27 маялда «Хӏакъикъат» газеталъул хӏалтӏухъаби щвана Буйнакскиялъул педучилищеялде гьоболлъухъ. Дагъистаналъе автономия кьуралдаса нусго сон тӏубаялда данде ккезабун, кӏудияб тадбир тӏобитӏана гьеб къоялъ училищеялъул азбаралда.

Бечедаб тарих буго гьеб цӏалул идараялъул. 1975 соналде щвезегӏан училищеялда абулеб халкъияб цӏар букӏана Авар педучилище абун. Гӏадада лъураб цӏарги букӏун батиларо гьеб.

Шурагьиб цӏалул идараялъ къватӏире риччарал машгьурал магӏарулазул, гьединго дагъистаниязул сияхӏ халатаб буго.

ИНКЪИЛАБАЛЪУЛ ЦЕРЕХЪАБИГИ ГЬАНИР ЛЪАДАРАНА

Цебегоялдаса нахъе анищ букӏана Буйнакскиялъул педучилищеялде щвезе. Республикаялдаго тӏоцебе рагьараб тӏадегӏанаб цӏалул идарайин абизе бегьула гьелда. ХӀX гӏасруялъул 80-абилел соназда гьениб букӏана реалияб училище, ай гьелдаса нахъе ана 140 сон.

Гӏасруялъул тарихалда жаниб Шурагьир цӏаларал машгьурал дагъистаниязул сияхӏ гьитӏинаб гьечӏо. Байбихьул классазул мугӏалимзаби хӏадурулеб цӏалул аслияб къебелъилъун букӏана Авар педучилище.

Гьениб лъай щвана инкъилабалъул машгьурал хӏаракатчагӏи Махӏач Дахадаевасеги, Султӏан-Сагӏид Казбековасеги, Мухӏамадмирза Хизроевасеги ва гьел гурел цогидазеги.

Араб гӏасруялъул 30-абилел соназда гьенир цӏалана Социалистияб Захӏматалъул Бахӏарчи, мугӏрузул чанго районалъе нухмалъи гьабурав Хунзахъа Мухӏамад Махуловги, кӏудияв шагӏир Расул Хӏамзатовги, гьесул вац, магӏарулазул тӏоцевесев академик Хӏажи Хӏамзатовги, хъвадарухъан Мухӏамад Сулимановги, бищун захӏматал соназда республикаялъе бетӏерлъи гьабурав Ругъжаса Гӏабдурахӏман Данияловги, гьесулго вац Хӏажагӏали Данияловги.

«1880 соналда гьениб букӏана реалияб училище. Гьелъул кьучӏда рагьана хадуб училище. 1930 соналда Хунзахъ рагьараб педкомбинат 1933 соналъул ахиралде Буйнакскиялде бахъана. 1934 соналдаса нахъе байбихьанин абизе бегьула Буйнакскиялъул педучилищеялъул тарих. 1975 соналде щвезегӏан гьеб лъалаан Авар педучилище хӏисабалда. 1975-1994 соназда гьеб кколаан Буйнакскиялъул педучилище. 1994 соналда училище лъугьана Расул Хӏамзатовасул цӏаралда бугеб педагогикияб колледжлъун», — ан бицана педколледжалъул директор Бартихан Гӏумаровас.

ХӏАМЗАТИЛ РАСУЛИЛ СТЕНД ВА МИЛЛИЯБ КВЕН-ТӏЕХ

Роцӏараб, хинаб ихдалил къо букӏана ниж Буйнакскиялде щвараб къо. Педучилищеялъул азбаралъуб радалго чӏаголъи бугоан. Кьер-кьерал гурдалги ретӏун, хъахӏал-хъахӏилал гурмендабаз рахчун гьурмалгун, гӏолохъанал ясал дандчӏвана нижеда. Намусго гьимулаго, нижее рорчӏами кьезеги нечон, аскӏосан ана гьел. Педучилищеялъул минаялда цеве цӏакъ разиго гьимулев, хъахӏаб гурдилъ къамартӏго вугев чи вачӏана аскӏове. Гьев вукӏана колледжалъул директор Бартихан Гӏумаров. Гьесул рази-ракилъиялъухъ балагьун, бичӏчӏулеб букӏана гьалбадерие гьес кӏудияб тадбир хӏадурун бугеблъи.

Газеталъул бетӏерав редактор Гӏумахан Гӏумахановасулгун харбида вугоан ригь арав чи. Гьев ватана 61 соналъ колледжалда хӏалтӏулев Чӏикӏаса Хӏажи Исмагӏилович. Урхъарал гьалбадерида гӏадин, цӏакъ разияб дандчӏвай гьабуна гьесги.

Байбихьуда чай гьекъезеги ахӏун, директорас ниж педколледжалъул тарихалъулгун лъай-хъвай гьабизе рачана.

Тӏоцебесеб тӏалаялъул къадада чӏван ругел суратазда цере лъалхъана киналго.

«Йохъ, дун гьобол гуро гьаб минаялъул, дун даимав студент вукӏана, вуго» абурал кӏудияв шагӏирасул рагӏаби рукӏана гьенир бетӏералъе лъун. 1980-абилел соназда Расул Хӏамзатов училищеялде гьоболлъухъ вачӏиндал рахъарал суратал ругоан гьел.

Араб гӏасруялъул 30-абилел соназда гьенив цӏалана шагӏир. Гьанже колледжалъе гьесул цӏар кьеялдасанги бихьула гьениб Расулил къимат гьабулеб букӏин.

