21 маялда цӏех-рехал гьариялъул рахъалъ Дагъистаналда бугеб федералияб централда (РАНалъул ДФИЦ) цебе Хӏажи Хӏамзатовасе памятникги лъуна, гьесул хӏурматалда гӏелмияб конференцияги тӏобитӏана. Гьенир данделъун рукӏана гӏалимчиясул гӏага-божарал, районцоял, ишцоял ва гьесул ирсалъул къимат гьабулел ракьцоял.

Памятник гьабун буго скульптор Шамил Канайхӏажиевас. Гьеб ккола гӏалимчиясе республикаялда лъураб тӏоцебесеб памятник. Гӏурусазул классик Лев Толстоясегун наиб Хӏажимурадие Махӏачхъалаялда лъураб памятникги гьевго скульпторас гьабуна.

Гӏелму цебетӏеялъе Хӏажияс лъураб бутӏаялъул бицунаго, гьадинал хӏужабазде кӏвар кьуна гьесулгун ишцояз — хъвай-хъвагӏай гьечӏел халкъазул мацӏаздагун гӏурус мацӏалда словарал ва Дагъистаналъул халкъазул фольклор бихьизабулел томал риччазе квербакъи гьаби. Гьединго гуманитариял гӏелмаби цӏакъго церетӏезаризе, гӏелмиял хӏалтӏухъаби хӏадуризе лъугьин.

Хӏажи Хӏамзатовас нухмалъи гьабулаан пагьму бугел гӏолилазе квербакъулеб, Хӏажи Махӏачевасул цӏаралда бугеб фондалъеги. ДФИЦалъул нухмалъулев Акай Муртазаевас абуна Дагъистаналъулгун Кавказалъул темаялда тӏад хӏалтӏулагоги РАНалъул хӏакъикъияв членлъун вахъине бегьулеблъиги бихьизабунила Хӏажияс, — ИЛАНГ.

Гӏелмияб конференциялда бицана гьесул гӏумрудул нух цин медицинаялдаса, цинги математикаялдаса, хадуб литератураялдаса байбихьиялъул хӏакъалъулъ. Гьединго цо-цо гӏалимзабаз, жидерго докладалги гьоркьор къотӏизарун, ракӏалде щвезабулеб букӏана Хӏамзатил Хӏажияс жидеего гьабураб асаралъул.

Масала, искусствовед Гулизар Султановалъ бицухъе, 1965 соналда Ленинградалъул театралъулгун музыкаялъул ва кинематографиялъул институтги лъугӏун, практикаялъ Дагъистаналъул радиоялда хӏалтӏулей гьелъие машгьурал гӏадамазул хӏакъалъулъ очеркал хӏадуризе тӏадкъан буго Хӏажи Хӏамзатовас.

«Хадуй дун Ленинградалде тӏад юссана. Росасеги ун, ясги гьаюн, росулъе ана. Гьений дун учительницалъун хӏалтӏулей йикӏана. Гьеб мехалда Хӏажи Хӏамзатовас витӏун вачӏана цо журналист, Махӏачхъалаялде ячӏайин гьаризе. Гьедин гьес кумек гьабуна дир яс ясли-ахалде йосизеги, дунгоги телерадиокомпаниялде ячана. Хӏажи Хӏамзатов абуни дида, практикаялъ Махӏачхъалаялде ячӏинегӏан, лъалев чицин вукӏинчӏо. Гьедин къимат гьабулаан гьес лъай бугел чагӏазул, хасго гӏолилазул.

Северияб Кавказалда кибниги гьечӏеб искусствоялъул отделги рагьана ИЯЛИялда Хӏажи Хӏамзатовас. Грузиялъул Гӏелмабазул академиялъул къагӏидаялда гьенир лабораториялгун мастерскаял рагьизеги анищ букӏана гьесул.

Дагъистаналъул театралияб, изобразительнияб, прикладнияб, музыкалияб ва цогидал искусствабазул ва гьезул тарихалъул хӏакъалъулъ нижер отделалъ къватӏире риччарал тӏахьал лъугьана культурая лъул хӏалтӏухъабазе цӏакъго пайда цӏикӏкӏараллъун.

Дида киданиги рагӏичӏо сессиязда, конференциязда яги цоги бакӏалда гьаракь борхизабун, хъачӏго гьев кӏалъалев. Щивав хӏалтӏухъанасдехун адабалда кӏалъалаан», — илан бицана Г. Султановалъ

Гьанжего-гьанже вузги лъугӏун, ДНЦялде хӏалтӏизе вачӏарав Муртазагӏали Хӏажиевасе (тарихиял гӏелмабазул доктор – авт.) асар гьабун бугоан «Хирияв Муртузие» абун, Гӏелмияб централъул председатель Хӏажи Хӏамзатовас тӏехь сайгъат гьабиялъ.

«Москваялда аспирантураялда цӏалулеб мехалда эмен хвана дир. Гьединлъидал ДНЦялде хӏалтӏизе лъугьаралдаса нахъе дидехун инсулаб бербалагьи гьабулаан Хӏажияс.

Гӏелмуялдехун бербалагьи загӏиплъарал 1990-абилел соназда Дагъистаналъул Гӏелмияб цен- тралъул ирс цӏунун хутӏиялъе Хӏажи Хӏамзатовас кӏудияб хӏалтӏи гьабунин бицана филологиял гӏелмабазул доктор Мухӏамад Мухӏамадовас. Амма доб мехалда республикаялъул тӏалъиялдаги ишцояздаги гьоркьор рукӏанила гьесул рахъ кколарел чагӏи.

