Гьал къоязда ДРялъул бетӏерасул ишал тӏуралев Сергей Меликов щвана Бабаюрт районалда ругел Рутул мухъалъул хъутабазде. Гьенирго руго магӏарулазул Кӏусур росдал гӏадамалги.

Хъутанчагӏаз бицана жидее квегӏенал нухалги, лъалъадизегун гьекъезе лъимги, школалгун больницабиги, токгун газги къваригӏун ругилан. Амма гьел суалал тӏураялъе квалквал гьабулеб буго хъутабазул ракьазул даража чӏезабун гьечӏолъиялъ.

Тӏадежоялъе, гьитӏинаб справка къваригӏанигицин, хъутаналда гӏумру гьабулев пуланав чи, жин- дир хъвай-хъвагӏай бугеб, бакӏалде магӏарухъе щвезегӏан ине кколев вуго гьелда хадув.

Сергей Меликовас абуна жинца чанго министерствоялъе тӏадкъай кьун бугила гьелда хурхун за- коналъул проект хӏадур гьабизе. Ахиралда, жамгӏиял данделъабиги тӏоритӏун, гӏадатиял гӏадамазда цебеги лъезе бугила гьеб.

Гьеб законалда тӏад хӏалтӏизе вакилзаби жалго хъутанчагӏазда гьоркьосаги рищизе бегьулин абуна Меликовас гьезда.

Хадуб гьес рагӏи кьуна гӏи-боцӏухъабазе гӏарцудалъун кумек гьабизеги.