Цо бащдаб сагӏат гурони дица дур заман бахъинарин махсараги гьабун, рагьана дица Чӏарада районалъул бетӏерасул нуцӏа. Нижер гара-чӏвари халат бахъун батана лъабго сагӏаталъ. Ракӏалде щвезабуна цебесеб, бицана жакъасеб цебетӏеялъул, масъалабазул, цӏваби гӏадал цӏаразул, гьездаса бугеб баракаталъул, миллатцоял цолъун гьаризе бегьулел ишазул хӏакъалъулъ. Тӏад юссун диктофоналъухъ гӏенеккидал, гьеб батана магӏарухълъи къиматал, гьеб цӏилъизабизе бокьарал гӏадамазул накъит.

Узухъда, кӏалъай букӏана магӏарул мацӏалда, гьеб кинабго жакъасеб газеталда лъеларо, лъуни проекталъе кьураб ункъо гьумерги гьелъ цӏела.

— Районалъул нухмалъуда вугел соназда жаниб бищун захӏмалъараб рахъ, гьабун рагӏалде бахъинчӏеб хӏалтӏи кинаб хутӏараб?

— Магӏарухъ берцинаб яшав гӏуцӏизе ккани, токги, лъимги, лъикӏал нухалги гьечӏого гӏолареблъи лъалеб жо бугоха нилъеда. Гьеб лъабабго бутӏаялдаса токалъул мухъал цӏигьари – гьеб батана, кигӏан яхӏ бахъаниги, рагӏалде бахъунареб масъала. Цебеялде данде ккун гӏемераб къадар токалъул бухӏулелъулха гьанже щивав чияс. Токалъ хӏалтӏизабулеб гурони алат батуларо рокъоб. Районалъул бетӏерлъуде вачӏаралдаса нахъе дица гьеб бутӏаялда бугеб масъалаялъул хӏакъалъулъ бицун кагътал хъвачӏеб идара, аскӏове щвечӏев хӏаким хутӏичӏо.

Нижерго ракьцоял, Пачалихъалъул Думаялъул, Халкъияб Собраниялъул депутатазул кумекалдалъун райцентралда лъун буго, анцӏгоялдаса цӏикӏкӏун миллион кьун босараб кӏудияб трансформатор. Гьединго, нижерго гӏадамазул хӏаракаталдалъун росарал руго цогидал росабалъ хисарал трансформаторалги. Амма трансформатор цӏияб бугони щиб, киса-кирего токалъул кварал, хӏубал басралъун, тӏутӏун ругелъул. Гӏемерисел бакӏазда хӏубал хутӏун руго квараз ккун. Компьютерал хӏалтӏизаризецин токалъул къуват гӏоларебги букӏуна заман.

Гьеле гьеб токалъул суал буго хӏукуматалъул кумек гьечӏого нижер хӏал гӏолареб рахъ. Санайилго ниж дандчӏвала росабазул жамагӏаталгун, щиб росулъе щваниги, гьеб суал борхула гӏадамаз тӏоцебесеб иргаялда. Гӏадатиял гӏадамазда кидаго гуро бичӏчӏулеб гьеб масъала тӏубаялъул ихтияр дир яги цогидал районазул нухмалъулезул кверщаликь гьечӏеблъи.

Россиялдаса рачӏарал махщелчагӏиги ахӏун, хӏисаб гьабуна тӏубан Чӏарада районалда токалъул система цӏи гьабизе унел харжазул. Гьел рахунел руго 250 миллион гъурщиде. Токалъул масъала – гьеб тӏолабго республикаялъе гӏахьалаб суал буго. Тӏадчагӏазда гьеб бихьулеб батила, гьез гьелде кӏвар кьелин хьулги буго.

Хутӏарал аслияллъун рикӏкӏунел – нухал рахъиялъул, лъим бачиналъул суалал тӏуразариялъе, жамагӏатал гъункун, кумек гьабула. Гьанже гӏадамаз гӏемер хӏаракат бахъулеб буго жидерго росдал гьумер, яшав берцинлъизабиялъе, барахщичӏого гӏемер харжал гьарулел руго жамагӏаталъе гӏоло. Мисалалъе, Рилъаб росулъ гьитӏинаб жамагӏат бугониги, нух цӏи гьабиялъе гӏемераб яхӏ бахъана. Гьединал мисалал росабалъ гӏемерал руго.

