Кколеб куцалда чиясул къимат гьев хун хадуб гурони гьабуларин абула. Битӏараб бицани, чӏаго вугеб мехалда цониги нухалда ракӏалде ккунго букӏинчӏо сундухъдай Тӏайгиб Тӏолбоевасе Россиялъул Бахӏарчиясул цӏар кьурабилан. Тӏадежоялъе, гьеб гьесда жиндаго гьикъизе ресги букӏана.
Тӏайгиб цеве гӏемер щолаан нижер редакциялде, гьудулгьалмагълъиялъухъе, ракьцоязухъе. Амма дида гьев цониги бакӏалда интервью кьолев, яги «гьале дун» абун, цеве кӏанцӏолев вихьун вукӏинчӏо. Лъимадул гӏадаб гьимиялъул, гӏодобе биччараб хасияталъул чи вукӏана гьев. Гьедин- лъидал жиндирго гьунаразул хӏакъалъулъ жинцагоги бицунеб букӏинчӏелъул, дицаги цогидазги Тӏайгиб къабул гьавулаан гӏицӏго Бурятиялда гӏумруги гьабулев, Мухӏамад Тӏолбоевасул вац гӏадин.
Гьанже къадаралде щведал, Бурятиялдаса гьалмагъалъ, зигараги бан, интернеталдасан рехун бачӏана дихъе Тӏайгибил хӏакъалъулъ хъвараб макъала. Битӏараб бицани, дагьалъ намуслъизеги бачӏана – ракьцоясул хӏакъалъулъ гьениб хъвараб жо цебего лъалеб букӏараб ххвелги гьабун чӏана дун.
Гьениб бицунеб буго 1995 соналда Тӏайгибица цо вертолёталъул хӏалбихьулаго, кутакалда гьури пулеб бакӏалдеги ккун, гьелъухъа бажарун гьечӏила гьаваялде бахине. Гьеб бакӏалда гъоркь абуни букӏун буго гӏадамаз гӏумру гьабулеб Каменка посёлок. Гьединлъидал нагагь вертолёт бортани, гӏадамазе къварилъи ккеялда хӏинкъи букӏун, мугӏрул ругеб рахъалде бачун буго гьес гьеб. Гьедин магӏарда вертолётги тункун, цадахъ вукӏарав лётчикги хун, Тӏайгиб чӏаго хутӏун вуго.
Гьелдаса чанго сон индалги такраралъун буго гьединабго хӏужа. Тӏайгибицаги гьесулгун пишацоязги хӏалбихьи гьабулеб мехалда истребителалъе жагъаллъи ккун, гьелдаса къватӏире кӏанцӏун, нужго хвасар гьареян лъабцӏулго команда кьун буго. Амма Тӏайгиб разилъун гьечӏо. Ахирги гьесухъа бажарун буго истребитель рещтӏинабизе.
Гьес хӏалбихьиял гьарун руго истребителазулги, ракетазулги (кинабниги 50 батӏияб тайпаялъул).
Гьел хӏалбихьиязухъ 2007 соналда гьесие кьуна Россиялъул Бахӏарчи абураб цӏар.
1985 соналдаса нахъе Бурятиялда гӏумру гьабулев вукӏарав Тӏайгиб Халкъияб Хуралалъул депутатлъунги кколаан.
Бурятиялда ругел гӏадамазда Тӏайгиб Тӏолбоев кин ракӏалда чӏаравали бицунеб буго нижеца гара-чӏвари гьабурал цо-цо чагӏаз.