Лъабабилеб тӏалаялда гьалбадерие хӏадурун батана тӏагӏамаб кванил тепси. Киналго миллатазул умумузул квен-тӏехалъул чанго стол бугоан кӏалбиччанкъоялде гӏадин хӏадурун. Щибаб столалда нахъа эхетарал берцинал ясаз къокъго бицана жидерго миллияб кванил тарих, щибаб нигӏматалда цӏар, гьеб хӏадурулеб къагӏида.

Амма, хабаралдасаги нилъее хинкӏал лъикӏилан, лъарагӏазул кициги ракӏалде щвезабун, киналго столалда нахъе ахӏана колледжалъул хӏалтӏухъаналъ.

УМУМУЗУЛ КЕЧӏ-БАКЪАН

Гьединаб букӏана тадбиралъул тӏоцебесеб бутӏа. Колледжалъул азбаралъуб зурма-къолол сас бугоан.

Кьер-кьераб формаялъул миллияб ретӏел ретӏарал гӏолохъанал руччабазул цӏун бугоан колледжалъул гӏатӏидаб азбар. Гьеб къоялъгӏан гӏемерал, гьайбатго ретӏа-къарал ясал жеги рихьун рукӏаралищалиги ракӏалда гьечӏо. Умумузул ретӏел гьезда рекъон букӏараб куц. Хъахӏал гурмендабазда гъоркьан намусго гьи- мулаго цересан унел гьел рихьидал, огь, дир гӏолохъанлъи, букӏарабани гӏумрудул 18 сон, цӏияй бахӏаралда цадахъ инаан жакъа Шурагьисайилан абулеб рагӏана гьенив вукӏарав цояс.

Студентаз бихьизабуна Гӏахьвахъ некӏо йокьулелъул гордухъе тӏагърал рехулел рукӏараб гӏадат, магӏарухъ тӏобитӏулеб оц баялъул байрам, бахӏарай лъадае ячунеб куц.

Шамил районалъул Гьоор росдал вакилзабазул букӏана гӏатӏидаб церерахъин — ихдал тӏоцебесеб рахъ бай ва некӏсияб бертин.

Гьединалго гӏадатал рихьизаруна Дагъистаналъул щибаб миллаталъул вакилзабазги.

Училищеялда цӏалулев 900 студентасда гьоркьоса 700 чиги гӏахьаллъун кӏудияб тадбир хӏадурун бугоан гьез.

РАКӏАЛДЕЩВЕЯЛ ВА ЖАКЪАСЕБ КЪО

Гьединаб аваданаб къо букӏана Буйнакскиялда. Нижее цӏакъ рекӏее гӏуна жибго тадбирги кӏудияб даражаялда гьеб тӏобитӏизе хӏаракат бахъарал педколледжалъул хӏалтӏухъабиги.

Гьединго училищеялъул къадазда рарал суратазде тӏад вуссине бокьун буго дие. Гьениб лъай щварал гӏадамазда гъорлъ ругоан машгьуралги, машгьурлъи щвечӏониги, чанги чиясул рекӏелъ лъикӏаб лъалкӏги тун, гьаб ракьалдаса аралги гӏадамал. Редакциялъул хӏалтӏухъабаздаги ратана гьенир цо-цо жидерго гӏагабожаразул суратал. Гьез ниж тӏад руссун лъимерлъуде рачана, гьулчун рачӏана ракӏалдещвеял.

Дир эбелалъул имгӏал Гӏабдулхаликъил Мухӏамадги цӏалана Авар педучилищеялда. Захӏматал рагъул соназда ккана гьев Шурагьиве цӏализе.

Кигӏан вакъун-къечон хутӏаниги, жиндир гӏумрудул бищун талихӏал соназул цоял Буйнакскиялъул Авар педучилищеялда анин абулаан. Гьениб щвараб лъаялъ квербакъанила хадуб тӏокӏлъиялда ДГУялъул химиялъулгун биологиялъул факультет лъугӏизабизеги. 23 сон гурони гьечӏев чи институт лъугӏараб соналъго Гьонода росдал школалъул директорлъун витӏун вуго Гӏабдулхаликъил Мухӏамад.

Гьебмехалда комиссиялда гъорлъ вукӏарав республикаялъул бетӏер Гӏабдурахӏман Данияловас, гьав гӏолохъанчи Гьоноде витӏизе кколин, дова школалъул директорги гьечӏого, цӏакъ санагӏат гьечӏеб хӏал рагӏулин абун буго. Кӏиго соналъул стаж хӏажалъуларищилан ректор Абиловас абидал, гьонодисезе стаж гьечӏониги бегьулин махсара гьабун буго Данияловас.

Гьединаб лъай кьолеб къебелъи ккола Буйнакскиялъул педучилище.

Вузал лъугӏарал чагӏаз жакъаги абула Буйнакскиялъул педучилищеялда жидее цӏикӏкӏун лъай щванилан.

Цӏалул программаялъул советияб заманалъ букӏарабго гӏадаб къуватаб даража жидеца жакъаги цӏунун бугин бицана колледжалъул директор Бартихан Гӏумаровасги.

Гьедин хутӏаги мун жеги нусго соналъги, Авар педучилище! Магӏарулазе мунги дуе магӏарулалги кутакалда хӏажат руго.

Ашахан Юсупов