Гьаб буго дунялги багӏарараб, рохьазда цӏаял ккеялда хӏинкъиги бугеб заман. Гьединлъидал цӏадудаса рохьал цӏуниялъе гьабун бугеб хӏадурлъиялъулги, рухӏарал рохьал рукӏалиде ккезариялъе гьарулел тадбиразулги бицун нижеца гара-чӏвари гьабуна ДРялъул Рохьил магӏишаталъул комитеталъул председатель Вагьаб Гӏабдулхӏамидовасулгун.
— Вагьаб, рохьазул рахъалъ нилъер республика бечедаблъун рикӏкӏунищ?
— Дагъистан рикӏкӏуна рохьал дагьаб регионлъул. Тӏолабго ракьул 528 гектар гурони рохьаз ккун гьечӏо. Бищун цӏикӏкӏун рохьал руго Цӏунтӏа, Цӏумада ва Лъаратӏа районазул ракьазда.
— Ахирал соназда республикаялъул рохьазда ккарал цӏаяз кигӏанасеб зарал гьабураб?
— 2020 соналда 192,7 гектаралда ккана 20 цӏа. Аллагьасе рецц, исана рохьахъ цӏа ккеялъул хӏужжа ккечӏо. Аслияб куцалда рохьахъ цӏа ккеялъе гӏайибияв вукӏуна инсан. Гьес бакъвараб хер бухӏи яги цӏа свинабичӏого тей. Гӏадамал рохьоре уна хӏухьбахъизе, режула шашлыкал ва, нахъе унелъул, цо-цоязда кӏочон тола цӏа свинабизе. Гьелъул хӏасилалда ккола цӏаги.
— Гьелдаго цадахъ рохьазда цӏаял ккеялъе ругел аслиял гӏиллабазул цояблъун рикӏкӏуна рохьал цӏунулезул къадар дагь гьабиги. Гьеб пикру битӏараб бугищ?
— Советияб заманалде дандеккун босани, рохьихъабазул къадар саламатго дагь гьабуна. Гьанже гьеб гъалатӏ букӏараблъи бичӏчӏун буго ва ахирал соназда рохьазул инспекторазул къадар дагь-дагьккун цӏикӏкӏинабулеб буго. 2019 соналда нижеца хӏалтӏуде восана щуго, 2020 соналда — лъабго, исана — лъабго инспектор. Жакъа республикаялъул рохьазул хъаравуллъуда вуго лъабнусгоялдасаги цӏикӏкӏун инспектор.
— Рохьал цӏуниялъе гьаб заманалъулаб техника хӏалтӏизабулищ нужеца?
— Ракӏалда буго исана кӏиго ва хадусел соназда анлъго дрон босизе. Инспекторал, хасго техника ине бажаруларел бакӏазда хадуб хал кквеялъе гьезул кӏудияб кумек букӏина. Цӏа ккеялда хӏинкъи бугел участкабазда хӏалтӏизабизе буго видеомониторингги. Гьеб мурадалда сотовиял операторазул вышкабазда нижеца лъезе руго хасал камераби.
— Масала, рохьоб цӏа ккеялъе гӏайибияв чи ватани, гьесие щиб тамихӏ гьабулеб?
— Цӏа ккеялда хӏинкъи бугеб заманалда рохьоб цӏаги бакун ватарав чиясда щуазарго, идараялда (юридическое лицо) — 50 азарго гъурущ гӏакӏа къотӏула. Масала, бакъвараб хер бухӏиялдалъун рохьоб цӏа ккани, гӏайибияв тӏамула ккараб зарал бецӏизе. Гьеб зарал миллион гъурщидаса тӏаде ани, уголовияб тамихӏалдеги цӏала. Амма цӏаялъ рохьалъе гьабураб зарал гӏарцудалъун рикӏкӏун тӏубаларо. Хӏисабалде босизе ккола зарал ккарал хӏайваналги, гъветӏ-хъарахъги, хварал микробалгун бактериялги, хвезабураб рохьил ракьул гӏуцӏиги, гьелда гьоркьор рукӏунел минералиял цӏамалги… Гьединго, цӏа свинабулаго гьаризе ккарал харжалги. Масала, Таргъуялъул рохьоб цӏа свинабизе бажаричӏого, авиация ахӏизе ккана. Цо сагӏаталъ хӏалтӏаралъухъ вертолеталъухъ кьуна 180 азарго, самолеталъухъ — 440 азарго гъурущ. Гьениб цӏа лъурав чи ватун вукӏаравани, гьев тӏамулаан гӏарац бецӏизе.
— Халкъалда, хасго гӏолилазда ва школлъималазда, гьоркьоб гьеб рахъалъ бичӏчӏикьеялъулаб хӏалтӏи кин гьабулеб бугеб?
