29 маялда Хасавюрт шагьаралъул Маданияталъул кӏалгӏаялда тӏобитӏана “Бищун лъикӏай мугӏрул яс — 2021” абураб республикаялъул къецалъул финалияб бутӏа. Тадбир тӏобитӏана жамгӏиял хӏаракатчагӏи Патӏимат Гӏабдурахӏмановалъ («Фати-добро») ва Марьям Шафиевалъ.
Къецалъул букӏана 3 бутӏа ва гьел тӏоритӏизе кколаан 2020 соналдаго. Амма дунялалдаго бугеб захӏматаб ахӏвал-хӏалги хӏисабалде босун, финалияб бутӏа нахъ бахъизе ккана. Къецалда гӏахьаллъизе бегьулаан 18 сонил ригьалдаса 35 сонил ригьалде щвезегӏан ругел ясал. Гӏахьаллъи гьабуна 170 ясалъ. Кӏиабилеб бутӏаялде рорчӏана 49-ял. Гьез битӏизе кколаан жидергоги, жидерго росдал гӏадатазулги, рукӏарахъиналъулги хӏакъалъулъ бицунеб видеоролик. Лъабабилеб, ай финалияб бутӏаялде йорчӏана 12 гӏахьалчӏужу. Амма гьезда гьоркьосаги 8 ясалъул гурони гӏахьаллъизе рес ккечӏо.
Къецалъул гӏахьалчагӏазе къимат кьезе гӏуцӏун букӏана жюриги: шагӏир Тубхӏат Зургьалова, “Магӏарулай ”журналалъул редактор Баху Мухӏидинова ва “Спартак” маданияталъул кӏалгӏаялъул нухмалъулей Гӏайна Гӏабдулгӏазизова.
Гӏахьалчагӏазе битӏккейги гьарун, байбихьана къецазде. Гьез цереккунго хӏадуризе кколаан батӏи-батӏиял тӏадкъаял. Къец гӏуцӏун букӏана чанго бутӏаялдаса. Тӏоцебесеб бутӏаялда щияй гӏахьалчӏужуялъ бицана жиндиргоги, жиндирго гӏагараб ракьалъулги хӏакъалъулъ. Кӏиабилеб бутӏаялда гьез бихьизабуна жидерго рос- дал миллияб ретӏел. Лъабабилеб бутӏаялда гьезие хӏадурун букӏана тарихалдасанги гӏадатаздасанги гӏуцӏараб викторина. Ункъабилеб бутӏаялда рихьизаруна, жидерго росдал гӏадатги кьочӏое босун, лъурал театралиял церерахъинал.
Хӏалуцарал къецазул хӏасилалда тӏоцебесеб бакӏ босана ва “Бищун лъикӏай мугӏрул яс — 2021” абураб цӏаралъе мустахӏикълъана Шамил районалъул Ракьуб росулъа Мухӏамадова Фатима.
“Бищунго балагьаразе асар гьабурай” абураб цӏар щвана Дахадаев районалъул Харбук росулъа Сулейманова Разияе.
Бергьенлъи босарай Мухӏамадова Фатимае кьуна 100 азарго гъурущги тӏоцебесеб даражаялъул дипломги, хутӏарал гӏахьалчагӏазе — дипломалги сайгъаталги.
— Гьаб къецалда гӏахьаллъизе дун тӏамуна гӏагараб ракьалде бугеб рокьиялъ. Дие цӏакъ рокьула дирго районги, росуги, ракьцоялги. Гьединлъидал бокьун букӏана бергьенлъиги босун гьел рохизаризе. Дие бокьун буго кӏудияб баркала кьезе гьаб киналдего рокьи бижизабурал дир кӏудияв инсуеги кӏодоэбелалъеги, сундулъго кумек гьабулел, кидаго хьолбохъ чӏолел дир эбел-инсуеги. Жакъа дида дирго рекӏел хӏал загьир гьабизе рагӏаби ратулел гьечӏо. Дие гьаб бергьенлъи букӏине буго жеги цеехун ине къуватги хӏалги кьолеблъун. Дица хӏаракат бахъила унго-унгояй мугӏрул ясалъул цӏар кидаго цӏунизе”, — ян бицана Ф. Мухӏамадовалъ.
Гьединаб къец щибаб соналъ тӏобитӏизе бугин бицана гӏуцӏарухъабаз. Жакъа чияр маданиятаз кверде росарал нилъер гӏолилазе гьединал тадбирал чара гьечӏого хӏажатги руго. Гьез куцала гӏун бачӏунеб гӏелалъулъ Ватӏаналдеги, тарихалдеги, маданияталдеги рокьи, бичӏчӏизабула гьелъул бугеб кӏвар.
Мухӏамад Манапов