ДРялъул бетӏерасул ишал тӏуралев Сергей Меликовас гьал къоязда Каспийскиялъул администрациялда тӏобитӏараб данделъиялда бицана гьеб шагьар цебетӏезабиялъе ругел нухазул хӏакъалъулъ.

Меликовас абуна аэропорталдегун Махӏачхъалаялде гӏагараб, ралъдал рагӏалда бугеб Каспийскиялда туристазе цересан гостиницабиги рекӏелгъеялъе батӏи-батӏиял комплексалги разе бегьилаанила, амма гьелдалъун шагьаралъул гӏадамазе квалквал ккелила тӏабигӏаталъ кьураб бечелъиялдаса пайда босизе (ралъдахъе ине, масала). Гьединлъидал гьеб иш бакӏалъул гӏадамазул ихтияралги тӏалабалги хӏисабалде росун гьабеян тӏадкъана гьес.

Гьединго хӏажат руго аэропорталдегун Каспийскиялъул флотилиялдехун унел ва шагьаралда жанисел нухал къачӏазе, шагьаралда гӏунгутӏи буго гьекъолеб лъел рахъалъги.

Цогидал бакӏаздаго гӏадин, рукӏа-рахъиналъулгун коммуналияб магӏишатги беццулеб хӏалалда гьечӏо гьениб (басралъарал минаби, токалъул кварал, хӏухьладалъун шагьар хинлъизабулеб система).