— Республикаялъул киналго газетазде нижеца ритӏула гьеб рахъалъ кколел ругел лъугьа-бахъиназул хӏакъалъулъ баянал. Нижер сайталдасан видео-фотоматериалаздалъун бицуна цӏаяздаса рохьал цӏунизе ккеялъул ва цӏаяз рохьазе гьабулеб заралалъул хӏакъалъулъ. Шагьранухазда чӏван буго цӏаяздаса рохьал цӏуниялде ахӏулел «Берегите лес от пожара» абурал гӏадал лозунгал тӏад хъвараб 70 баннер.
Гьебго мурадалда гӏатӏидго пайда босула социалиял гьиназул ресаздасаги. Гӏадамазда малъула рохьазда аскӏоб бугеб, ай цӏа ккезе бегьулел, жидерго ракьул участкабазда ва дачабазда сверухъ бугеб ракьул цогун бащдаб метралъул гӏеблъи бегизе кколин. Амма къанагӏатги ватуларо гьединаб хӏалтӏи гьабулев чи.
МЧСалъул хӏалтӏухъабазда цадахъ школазда тӏоритӏула тӏабигӏат бокьиялде, цӏа ккеялдаса рохьал цӏуниялде лъимал ахӏулел гарачӏвариял. Масала, исана нижер хӏалтӏухъабаз республикаялъул школазда тӏобитӏана 270 рагьараб дарс. Гӏадамазул батӏи-батӏиял данделъабазда ва мажгитазда гьеб темаялда тӏасан гьарурал вагӏзабиги рикӏкӏун, нижер хӏалтӏухъабаз исана гьабуна 500-ялдасаги цӏикӏкӏун гара-чӏвари.
— Рохьал рукӏалиде ккезариялъе щиб гьабулеб бугеб?
— Рохь бухӏараб бакӏ бацӏцӏуна ва гьенир чӏола гъутӏби. «Экология» абураб миллияб программаялъул кьучӏалда, цӏаялъ бухӏараб бакӏ гуребги, гъутӏби чӏейги гъутӏбузул хьон бекьиги данде босани, исана республикаялда рукӏалиде ккезабизе ккола рохьазул ракьазул 514 гектар. Гьеб мурадалда бюджеталдасан биччан буго 10 миллион гъурущ.
— Рохьоб ккараб цӏа хехго свинабиялъе бакӏазда шартӏал гӏуцӏун ругищ?
— Гъоркьиса ккарал цӏаял хехго свинаризе бажариялъ бихьизабуна гьеб рахъалъ лъикӏаб хӏадурлъи букӏин. Гьеб гуребги, цӏаял свинаризе нижее МЧСалъул рахъалдасанги кумек щола. Хираго чӏолеб авиация ахӏиялъе кумек гьабула республикаялъул хӏукуматалъ. «Экология» абулеб милли- яб программаялъул кумекалдалъун щвана цӏа свинабулел машинаби. Цебе, газа-бел гуреб, цӏагун къеркьезе нижер щибго букӏинчӏо. Жакъа буго анлъго цӏа свинабулеб машина: кӏиго Махӏачхъалаялда, хутӏарал — Гъуниб, Лъаратӏа, Казбек ва Къасумкент районазда.
МЧСгун цадахъ комитеталъ тӏоритӏула рохьазда цӏаял свинариялъе хӏалтӏухъаби ругьун гьариялъул учениялги.
60 чиясдасан гӏуцӏун буго цӏа свинабиялъул 20 мобильнияб къокъа, гьединго, жидеего бокьун цӏа свинабулезул 145 дружина.
— Гӏураб къадаралда ругищ рохьихъаби-специалистал, рохьил инспекторал?
— Кӏудияб къварилъи буго специалистал гӏоларого рукӏиналъул. Гӏолилазе бокьулеб гьечӏо рохьил магӏишаталъул цӏалул заведениязде цӏализе ине. Рохьил 1500 гектаралъул жаваб кьезе кколев инспекторасул харж буго 13 гъурущ. Къанагӏатавги инспекторасул гьечӏо транспорт. Араб анцӏго соналда жаниб нижее щвана 20 машина. 2020 соналда абуни, районазул рохьил магӏишатазе кьуна 54 «Нива» ва «УАЗик» машинаби.
— Бакъвараб хер бухӏараб бакӏалда чӏахӏ лъикӏ бижулин абулеб жо битӏараб бугищ?
— Гьеб ккола кьучӏ гьечӏеб хабар. Гӏалимзабаз цебего чӏезабуна бакъвараб хер бухӏараб бакӏалда лъикӏаб чӏахӏ бижулареблъи.
Ахиралдаги абила, лъималазда малъе тӏабигӏат цӏунизе кколеблъи.
Тӏабигӏаталда, хасго рохьоб цӏа бакила гьеб тӏибитӏиялъе рес гьечӏеб бакӏалда, ва, нахъе унаго, свинеги гьабила.
Цӏияб законалда рекъон, нилъерго участкаялдацин я бакъвараб харида, я кьищниялда цӏа лъезе бегьуларо.
Н. Нуриев