Сагӏитбег Даитовасул цӏаралда бугеб исламияб университеталда исанаги тӏобитӏана гӏолохъанал гӏалимазда ва хӏафизазда гьоркьоб къец.
Арал соназдаго гӏадин, исанаги рачӏана нижер гьанире иргадулаб конкурсалда гӏахьаллъизе Москваялдаса, Грозныялдаса, Владикавказалдаса, Татарстаналдаса, Башкортостаналдаса, Владикавказалдаса гӏалимал ва хӏафизал.
Кӏиго къоялъ халат рахъарал къецазул хӏасилалда гӏелму цӏикӏкӏун лъаялъул рахъалъ бергьенлъи босана шайих Гӏабдурахӏман-хӏажил цӏаралда бугеб исламияб институталъул мутагӏил, Шамил районалъул Гӏасаб росулъа Рашид Мухӏамадовас. Гьев вахъана конкурсалъул бищун хирияб призалъул хважаинлъун. Рашидие щвана Къуръан ва автомашина. Кӏиабилеб бакӏалъе мустахӏикълъана шайих Мухӏамад- Гӏарифил цӏаралда бугеб исламияб университеталъул мутагӏил Мухӏамад Сайпудинов. Гьесие кьуна лъабазарго долларги ноутбукги. Лъабабилеб бакӏалда гӏей гьабуна шайих Мухӏамад-Гӏарифил цӏаралда бугеб университеталда цӏалулев Гӏабдулмажид Гӏабдулмажидовас. Гьесие кьуна ноутбукги 1500 долларги.
Гирай Хӏайдаров