Гьеб конференциялда гӏахьаллъарав информациялъулгун печаталъул министр Гӏумаргӏусман Хӏажиевасда лъикӏаблъун бихьулеб бугоан Дагъистаналъул литератураялъул кӏвар бугел асарал миллиял газет-журналазда рахъизе.

«Хӏажи Хӏамзатов хун анцӏго сон аниги, гьесул бицунареб къо букӏунаро нижер. Нижеца ракӏалде щвезабула къокъаб, мухӏканаб гьесул калам, махсаро-хочӏги, рилълъинги, балагьиги. Гьединал чагӏи холаро, гьел чӏаго рукӏуна ни лъер ракӏазулъ… Тарихчагӏаз гьев рикӏкӏунаан тарихчилъун, литера- туроведаз – литератураялда тӏад чӏарав гӏалимчилъун, бакъбаккул рахъалъул улкабазул тарихгун мада- ният лъазабулел гӏалимзабаз – жидеравголъун. Нижеца абуни Хӏажи Хӏамзатов рикӏкӏунаан мацӏазда тӏадчӏарав гӏалимчилъун. Гьесда лъалаан аслиял масъалаби гӏисинал суалаздаса ратӏа рахъизе. Цо нухалда нижеда цадахъ хӏалтӏулев вукӏарав Сагӏид Гӏалиханов вачӏана гьесухъе толковияб словарь бахъизе кколин бицине. Хӏажияс гьесие жаваб кьу- на щибаб жоялъул жинди-жиндир заман букӏунин. Гьединлъидал гьеб словарь бахъизе жеги заман щун гьечӏин. Гьес абуна цин рахъизе кколила миллиялгун гӏурус, терминологиялъул ва цогидал словарал. Гьездаса хадуб гурони бахъизе бегьуларила толковияб словарь.

Гьединго Хӏажи Хӏамзатовасе рекӏее гӏолароан цо-цо гӏалимзабаз Дагъистаналъул мацӏал Европая лъул мацӏазда данде кквезе лъугьин. Нилъерго гьанир ругел мацӏал щай гьедин дандекквезе бегьуларелин гьикъулаан гьес.

Хӏажи Хӏамзатов вукӏана кутакалда магӏна бугев чи. Хӏалтӏул къваригӏелалъ рачӏарал чагӏазда цӏакъ гӏадатго кӏалъалаан. Гьезул рокъоб бугеб къварилъи-гӏатӏилъигицин гьикъулаан Хӏажияс», — абун бицана филологиял гӏелмабазул кандидат Саймат Юзбековалъ.

Ленинградалъул университеталда иранистикаялъеги цӏалун, аспирантураги лъугӏизабун, ДНЦялде хӏалтӏизе ячӏарай Патӏимат Гӏалибеговалда гьес гьикъун буго Дагъистаналъулгун Ираналъул культуриял ва тарихиял бухьеназда тӏасан жинцаго хъвараб тӏехьалъул цо бутӏаялда тӏасан пикру.

«Доб заманалда Ираналъул бицунелъул гӏицӏго рагъазул бицунаан (Надир-шагьасул, къажаразул, гӏезегӏан мехалъ Ираналда тӏад кверщел букӏарал сефевидазул хӏакъалъулъ). Культураялъул цӏар бахъулароан. Амма Хӏажи Хӏамзатовас гьениб мухӏканго бихьизабун букӏана Дагъистаналъул мацӏазе, литератураялъе Ираналъ гьабураб асаралъул. Гьеб кутакалда гӏадлъана дида. Гьесде щвезегӏан лъицаниги бицун букӏинчӏо Ираналъ нилъехъе гьарурал чабхъеназ, рагъаз нилъер рухӏияб рахъалъе ккараб пайдаялъул. Гьанжего-гьанже цӏалун яхъарай гьайги щийин течӏого, кӏудияв гӏалимчияс доб мехалда диргун гӏакълу дандбаялъ кутакалда лъикӏаб асар гьабун букӏана дие.

Хадуб дос малъулаан дурго ботӏролъе бачӏараб пикру хъвайилан. Гьелъ дун дагьай гӏажаиблъизаюнги йикӏана. Щайгурелъул советияб заманалда гьедин эркенго хъвалеб гӏадатги букӏинчӏого, цого коцонир кьабурал жал кинигин, тӏубарал трафаретал гӏадал жал хъвалаан», — абун бицана гӏалимчӏужу Патӏимат Гӏалибеговалъ.

Гьебго къоялъ Поэзиялъул театралда букӏана Хӏажи Хӏамзатов ракӏалде щвезавиялъул сордоги. Гьениб археолог Муртазагӏали Хӏажиевас бицана Хӏажи Хӏамзатовасе гӏумруялда жаниб кӏвар бугеб мурад кӏиго букӏанила – Цӏадаса Хӏамзатил вас ва Расулил вац абураб даража цӏуни. Гьединлъидал гьеб кӏиябго цӏаралъе ритӏухъавлъунги хутӏанила гьев.

Нужеца жакъа жиндие инсул лъаларел рукӏарал чанги рахъал рагьанин, гьаб залалда жаниб гьесул рухӏги боржанхъулеб батилин абураб пикру загьир гьабуна гьениб Хӏажиясул вас Хӏамзатицаги.

Зульфия Хӏажиева