— Масъала камураб росу букӏунаро. Бугищ халатбахъун гьеб тӏубан бахъинчӏеб бакӏ?

— Ракьазул масъалаги камулеб гьечӏо цо-цо. Советияб заманалдаса нахъего гьеб рахъ жеги роцӏунеб гьечӏо республикаялда. Гьанже нахъа заманаялъ, гӏураб росу буго нижер гьаниб Гьимикь абун. Кокрекалда рукӏарал гӏадамал тӏад руссун магӏарухъе рачӏун, колхозалъул ферма букӏараб бакӏалда цо-цоккун мина бан, росугӏанасеб бакӏ лъугьана. Амма административияб единица хӏисабалда бихьизабун гьечӏо жеги. Законалда рекъон бегьичӏониги, байбихьул школаги рагьун буго гьениб. Чачаналъе гочинарураб мехалъ, гьезул росдал колхозги биххун, ракьал рикьун руго аскӏор ругел росабазда гьоркьор. Гьанже гьеб росу бугеб ракь кколеб буго Гӏириб советалъул. Законалда рекъон, гьеб росдае статус кьеялъул суал буго жеги цоцалъа бахъизе ккараб, цебе чӏараб масъала.

Гьединго, Бабаюрт районалда Мингосимуществоялъул ракьалда буго нижер Цадахъ абулеб росу, 900-гӏанасев чи вуго гьенив гӏумру гьабун. Бищун кӏудияб гӏаммаб магӏишат (СПК) буго нижер гьениб. Нижеца мухь кьолел росдал бетӏер, гьесул заместитель, культураялъул хӏалтӏухъабиги ругеб административияб единица буго гьеб. Гӏадамал нижер руго, амма ракь нижер гьечӏо. Жидерго рокъоб прописка гьабизе, рукъалъул зеленка гьабизе рес гьечӏо анцӏ-анцӏ соназ гьенир гӏумру гьабун ругел гӏадамазул. Гьеб суалги хӏукуматалъул кверщаликь буго, кигӏанго бокьаниги, нижер хӏалалдалъун роцӏинабун лъугьунаро. Бабаюрталъул гӏадамазе бокьилищ жидедаго гьоркьобе магӏарул росу бачине, гьединго жидер районалда ругел ракьал нижее кьезеги разилъуларо. Миллатчагӏи нилъ гуро, кин бугониги, гьеб суал борхизе рес буго гьениб. Гьеле гьедин, кӏиябго росдал ракьазул масъала гъапуллъараб гӏадин буго гьабсагӏат.

— Росдал магӏишат гӏуцӏиялъул, гӏи-боцӏи хьихьиялъул рахъ кин бугеб?

— Советияб заманалдаса нахъего риххизе течӏел, лъикӏаб цебетӏеялъул гӏаммал магӏишатал руго нижер. Аслияб къагӏидаялъ гьел руго гъутабазда. Гьениб буго гӏи-боцӏи хьихьулеб ва бекьулеб 95631 гектар ракьул. Саламатго хайир кьолеб буго пиринчӏ бекьиялъ, гӏибоцӏухъанлъиги нахъе ккун гьечӏо.