Туяна Ракшаева (гӏезегӏан соназ МВДялдаги хӏалтӏун, гьанже хӏалхьиялда йиго):
— Дун паспортазул столалда хӏалтӏулеб мех букӏана. Цо къоялъ вачӏана Тӏайгиб жиндирго ракьцоял, дагъистаниялги рачун. Кавказалъул чагӏаздехун цӏакъго квешаб бербалагьи букӏана гьеб заманалда улкаялдаго – 1990-абилел соналха. Гьединлъидал шагьаралда тира-сверулеб мехалда милициялъ гьезда документал рихьизарейин абулеб букӏун буго. Бурятиялда, лъилниги тӏадкӏалъай букӏунаредухъ, дуца гьазие прописка гьабеян гьарана Тӏайгибица дида. Вагь, гьелги къватӏиса рачӏарал чагӏи гурел, РФялъул гражданаллъидалин, тамашалъана дун. Гурин, гьезие квалквалал ккезе рес бугин, кумек гьабеян чӏана гьев нахъеги. Щиб адресалдагӏагиха гьезул хъвай-хъвагӏай гьабилебин гьикъана дица. Жиндир рукъалъул адресалда гьабеян абуна гьес. Гьеб хӏужаялъ кутакалда асар гьабуна дие. Жиндирго тухумкьибилалъулгицин гурел, гӏицӏго Дагъистаналдаса чагӏи абун гурони, чияр чагӏазе жиндирго рокъоб прописка кин гьабизе бегьулебали бичӏчӏулеб букӏинчӏо дида. Амма гьанже лъалеб буго Тӏайгибица гьеб, батӏияб хасияталъул чи вукӏиналъ, гьабураб хӏукму букӏараблъи.
Дир рос хӏалтӏулеб спортшколалда Тӏайгибил хӏурматалда зама-заманалдаса боксалъул рахъалъ турниралги тӏоритӏулаан. Гьединлъидал дунги унаан гьезухъ балагьизе. Амма Тӏайгиб вихьизе бокьилаанха нужеда гьенив – гӏадатияв чи гӏадин, жиндир гуреб, цоги батӏияв чиясул хӏурматалда гьеб турнир гьабулеб хӏалалда вукӏунаан гьев. Гьединав, кигӏан дагьабгицин чӏухӏа-къулиялъул асар гъорлъ гьечӏев инсан дида цоги лъаларо.
Дагьаб хадуб нижеда ракӏалда буго Тӏайгибил гьудулзабиги, лъале-хъвалелги данделъун, гьев ракӏалде щвеялъул къо тӏобитӏизеги.
Халеддин Сулейманов, Бурятиялда гӏумру гьабулев Азербайжаналдаса бизнесмен (1995 соналда авиакатастрофаялде ккарав Тӏайгибие вацас гӏадаб хъулухъ гьабунин Халеддиницаян бицана Бурятиялдаса чагӏаз. Амма живго Халеддиние бокьичӏо гьелъул хӏакъалъулъ цӏар бахъизе):
— Тӏайгибилгун дир гьудуллъи ккана лъеберго соналъ цебе. Дун МВДялда, гьев авиациялъул заводалда хӏалтӏулев вукӏана. Рукъзалгицин цого тӏалаялда руго нижер, цоцахъе рагьухъе букӏунеб гӏаммаб нуцӏаги буго.
Дида гьезул кинабго гӏагарлъиги лъала, кутакалда лъикӏал чагӏи руго.
Тӏайгиб гӏадамалгун хӏеренав, хӏалтӏуда къвакӏи бугев чи вукӏана. Гьединлъидал дица гӏемер абулаан гьедигӏанго хӏалимлъизе бегьуларилан. Жив Россиялъул Бахӏарчи вугин абун гьеб бихьизабулев чиги вукӏинчӏо гьев. Гьеб цӏар кьураб мехалда дица гьесие махсара гьабуна телефоналдасан, Путинилгун бачараб квер диеги бокьун бугин бачине, гӏебеде щвезегӏан чуругейин абун. Велъулев вукӏана.
Цо заманалда Тӏайгибица ахӏун бачӏана жинда гьаниб чӏалгӏун бугин, Улан-Удэялде бокьилаанилан. Гьединлъидал дица вас витӏана Москваялде гьесда хадув. Тӏайгиб гьеб мехалда жиндирго гьудуласул дова вукӏана. Амма ракӏалдаго гьечӏого гьев цӏидасан больницаялде ккана. Васги Улан-Удэялде вачӏана нахъвуссун. Цинги Тӏайгибил яцалъ абуна гьанжеялдаса хадув жидеца гьев Дагъистаналде вачинин.
Дица абулаан Тӏайгибида гӏелин воржаравщинав, гьанже хӏалхьи гьабизе заман щун бугилан. Гьимизеги гьимун, квер хьвагӏулаан гьес, жеги цо-кӏиго соналъги воржун, чӏелилан. Зобалаздаса хирияб жо гьесие букӏинчӏо.
Хваниланцин кколаро дида гьев. Щайгурелъул лётчикал холаро, гьел зобалазде роржун уна.
З. Хӏажиева