеб жо букӏана, мисалалъе, боксги эрке- наб гугариги дандеккуни, гугари- ялъул рахъалъ дунялалъул къецал лъугӏула кӏиго-лъабго къоялда жанир. Боксалъул рахъалъ Олим- пиадаялъул къецал абуни, халат рахъине рес буго кӏиго анкьалъги. Рингалда цо дандчӏвай букӏине рес буго цо къоялъгицин. Гьебго ахӏвал-хӏал букӏуна дунялалъул чемпионаталъул къецаздаги. Бергьенлъиялде бугеб шавкъги, черхалъул вакӏа-вахариги, пикрабиги, дандиясда цо лъикӏго зар щвезабизе бахъулеб хӏаракатги — кинабго цойиде бакӏаризе цӏакъ захӏмалъула боксерасе. Психологияб ва физическияб рахъалъ гьелъ кутакаб тӏа децуй гьабула спортсменасде. Гьединаб жо буго бокс.

Гьеб гуребги, нужго балагье, Россиялда эркенаб гугариялъул рахъалъ церехъабилъун (фавори- тал) руго Северияб Кавказалъул лъабго-ункъо республика, гьезул бищун къуватал руго нилъ (дагъи- станиял). Боксалъул рахъалъ абуни, бокьараб регион босе — гьелъие ругьун гьарулареб цониги бакӏ гьечӏо Россиялда. Гьединлъидал кутакаб конкуренция букӏиналъги батила, ахираб заманалда нилъер гьаниса дунялалъул цониги чемпионги вахъун вукӏинчӏев.

Сиднеялъул Олимпиадаялда кӏиабилеб бакӏ босун хадув рокъове вуссиндал, тӏубараб районго бачӏун букӏана дида дандчӏвазе. Кутакалда кӏодо гьавуна гьез дун. Гьеб мехалъ гьенир рукӏарал лъималазул чангиязе кутакаб асар гьабун батула гьеб бергьенлъиялъ. Гьезул чангиязул анищ бижун батула боксалъул чемпионаллъун рахъине. Лъималазе цӏакъ асар гьабулеб жо ккола гьеб — чемпионасда берчӏвазе щвейги, гьесул гьабулеб къиматги. Гьединго букӏун батила Муслимилги. Гьитӏинго гьабураб анищ гӏумруялде бахъана гьесул, гьанже хутӏана бищун аслияб мурад – Олимпиада квегъизе. ИншаАллагь, гьенибги гьесие битӏккеялда божарав вуго дун.

Ашахан Юсупов