Ижараялъе ракь босун кулаби цӏигьарулел, гьенир гӏи-боцӏи хьихьулелги гӏолохъаби руго магӏарухъ. Санайил кӏиго-лъабго грант тӏалаб гьабула росдал магӏишаталда хӏалтӏулезе. Гьеб щвараз лъикӏаб магӏишат гӏуцӏулеб буго. Битӏун бицани, ахихъанлъиялъул бутӏаялда гӏемер туркӏи гьечӏо. Гьединго магӏарухъ тӏубан лъугӏун бугин абизе бегьула бугӏа-ролъ бекьи. Жидеего гӏурал бахчадул гурони, могьолал нигӏматал рекьулел гьечӏо гӏадамаз. Нижер гьаниб гуребги тӏибитӏараб масъала батила гьеб. Цебе гӏадин, захӏмат цӏан яшав гьабизе бокьулеб гьечӏо гьанже. Ихдал-хасалихъе гъутабазде щола ниж, щибаб магӏишаталде раккун, бугеб ахӏвал-хӏалалъул хал гьабула. Гъутабиги руго нижер захӏматал бакӏазда. Масъала буго гӏиял рехъаби риидалил мучӏдузде гочине нухал гьечӏолъиялъул. Гьединлъидал машинабазда рехизе кколел руго, цӏакъ гӏемерал харжалги гьарун. Цо КамАЗ гӏиял магӏарухъе бачине ккани, 45 азарго гъурущ кьезе кколеб буго. Магӏарухъе гочинабичӏого, риидал гъутабаздаго чӏани, ракъдалаб сон бачӏиналъул хӏинкъиги буго. Гьединал соназ гӏи-боцӏи хвеялъул хӏужжаби цӏакъго цӏикӏкӏуна. Авлахъал лъалъазе рес гьечӏо нагагьги бакӏазда, гӏицӏго Аллагьас рахӏмат кьеялде хьулгун рукӏуна гӏи-боцӏухъаби. Гьаб лъагӏалида жанибги, ракъдаллъи ккеялъ гӏезегӏан зарал ккана гӏи-боцӏухъабазе.

Нахъеги тӏад вуссун абила, ракьал рикьиялъул суал хӏакимзабаз Махӏачхъалаялда кабинетазда гӏодор кӏусун тӏубан толеб буго. Малмулкалъул министерствоялъ байбихьудаса ахиралде щвезегӏан мухӏканлъи гьабулеб гьечӏо гӏи гочунеб нух бугел ракьазул. Кагътида номерал лъей гурони, жалго мугӏрузде щун, «гьаб бакӏ нужер, гьаб нижерин» роцӏинабичӏеб мехалъ, гьеб суал масъалаялде сверулеб буго.

— Рагӏалде рахъарал, мун разиял ишал кинал ругел?

— Жакъа къоялде гьабун рагӏалде бахъаралъул хӏисаб гьабураб мехалъ, гьаб гьитӏинаб районалъул хӏажалъаби тӏуразе хӏукуматалъ гӏемер гӏарац биччан буго. Гӏайибал чӏвазе гӏедегӏула нилъ хӏукуматалда, амма транспорталъул налог кьезецин бокьуларого рукӏуна. Ахирал соназ налогал ракӏариялъул рахъалъ цебесеб кьерда руго ниж, росабазул бутӏрузги яхӏ бахъулеб буго гьеб рахъ цебе бачине. Араб соналъ 50 миллионгӏанасеб налог бакӏарана нижерго гьаниб, гьебго лъагӏалида жаниб районалъул хӏажалъабазе 200 миллионалдаса цӏикӏкӏун харжалги гьаруна. Гьелги аслияб къагӏидаялъ нухал гӏатӏид гьариялъе, кьоял раялъе ва хъил тӏеялъе. «Мой Дагестан, мои дороги» программаялда рекъон, лъикӏалан сурсатал щвана нижее. Районалда жанире рачӏунеб аслияб шагьранухда хъилалъул кӏиабилеб гъатги лъолеб буго, цоги рахъаздаги жеги унел руго нухазул хӏалтӏаби.

Росабалъ бакӏарараб налог жидеего пайдаялъе хутӏулеб букӏинги кидаго гуро бичӏчӏулеб халкъалда. Гьитӏинаб-кӏудияб росу батӏалъи гьечӏого, гьениса депутатас жамагӏаталъе хӏажатаб тӏалаб гьабула. Гьезул суалал районалъул сессиялдеги росун, бищун чара гьечӏеб масъала тӏубаялъе гӏарац биччазе хӏукму гьабула.

Гӏемерал машгьурал гӏадамал гьоболлъухъ ахӏула нижеца. Чӏахӏиял хӏакимзабазда, хӏурматиял гьалбадерида бихьизе мустахӏикъаб хӏалалда букӏинчӏо районалъул администрациялъул мина. Гьаб заманалда рекъон, киналго отделазе гӏатӏилъи букӏунеб хӏалалъ, гьеб мина бан бахъунеб буго. Дица абиларо нижеца цӏакъго чӏахӏиял ишал гьарулел ругин гьанир, кин бугониги, районалъул гьумер, гӏадамазул гӏумру берцин гьабулеб гӏезегӏанго хӏалтӏи рагӏалде бахъана тарбия-лъай кьеялъул, сахлъи цӏуниялъул ва цогидал бутӏабазда.

Гьеб киналъего нижерго ракьцояз, ай депутатаз, хъулухъ-ишалъ церетӏураз кӏудияб кумек гьабула. Районалъе гӏаммаб ишалъе гуребги, гӏемерав чиясе киридахъ квербакъулев чи вуго Халкъияб Собраниялъул депутат Сагӏдулаев Мухӏамад. Гьес районалъе гьабунщинаб кумекалъул хӏакъалъулъ бицун хӏал кӏвеларо.

— Сундаса мун чӏухӏулев, Мухӏидин?

— Нилъер гьитӏинаб миллаталъул дунялалдаго рагӏараб кӏодолъиялдаса чӏухӏула. Хъвагӏазе кӏолареб, хӏалихьатаб цӏар гьечӏеб миллат буго магӏарулазул. Гьаб миллаталъул гурищ республикаялъул тарих, къадру борхизабулел гӏадамал, цӏарал кидаго рукӏарал. Кигӏан кӏудияв хӏакимасухъе унев вугониги, дида кӏочонаро дун щиб миллаталъул чи вугевали. Гьелъул къадруялда рукӏине лъайги бажариги – гьеб буго цоги суал. Гьеб кӏочене бегьуларо нилъеда, хадур гӏун рачӏунезеги миллияб кӏваралъул бичӏчӏи кьезе ккола. Гьединго чӏухӏула чӏарадисезул ракьалдаса дунго ватиялдаса, кир ругониги, дирго ракьцоязул цебетӏеялдаса вохула. Нижеца кӏванагӏан хӏаракат бахъула цӏар рагӏарал спортсменазулгун цоги машгьурал гӏадамазулгун гӏолилазул дандчӏваял гӏуцӏизе. Цӏиял гӏелазе мисаллъун рехсезе дагьав чи гьечӏо нилъер. Хас гьабун чӏарадисезул бицани, цоцалъ гъункарал гӏадамал руго ниж. Политикаялъул яги цоги рахъазда рагӏи дандеккунгутӏи букӏине бегьула нижер, амма ахиралда цо гӏаммаб, киназего пайдаяб пикруялде рачӏуна. Гьеб миллатчилъи гуро, нилъерго ватӏан бокьи буго. Гьитӏинаб ватӏан цӏунулев кӏудиялъеги хилиплъуларо.

— Нилъер заманаялъ гӏадамазулъ дуе рихараб гӏамал?

— Гӏадамал мукъсанлъун руго, цере гӏадинал ракӏ гӏатӏидал гьечӏо. Магӏарухъгицин гьединал гӏадамал ратидал ракӏ унтула. Гьитӏинаб мехалъ мадугьаллъиго гӏагарал чагӏиян кколаан нилъеда. Гьанже жалго жидеего гӏун руго гӏадамал, цоцазул гӏунгутӏи хъирщун гьеб къватӏиб чӏвазабулеб буго. Кӏвар гьечӏолъи, бергӏорцӏунгутӏи – гьел гӏаламаталги гӏемер загьирлъулел руго.

— Сунца пашман гьавулев?

— Кигӏанго дирго рекӏее бокьаниги, кинавго чиясул мурад тӏубазабизе рес гьечӏолъиялъ. Халкъги тӏад ругелги рази гьарун лъугьунарого букӏуна. Магӏарухъа гӏадамал гочунел руго, росаби чӏороголъулел руго – гьелъ пашман гьавула. Магӏишат-яшав гӏуцӏулаго, гӏаданлъи, гӏадатлъи, чилъи билизе тун бихьидал, ракӏ унтула.

Гара чӏвари гьабуна Патӏимат ГЬИТӏИНОВАЛЪ.